Вторник, 16.04.2024, 22:23 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июнь » 5 » Г1АЧИЯЗЕГИ РОКЬУЛА ЖАЛГО РЕЭДУЛЕВ ЧИ.
12:32
Г1АЧИЯЗЕГИ РОКЬУЛА ЖАЛГО РЕЭДУЛЕВ ЧИ.

Экономикияб кризисалъул шарт1азда фермерлъиялъул маг1ишатал, кооперативал г1уц1и, гьел церет1езари ккола, улка лъик1ал квана-гьекъеялъулал ниг1матаздалъун хьезариялъе чара гьеч1ого х1ажатаб ишлъун. Гьединал маг1ишатаз квербакъула улкаялда къойидаса-къойиде дагьлъулел, къалел ругел х1алт1улел бак1ал ц1ик1к1инариялъе, мискинлъиялдаса хвасарлъиялъе, бизнес цебет1езабиялъе.

Нилъер районалдаги руго г1езег1ан фермеразулал маг1ишатал, производствалъулал кооперативал. Гьездасан г1емерисел г1иц1го кагътида ругел ратаниги, руго гьезда гьоркьор, цо-цо рук1ине кколел къаг1идаялъ х1алт1улел, церет1уралги.

 

Райцентралдаса 17 километралъ рик1к1адег1ан буго Заг1иб росу. Гьеб росулъа фермер Абакаров Мух1амад Мух1амадовичас росдадаса 2-3 километралъ добег1ан рагьун буго «Заг1иб» абун ц1ар лъураб росдал маг1ишаталъул производственныяб кооператив. Гьениб гьес бан буго г1и-боц1ул фермаги. Т1оцебе Мух1амадихъе гьоболлъухъе унеб мехалда бер реч1ч1ула берцинго бараб боц1ул фермаялда ва гьелда цебе кваналел беричал г1ачи-бачазда. Дагьаб цебег1анги гьаб бак1алда бук1ана ч1обогояб авлахъ,-ян бихьизабуна, -СПКялъул нухмалъулев Мух1амадица жиндирго ферма. -Т1оцебе 10 х1айванги босун лъуна дица байбихьи. Гьале гьабсаг1аталда 150 ч1ег1ерх1айваналде, 500 г1иялъажоялде бахуна фермаялда бугеб г1и-боц1ул къадар. Буго 50 беч1ч1улеб г1ака, 20 г1ач1ар, 50 баси, 30 бече. Руго гьанае хъвезе хьихьарал 300 куй, 200 эбелаб чахъу.

Ниж щвана Мух1амадил фермаялда жанире. Гьале фермаялъул цо къот1елалда жаниб руго 2-3 сон барал, цогияб рахъалдехун дагьалги ч1ах1иял хъвезе хьихьарал бусби, гьабцояб бок1оналда руго г1ачиязе къот1араб бак1, гьелда аск1обго къинлъизе заман щварал г1ачиял гъолеб бак1. Фермаялда хьибилалдехун бугеб майданалда нилъер бер реч1ч1ула г1орц1изег1ан рахьги, кормаги щун гогьдарилел ругел исанисел бачазда ва аск1обго бугеб цоги къот1араб бак1алда кормаялъги харица цулъарал 3-ялдаса т1аде сонал арал хъвезе хьихьарал бусби, хут1арал г1уч1рул, реч1улел г1ачи кваналел ругоан дагьаб рик1к1адег1ан бугеб т1огьолъ босараб харил авлахъалда.

Фермаялда аск1обго бан буго г1ачиязул т1алаб-агъаз гьабизе тарав вехьасе ва дояркаялъе, ай цо хъизаналъе г1умру гьабизе лъик1ал шарт1ал ругеб мина.

Дица Мух1амадида гьикъана, гьабгощинаб г1и-боц1иялъе кваназе корма-хер киса нужеца босулебан. Гьеб кинабго жиндир эмен Мух1амад Г1умарович Абакаровас хадуб гъезабулилан гьес диргун лъай-хъвай гьабуна эмен Мух1амадилгун. Фермаялда жаниб тараб боц1ул т1алаб-агъазалда вугев эмен Мух1амадица дие бицана боц1уе кормабиги херги жидеца бичун босулилан. Сордо-къоялда жаниб цо г1акдаца чан литра рахьдал кьолебилан абураб суалалъе гьес гьелъул бат1и-бат1ияб къадар бук1унилан, гьадин бицана: -Руго г1ачи, сордо-къоялъе 10-15 литра рахьдал кьолелги, 20-30 кьолелги. Гьеб бараб бук1уна риидалил, хасалил заманалдаги. Щвана дун беч1ч1араб рахьдал ниг1матал х1адурулей Абакарова Ханика Мух1амадовалъухъеги. Гьей ккола СПКялъул нухмалъулев Мух1амадил эбел. Ханикаца сордо-къоялъе г1ачи реч1ч1ун щвараб чанго нусго литра рахьдадасан нису, х1ан, т1орахь бахъун, кефир гьабун, кинабго рахьдал г1адлу гьабула.

Кибеха унеб «Заг1иб» СПКялъул продукция? Гьеб бичулеб бук1уна Г1арани базаралда жаниб бугеб будкаялъуб. Районалъулго г1адамал бертин-туй гьабулеб бугониги, къварилъи ккараб бак1алде х1ажалъаниги, Мух1амадихъе уна т1огьолал муг1руздагин харибак1азда кванараб боц1ул бихьизе жибго беричаб, т1аг1ам гьуинаб «Заг1иб» СПКялъул гьанада, рахь, х1ан, нису-нахалда хадуб.

СПКялде гьабураб сапаралдаса хадуб дица цебе ч1езабуна Мух1амадил х1алт1и. Гьеб буго г1езаг1ан зах1матаб, кинав ватаниги чияс гьабун бажарулареб, г1иц1го къо бихьулев, рек1елъ къвак1и бугев чияс гьабулеб х1алт1и. Гьеб гуребги, Мух1амад цо-цо мехалъ вук1ине кколев вуго ветеринарлъунги, зоотехниклъунги, бухгалтерлъунги, маг1ишатияв г1уц1арухъанлъунги, х1атта психологлъунгицин, щай гурелъул гьебгощинаб г1и-боц1уда гьоркьоб дандч1валелъул цо-цониги бат1и-бат1иял районазул боц1удасан бач1унги, бруцеллез, туберкулез, ящур ва цоги-цогидалги унтаби. Гьединаб ах1вал-х1алалде ккани, гьесда лъазе ккола унтул г1аламатал ва т1аде ветеринарияв врач щвезег1ан т1оцебесеб хехаб кумек гьабизеги. Гьебгощинаб боц1и кьараго, лъик1аб продукция кьолеб куцалда хьихьизе ккани, зоотехник х1исабалда, Мух1амадида лъазе ккола боц1ул кванил рацион рекъезабизеги, гьезда хадур зоотехникиял т1алабал т1уразаризеги, бухгалтер х1исабалда, гьес х1исаб гьабизе ккола рахъи кьолеб маг1ишат гьаб бугищали лъазелъун кибе, щиб, кинал харжал гьелда т1ад гьарилелали. Гьикъизе бегьула гьав психологлъунги щай вук1ине кколебилан. Щайгурелъул боц1уеги вокьула жалго реэдулев, жидеего квен кьолев, жидедего рокьи бугев чи, гьеб гуребги, гьабгощинаб гьан, рахь, нису, х1ан бичизе ккани, гьес г1адамазулгун гьабизе ккола лъик1аб гьоркьоблъи. Г1адамазеги бокьуларо хъач1ав чиясда к1алъазе. Гьеб рахъалъ босаниги, гьесда лъала г1адамал жиндехунго ц1азе. Мух1амадица жидерго тукаде вач1арав чиясе къот1ун кьола, гьесие х1ажатаб бак1алдаса гьан. Х1ажалъи ккани, г1исин гьабун гьесие х1ажатаб куцалда къот1ун рекъезабула, къвариг1арав чиясе ч1обого ххунги кьола.

Дица Мух1амадида ц1ехана нужер хъизаналъул чанго чиясда кин к1олеб т1убараб фермаялъул кинабго х1алт1и нухда бачинеян. Мух1амадица гьимулаго абуна: -Дагьабго х1алт1уде рокьиги, гъираги бугони, киналго зах1малъаби къун уна. Дун фермаялъул нухмалъулев вугин абун, чвантинир квералги лъун ферма сверун хьвадулев вук1ун данде кколаро, гьабизе ккола бажарарабщинаб жо. Щоларел х1алт1ухъаби киса ралагьилел. Гьел гьеч1ин абун х1алт1и рехун тезе бегьуларо.

Дица Мух1амадида ц1ехана цереч1арал масъалабазулги. Гьес дие бицана чара гьеч1ого х1ажат бугин боц1уе 10м.х40м. бугеб сарай, раг1и-хер, корма лъезе бак1, риидал г1ачи реч1изе бак1 базе. Гьединго боц1уда тарав вехьасе, дояркабазе бугелда т1адеги цоги мина базе.

Гьабгощинаб х1алт1и гьабулелъул Мух1амадие пачалихъалдасан кинаб бук1аниги кумек щун гьеч1о. Жакъа г1адинаб кинавго чи росабиги тун шагьаразде гочунеб, г1олохъанаб г1ел росдал маг1ишаталъул х1алт1абаздаса нахъе к1анц1араб заманалда, Мух1амадица гьабулеб иш ц1акъ к1вар бугеблъун ккола. Гьадин рак1-рак1алъ х1алт1улъе жуварав чиясе пачалихъалъ кьолел грантал, субсидиял щвезе кумек гьабизе т1адаб буго гьеб иш т1аде кколел идарабазда. Рач1а, рахъ кквезин гъеж гурун гьадинаб ишалде гъорлъе лъугьунеб г1олохъанаб г1елалъул.

Н. Г1алиева.

         

Просмотров: 513 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz