Районалъул нухмалъигун, росдал бегавулгун, санэпидстанциялъул ва сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабигун цадахъ щвана рехсараб г1унгут1и бугеб бак1алде. Гьениб х1акъикъаталдаги иш лъик1 батич1о. Мажгиталда цебе бугеб туалеталъулги гьеб авалалда ругел г1адамазулги канализациялъул лъим гъорлъ жубалеб буго гьекъолеб лъимгун. Ниж гьенире щведал дагь-дагьккун гьеб авалалъул г1адамалги данделъана гьенир. Гьезул цояз абулеб бук1ана жидее гьеб туалет х1ажатаб жо гурин ва гьеб балеб мехалдаги жал данде ч1ун рук1анилан, цогидазул пикру бук1ана мажгиталъе х1ажатхан чара гьеч1ого къвариг1унин ва гьеб нахъе бахъизе бегьуларилан. Лъабабилез г1айиб гьабулеб бук1ана жиндир заманалда гьеб ах1вал-х1алалда хурхун х1алт1и гьабич1ел районалъул нухмалъиялде, росдал бегавуласде, санэпидстанциялде ва цогидалги иш т1аде кколел идарабазде. Даг1бадана, къацандана, ах1дана, амма гьединаб ах1вал-х1ал лъугьиналъе г1айибияв ватич1о. Х1укму гьабуна гьеб суалалда сверухъ г1адлу-низам гьабизег1ан Г1арани росулъ лъим къот1инабизе. Лъимги гьеч1ого росдал г1адамаз щиб гьабилебан гьикъидал, росдал бегавул Хизри Т1алх1атовас абуна советалъул бугин 3 т. лъел баччулеб транспорт, амма жамаг1аталъе гьеб г1оларин, гьединлъидал г1адамаз жидецагоги лъим балагьизе г1амал гьабизе ккелилан. Санэпидстанциялдасан щварал баяназда рекъон гьениб бугеб лъел анализ гьабидал, гьелда гъорлъ бук1ине бегьулелдаса 2-3 нухалъ чороклъи ц1ик1к1ун батун буго. К1иабизеги анализалъе бит1араб лъел х1асилал гьал къоязда лъалеб буго. Гьединго щаклъи ккун анализалъе бит1ун буго больницаялде унеб лъимги. Гьеб ах1вал-х1алалда хурхун районалъул бет1ерасул заместитель Садрудинов Шамилил нухмалъиялда гъоркь райадминистрациялда г1уц1ун буго хасаб комиссия. Комиссиялъул г1ахьалчаг1азе кьун руго хасал т1адкъаялги.
Районалъул централияб больницаялъул поликлиникаялъул заведующая тохтур инфекционист Пат1имат Махуловалъ бицана гьеб ах1валалда хурхун жидецаго гьабулеб бугеб х1алт1ул. Гьелъул раг1абазда рекъон больницаялда регизарун руго 25 чи, гьездасан 11 лъимер. Г1одоркъоял гьеч1ого х1алт1улел руго ва щибаб рокъоре раккун хал гьабулеб буго г1адамазухъ. 2 фельдшерасдасан, участковияв терапевт, медсестра ва педиатрасдасан г1уц1ун буго хасаб х1алт1улаб бригада. Пат1имат Махуловалъ г1адамазда гьарулеб буго нагагь унтун г1аламатал загьирлъулел ругони, нужецаго дару гьабизе лъугьинч1ого хехлъи гьабун больницаялде рач1аян. Гьединго гьелъ бицана гьализабич1еб лъим гьекъезе бегьуларин ва сапунгун кверал чурун, к1ванаг1ан рац1ц1а-ракъалъи ц1унизе х1аракат бахъизе кколилан. Гьединаб буго ахирисеб хабар Г1арани чорокаб лъеца г1адамал унтиялда хурхун. Бищунго г1ажаиблъизе ккараб жо буго гьединаб ах1вал-х1ал лъугьиналъе г1айибияв ватунгут1и ва гьеб цоцазде рехун тей.
И. Мух1амадов
|