Россиялъул президент Б. Ельцинил «РСФСРалда ракьул реформа г1умруялде бахъинабиялъе
нахърахъич1ого гьаризе кколел тадбиразул х1акъалъулъ» абураб, х1акъикъаталда
халкъалъе пашманаб Указалъ 60 соналъ росабазул г1адамазул г1ет1алда г1уц1араб
г1аммаб маг1ишат гьелъул бет1ергьабазе бут1а щвеч1ого биххизабуна. Г1адамазухъа
бахъана х1алт1и, хинк1икълъиги чадикълъиги бихьизабуна халкъалда. Колхозал риххизарун СПКялъ хъвай-хъваг1ай гьабурал
маг1ишатазул бет1ергьабилъун рахъана Ельцинил Указалъ ражизарурал 21
г1асруялъул феодалал, лъилниги т1ад хъаравуллъи гьеч1ел, лъиениги жаваб
кьоларел, бокьа-бокьараб гьабизе риччан тарал удельниял князал, г1аммал
маг1ишатал прихватизировать гьарурал гьезул нухмалъулел.
Бихьулеб, бич1ч1улеб, лъалеб буго закониял гурел, рехсараб
Указги хадусел х1укмабиги хъач1го хвезарун, г1уц1арал СПКяз г1адамал
кваназаризе гьеч1олъи. Гьедин бугониги, пачалихъалъул г1арцулал сурсатал
СПКязул т1ину гьеч1ел чунтбухъе руг1улел руго. Пачалихъалъул ятималлъун,
рохъохъирщалллъун (золушкабилъун) хут1ун руго фермеразул (КФХ) ва хасго жалго
бет1ергьанал маг1ишатал (ЛПХ). Нилъеда лъала КФХяздаги ва гьезие кьолеб
дотациязулъги бугеб чороклъиги, такъсирчилъиги. Лъала гьеб гуреб цогидабги.
Амма нилъеца гьелъул бицуна шурун, кваранисаги-квег1исаги ралагьун «бегьуларев»
чиясда раг1иларедухъ. Амма дагьал ругониги руго г1езег1ан къо бихьун,
зах1мат-къварилъи х1ехьон маг1ишат гьабулел, цо копек пачалихъалдасан кумек
щоларел ЛПХял. Г1урабго боц1и-панз бугел маг1ишатал руго Буц1ра, Хунзахъ,
Г1ебут1а, Г1урк1ач1и ва цо-цо цогидал росабалъги.
Гьал къояз районалъул КФХязул цолъиялъул нухмалъулев
Мух1удада Макъсудовас дир лъай-хъвай гьабуна Уздалросулъа «Сорода» КФХялъул
член Лукъманова Раисатилгун. Нижер гара-ч1вар бук1ана «Р. З.» газеталъул
редакциялда. Гара-ч1вариялда Раисатица бицана:
«Сорода» маг1ишаталъул бет1ер кколев вуго Раисатил рос
Лукъманов Лукъман. Раисат гьеб маг1ишаталъул член кколей раг1ула. Х1ажатаб,
х1алт1и т1адбараб, масала пихъ барщараб мехалъ, кумек гьабизе лъималги
рач1унила. Х1асил, «Сорода» хъизаналъ х1алт1изабулеб маг1ишат раг1ула-кидаялиго
пашманаб машгьурлъи щварав Горбачевас беццулеб бук1араб «семейный подряд»
г1адаб жо. Маг1ишаталъул аслияб доход кьолеб жо к1иго гектар ракьалда бугеб ах,
гьенибго бугила рекьиги. Г1езабулеб раг1ула ахбазан, микьир, гени, г1еч ва
цогидал пихъалги. Пихъ бичун босизе бит1ахъе ахикьего рач1унила г1адамал. Араб
соналъ пихъ бичун щун буго 110 азарго гъурущ. Бичич1ого хут1араб бакъвазеги гьабулила.
Бакъвараб пихъ бичун 20 азарго гъурущги щванила. Гьобол-гьудуласеги кьунила.
Лукъмановазул маг1ишаталда буго 25 ч1ег1ерх1айванги. Гьезул
анц1гояб г1ака бугила. 150 къинлъизе чахъуги бугила. Лукъмановазул г1иял рехъен
хъутаналда раг1ула. Хасел г1ияз къварилъи гьеч1ого т1амунила. Т1ад ран
къинлъулел ругила чахъаби. Т1инч1 лъик1 бахъулеб бугила. К1и-к1и кьег1ер
гьабурал чахъаби дагь гьеч1ин рехъалъан хабар бач1анила хъутаналдаса.
Кинал зах1малъаби дандч1валел ругелан кьураб суалалъе
Раисаица жаваб кьуна, аслияб къварилъи жидее лъел бук1унилан. Г1урабго г1арацги
кьун бичун босанила 10 тонна жанибе т1олеб цистерна, гьабулеб бугила 80 тонна
лъим жанибе унеб бассейнги. Гьеб х1алт1уеги лъик1аланго г1арац харж гьабизе
кколила.
Зах1малъулеб бугила реги-рекьиялъул х1алт1иги. Лукъмановаз
бичун босун буго минитрактор ва хер бецулеб гьит1инабго алатги. Гьеб гьит1инаб
механизациялъ (малая механизация) жидер зах1мат бигьа гьабулеб бугила, х1алт1ул
рахъиги ц1ик1к1анила.
Пачалихъалдасан ах-хур г1езабизе жидее кинаб бугониги кумек
щвеч1ила. Г1и г1езабизе нижееги цогидазего г1адаб дотация щолила.
Ах-хуралъул х1алт1улъ Раисатицаги г1ахьаллъи гьабулеб буго.
Ругьунлъун йигила гъут1би к1уризе, рац1ц1ине, лъалила гъот1ое гьабизе кколеб
цогидаб хъулухъги. К1вараб, бажарараб цогидаб х1алт1иги гьабулила эркенаб
заманаялъ.
Газета ц1алулезе баяналъе Раисат х1алт1улей йиго росдал
администрациялъул секретарьлъунги. Пихъ барщараб мехалъ гьоболлъухъ ах1ана
Раисатица редакциялъул х1алт1ухъаби. Разиго ва баркалагун къабул гьабуна Раисатил
ах1и.
Автор.Г1иса Г1исаев.апрель 2011 год.
|