Пятница, 19.04.2024, 02:34 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 14 » Г1АСРУЯЛЪУЛ Г1УМРУ.. Х1АЛТ1УДЕ БУГЕБ РОКЬИЯЛЪ.
14:35
Г1АСРУЯЛЪУЛ Г1УМРУ.. Х1АЛТ1УДЕ БУГЕБ РОКЬИЯЛЪ.

Гьаб соналъул 9 маялда г1умруялъул 100 сон т1убана Хунзахъ росулъа зах1маталъул ветеран, х1албихьи ва лъай ц1ик1к1арай тохтур Хизроева Пат1имат Зайналг1абидовнаялъ. Гьелъ к1удияб бут1а лъуна районалда т1оцересел чанго койкаби гурого гьеч1ел сахлъи ц1униялъул лазаретазда, пунктазда гьенир тохтурзаби г1оларого рук1иналда бан, районалде х1алт1изе рач1арал г1урус миллаталъул вакилзабазда цадахъ районалъул г1адамазул сахлъи ц1униялда. Абизе бегьула жиндирго г1асруялъул г1умру гьелъ г1адамазул сахлъи ц1униялъе кьунилан.

100 сонилаб борхалъудасан балагьани, Пат1имат Хизроевалъ нахъа тана бечедаб ва гьебго заманалда зах1матаб г1умрудул нух. Гьелъул эбел-эмен рук1ана г1елму-лъаялъул къимат гьабулел,гьелъул к1вар бич1ч1улел г1адамал. Гьединлъидал, доб заманалда росу тун къват1ире ц1ализе ясал рит1и ц1акъго къанаг1атаб иш бук1аниги, росдал школа лъуг1ун хадуб, Пат1имат ц1ализе йит1ана гьит1инго гьелъул рак1алъ т1аса бищараб медицинаялъул х1алт1ухъанасул махщел щвезелъун Дагъистаналъул медицинаялъул техникумалде. 1936 соналъ гьебги лъуг1изабун т1ад юссарай П. Хизроева х1алт1изе лъугьуна Хунзахъ рагьараб больницаялде фельдшер-акушерлъун. Гьей х1алт1ана х1алхьи, рах1ат, макьу к1очон тун. Эбел ва лъимер хвасар гьари, гьел кинаб бук1аниги квалквал ккеч1ого рорч1и бук1ана гьелъул т1оцебесеб к1варалъул масъалалъун. Анлъго соналъ гьеб х1алт1удаги х1алт1ун, 1943 соналъ Пат1имат лъугьуна, дагьабги лъай борхизабиялъул мурадалда, Дагъистаналъул пачалихъияб мединституталде. Ц1алиялда цадахъго Пат1имат х1алт1улей йик1уна Мах1ачхъалаялъул госпиталалдаги. Гьел рук1уна ц1акъ зах1матал К1удияб Ват1анияб рагъул сонал. Гьенире рач1унаан чанги зах1матго лъукъарал солдатал. Гьезул чангояв хвалил квач1икьа ворч1изавизе, ругънал сахлъизаризе къуватги, къвак1иги г1ола Пат1иматил. Институт лъуг1ун яч1араб т1оцебесеб соналъ Пат1имат х1алт1изе йит1ула Хьаргаби районалъул централияб больницаялде эпидемиологасул хъулухъалде. Амма, жиндирго районалда тохтурзабазде х1ажалъиги бук1аго, бат1ияб районалда г1емераб заманаялъ х1алт1изе рак1 сасунаро Пат1иматил. 1954 соналда г1агараб районалде т1адги йиссун, 10 соналъ гьей х1алт1ула районалъул санэпидстанциялда врач-инфекционистлъун, бет1ерав врачасул заместительлъун ва хадубги бет1ерай врачлъун. К1удияб бут1а лъуна Пат1иматица гьеб заманалда районалда рахунел унтаби раккич1ого рук1иналъе ва нагагьлъун цониги бак1алда цониги унти загьирлъани хехаб болжалалда гьеб т1аг1инабиялъе.

Киг1анго зах1матаб, унтаби г1емераб, добе-анибе росабалъе ине машина гьеч1еб, лъелго ине кколеб заман бук1аниги, районалъул щибаб росулъе Пат1имат хьвадулей йик1ун йиго чодаги рек1ун сордо-къоялъул бокьараб заманаялда. Гьелъги бицуна нилъеда кинаб бах1арчилъиялъул г1адан гьей йик1араяли.

Пат1имат йик1ана лъай ва махщел ц1ик1к1арай тохтурги. Гьелда к1олаан бокьараб унти чиясул, гьурмахъ ва кверазухъ балагьун т1атинабизе. К1удияб Ват1анияб рагъул ва зах1маталъул ветеран Гьиматов Мух1амадрасулица бицана жив лъабкъоабилел соназда т1уванго унтун, заг1иплъун унев вук1анилан. Гьелъие г1иллаги жинца гьоркьоблъи ккурав цониги врачасда лъалеб бук1инч1ила. Пат1имат Хизроевалда дандч1вайдал, жиндир беразухъги балагьун, т1оцебе гьелъ жинда абунила дур г1обилаб унти бугилан. Гьелъул бихьизабиялда рекъон гьабураб дару-сабабалъ жив т1уванго сахлъизеги гьавунилан.

Пат1имат Зайналг1абидовна йик1ана х1алт1уда жавабчилъи ц1ик1к1арай, рит1ухълъи бокьулей г1адан. Гьелда цадахъ х1алт1арай Магаева Нупайсатица рак1алде щвезабуна, гьабизе рак1алде ккараб иш Пат1иматица нахъ бахъун теч1ого гьебсаг1атго т1убазабуланин, к1вах1аллъич1ого. Гьей ят1а яхъулаанила цойгидаздаса ц1ик1к1араб лъай бук1иналъ, бажарарай нухмалъулей, лъик1ай гьалмагъ йик1иналъ гурейги, жиндир х1алт1ул бечедаб х1албихьи г1олохъанал специалистазе бикьулей насих1атч1ужу, гьез х1урмат гьабулей, унтаразда гурх1улей г1адан йик1иналъги.

Гьаб ахираб заманалда врачал жиб-жиб специальносталда рекъон х1алт1улел рук1аниги, цебе медицинаялъул институт лъуг1арав бокьарав врачасда к1олеб бук1ун буго бокьараб унтиялъе дару-сабаб гьабизе, медицинаялъул бокьараб учреждениялда х1алт1изе. Гьедин, Пат1имат врач-инфекционистасул х1алт1иги тун, х1алт1изе лъугьуна 1964 соналдасан байбихьун мустах1икъаб х1алхьиялде инег1ан, цин Хунзахъ ясли-ахалда, хадуб школалда лъималазул врачлъун. Гьенибги Пат1имат жиндиего хасиятаб ч1аголъиялда, гъеж гурун х1алт1изе лъугьуна. Инсанасул сахлъи рац1ц1а-ракъалъиялда бараб бук1унелъул, гьелъ т1оцебесеб иргаялда к1удияб к1вар кьолеб бук1ун буго лъималазе квен гьабулеб богорукъалдасан байбихьун, гьел регулел, расандулел рукъзабахъ, ахирги азбар-къоноялдаго рац1ц1а-ракъалъи ч1езабиялде. П. Хизроевалда цадахъ х1алт1арай Ч1ух1ай Цахаевалъ, гьелъул х1алт1уе к1удияб къиматги кьолаго, баян гьабуна Пат1имат Зайналг1абидовнаялъул заманалда цо гьит1инабниги х1урул, чороклъиялъул т1анк1, киг1анги тохаб бак1алдаги батизе рес бук1инч1илан. Лъимералъулги унтиялъул цо гьит1инабниги г1аламат загьирлъани, гьелъ цойгидаздаса бат1а т1езабун, гьелъие х1ажатаб кумек гьабулаанилан. Лъик1лъиялдаго цадахъ гьелъул кьварараб г1амал-хасиятги бук1анилан.

Дол рагъул соназда Пат1имат Хизроевалъ гьабураб рак1 бац1ц1адаб хъулухъалъе г1оло гьелъие щвана «За оборону Кавказа» медаль. Ракълилаб заманалдаги П. Хизроевалъул к1вах1 лъалареб зах1мат к1одо гьабуна хас гьабун ц1ар гьеч1ониги, г1емерал грамотабаздалъун, баркалаялъул кагътаздалъун.

Г1умру ч1ун бук1унарелъул ва соназ жиндирабго гьабич1ого толарелъул, сонал индал унтабиги, г1узрабиги камулел гьеч1о. Гьабсаг1аталда Пат1иматица г1умру гьабулеб буго жиндирго цо вугев вас Зубайирида ва хъизан Зайнабида аск1об гьез ва гьезул лъималаз гьей сверун ккун йиго жидерго адабалдалъунги, рокьиялдалъунги, т1алаб-агъазалдалъунги. Хизроева рази йик1уна жиндие рек1ел хинлъиги, рокьиги кьолел хъизан-лъималаздаса ва гьезиеги гьелъ гьарула ц1об г1ат1идав Аллагьасул гурх1ел, гьезул рек1ел мурадал т1урай. Пат1иматица абула, лъималаз жий г1адин, гьелги Аллагьас к1одо гьарегиян.

Бокьун буго, гьаюраб къоги баркулаго Пат1имат Зайналг1абидовнаялъе гьаризе чорхое щулияб сахлъи. Биччанте, Пат1имат, мун кидаго сах-саламат хут1изе дурго хъизан-лъималазда гьоркьой дуего рек1ее бокьарабг1ан заманалда.

Юбилейгун!

Н. Г1алиева

Просмотров: 544 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz