Пятница, 19.04.2024, 19:06 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 23 » «ДУН Х1ИНКЪУН ВУГО ЛЪИЛНИГИ АГЪАЗ ГЬЕЧ1ОЛЪИЯЛЪ КЪОТ1НОБЕ РЕХУН ХУТ1ИЛИН НАИБАСУЛ ГВАНГВАРАЯН»
14:43
«ДУН Х1ИНКЪУН ВУГО ЛЪИЛНИГИ АГЪАЗ ГЬЕЧ1ОЛЪИЯЛЪ КЪОТ1НОБЕ РЕХУН ХУТ1ИЛИН НАИБАСУЛ ГВАНГВАРАЯН»

ХIажимурад ХIажимурадил хакъалъулъ

ХIажимурад ХIажиевасда лъун буго наиб ХIажимурадил цIар. Гьавизеги гьев гьавуна 23 апрелалда, наиб ХIажимурад хвараб къоялъ. Гьедин ХIажимурад ХIажиевасулгун нижер гара-чIвариги бициналде буссана.

-ХIажимурад, «Честь имею!» абун дур инсуца хъвараб тIехь цIалун букIана дица. Гьениб берцинго хъван бугоан нужер хъизаналъул хIакъалъулъ. Масала, 30 абилел соназда Ростовалда букIараб хьитазул фестивалалда нужер кIудияв инсуе бергьенлъи щун букIанилан.

-У, лъикIав хьитазул устар вукIун рагIула гьев. Амма рагъ байбихьидал, жиндиего бокьун гIарзаги кьун рагъде инчIого чIун гьечIо, рокъов чIезе рес букIаниги. Щайин абуни гьесул цIобалде ккараб ункъо лъимер букIана рокъоб. ГIемер мехалъ гьев рикIкIунаан араб бакI лъачIого тIагIаравлъун. Хадуб тIатана кIудияв эмен Краснодар мухъалда вукъун вукIин. Гьебги лъана мацIихъабазул кумекалдалъун. Дир эмен разведчиклъун СШАялде ине хIадурулев вукIана. Цинги цояз анонимка хъван буго гьев халкъалъул тушманасул вас вугилан. Гьеб мехалда инсуца тIаде кIвар кьун байбихьана гьесул цIех-рех гьабизе. ТIоцебесеб рагъулъго тIубараб взводгун цадахъ чIван ругоан гьел. ГIаммаб хоб батана гьезул. Гьедин инсуца абулаан доб анонимка хъварав чи лъалеванийила, баркала кьезе. Гуребани, инсул хIакъикъат лъачIогоги хутIилаанила. Гьедин гьанже нижер хъизаналъул гIадат буго Краснодар мухъалде щванани, чара гьечIого кIудияв инсул хабаде зияраталъ унел. Ниж гурелги, нижер гьудул-гьалмагъзабигицин уна гьенире. Цинги нижехъе ахIула жал нужер кIудиясул хабатIе щванилан. Инсуца доб тIехьалда мухIканго хъван буго киб гьеб хоб бугебали.

Вукъараб бакIалда течIого росулъе кинха дов вачинев? Гьединго наиб ХIажимурадги, нагагьлъун гьесул гвангвара тIадбуссинабуни, Хунзахъ вукъизе кколин чIола цо-цоял. Азербайжаналдаго тани, квешищ ккелеб? Гьенире нилъер чагIи зияраталъ хьвадизе лъугьани, кIиябго рахъалда гьоркьоб гьудул-гьалмагълъиги, бухьеналги цIикIкIина.

Гьениб бищунго хIажатаб жо буго наибасул гвангвара тIадбуссинаби.

-Дур инсуца борхулаанищ гьеб суал?

-Доб заманалда гьединал суалал рагьун рорхулеб гIадат букIинчIо. Амма дида лъала, гьесулги Расул ХIамзатовасулги гьелда тIасан хабар букIунаан. СССРалъул культураялъул министрасдасангицин гьеб тIубазе хIалал рихьулел рукIана Расулица. Жеги гIемер чагIаз хIалбихьана гвангвара нахъе тIалаб гьабизе-республикаялъул рукIарал нухмалъулел – МухIамадгIали МухIамадовгун МухIу ГIалиевас, Пачалихъияб Думаялъул экс-депутат ХIажимурад ГIумаровас, ГТРКялъул вукIарав нухмалъулев ХIажи ГIабашиловас. Гьелъул хIасил ккечIо. Ккелеб батила кида букIаниги. Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ кIочоне гьечIо гIадамазда. Гьеб гIезегIан лъикIги буго.

-Амма хундерица Шамилидаса цеве гьавулаха ХIажимурад.

-Гьавула. Кин букIаниги, жидерго чиги вугелъулха (гьимулаго). Дида ракIалда буго имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тIубаялде кутакаб хIадурлъи гьабун букIана республикаялда ХIатта Москваялда Колонназул залалда экс-мэр Лужковасгицин «Аллагьу Акбар» абураб ахIиялда гъоркь лъазабуна жинца имам Шамилил цIаралда мажгит базе ракь кьелин Мосвкаялда жаниб. Амма гьелъул хIасил ккечIо, батIи-батIиял гIиллабазда бан.

Гьеле гьеб мехалда Хунзахъе щвана дун. Гьенибин абуни тIубан сихIкъотIи бугоан. Дида бичIчIиларищха щиб гьебали. БукIаниги, имгIаласухъе щведал, махсара гьабуна дица байрам кIодо гьабулеб гьечIо гурищинха нужецаян. Гьеб мехалда кьварун дихъги балагьун имгIалас жаваб кьуна Хунзахъ гьеб къо киданиги кIодо гьабуларилан. Щайин абуни имаматалъул заманалда хундерил росу кьучIде щвезегIан биххизабун букIана. Гьединлъидал имамасдехунги рокьи букIинищха гьезул. ГIаммаб куцалда босани, имам Шамил къанагIатаб гьунаралъулги хасияталъулги чи вукIана. Гьеб батIияб суал буго. Хундерида данде кквезе, мисалалъе росизе бегьула ХIажимурад вокьуларел росабиги. Чанги руго гьел. Жидер росабиги рухIарав, риххизарурав чилъун рикIкIуна гьез наибги. Гьединлъидал киналго ритIарал руго. Шамил вокьуларелги, ХIажимурад вокьуларелги.

БакIарун жидерго къокъагун, хъачагълъи гьабулел рукIанин абула. РукIанаха. Гьединаб букIана чанго гIасруялъ цебехун Европаялдаги, Россиялдаги, цогидаб бакIалдаги гIадамазул гIумру. Цо-цоялин абуни гьанжеги руго гьединаб гIумруялда. Гьединал рукIана гIисинал халкъазулгун кIудиял халкъазул гьоркьорлъаби. Амма дол церехъабиги рукIана кIудияб бажариги къуватги бугел, цIараб заманалда жаниб тIубараб бо бакIаризе кIолел…

-Дур хIисабалда, щай Толстояс Шамил гурев, ХIажимурад тIаса вищарав жиндирго къисаялъул геройлъун. Гьев гIурусалгун рекъеялъищ?

-Дица гьелъул пикруго гьабун букIинчIо. Россиялдаги Европаялдаги гьел кIиязулго хIакъалъулъ букIана хъвалеб, цIикIкIун хъвалеб букIана Шамилил. ХIажимурадил къиса цIакъ захIматго хъванин абула Толстояс. Живго чIаго вукIаго гьес гьеб басмаялда бахъичIо, жиндиего цIунун букIана. Гьес жиндирго рекIелъан биччана гьеб асар. ХIажимурадил хвел кIудияб трагедия букIана ва гьединаб хвелалъ, героясул хвелалъ цIалдолезе кIудияб асар гьабула кидаго. Кин букIаниги Шамил хвана кIудияб ригьалде вахарав мехалъ, жиндирго гIага-божаразда аскIов, хвана хирияб ракьалда. ХIажимурадин абуни хвана гIолохъанго, гьединаб хвелалъ асар гьабула хъвадарухъанасе. Гьелъ тIаса бищун батизеги бегьула ХIажимурадица гьесул образ. Жибго темаги гIагарлъун батилаха гьесие, доб мехалъ Кавказалда вукIаралъул Толстой.

Гьединго Шамил вукIана бергьарав инсанлъун, кIудияв политиклъун. ХIажимурадилъ абуни букIана кутакаб гIищкъул цIа беролеб. Гьелъ асир гьавун ватила Толстой. ХIажимурад холеб бакI цIалулеб мехалъ лъимерлъуда дида битIахъе сири балаан ва дица кидаго пикру гьабулаан кигIан цIакъаб кинодайин гьелъул лъугьинаанилан. Хасго гьанже заманалъул кинематографиялъул тIокIлъабиги хIалтIизарун гьелъул кутакаб фильм гьабизе бегьула. Гьеб иш кодобе босулев чи лъугьани, гьелъул лъугьине букIана битIахъегояб шедевр. Мунагьал чураяв Юсуп Данияловас чанго нухалъ хIалбихьана гьелъие, амма гьесухъе гIарац щвечIо. ГIарац бугонигицин захIмалъизе букIана гьелъул щвалде щвараб фильм бахъизе, гьелъие къваригIуна жиндирго иш рагIа-ракьанде щун лъалев режиссерги, лъикIал актералги.

-ХIажимурад, нагагьлъун ХIажимурадил гвангвара ватIаналде нахъбуссинабизе кIвани, гьелдаса хадуб гьесдехун бугеб интерес хвеладай?

-Хвеларо. Цо-цояз абула наиб Хунзахъ вукъани, гьесдехун бугеб интерес цIикIкIине бугилан. ТIокIабги кибе гьеб цIикIкIунеб. Хунзахъ вукъун вуго гури Абулмуслим шайих, Генув ГъазимухIамад вукъун вуго. Дун хIинкъулев вуго цогидаб жоялдаса. Музеяздаса къиматал жал рикъун арал хIужаби гIемер рукIана. Гванвара гьеб къиматаб, меседил жо гуро, амма гьебги музеялдаса тIагIине ресги буго. Гуро, бикъун гуро, гьадин агъаз гьечIого лъицаниги тун тIагIун, цо къотIнобе рехилин ахирги гьебилан абураб рекIкIаб пикру бачIуна. Нилъее гьеб хадуб кIудияб трагедиялъун лъугьине бегьула.

-Гьеб нахъе кьунгутIиялъе гIилла сундулъ бугиланха дуда кколеб? Цо-цояз абула Россия хIинкъун бугин гьеб ватIаналде нахъбуссинабуни, Дагъистаналда цIидасан рагъ ккелилан абураб жоялдаса.

-Россиялъулъ гуро гьениб иш бугеб, гIадамазулъин. 90 абилел соназда букIинеги бегьулаан гьединаб рагъ ккезе бегьулилан абураб хIинкъи. Амма чанги жо хисана долдаса. ХIажимурадил гвангвара кIочон тарал лъугьа-бахъинал ккана. Гьединлъидал гьеб ватIаналде нахъуссинабунин абун гьелъ гьабизе балагь гьечIо гьаниб.

Гьениб буго гьадинаб жо. Гьеб музеялъул экспонат, пачалихъалъул буголъилъун кколелъул, гьеб нахъе кьезе ккани гьаризе кколел гIемерал жал руго. Нижеца гьел гьарулелги руго. Совет Союзалъ кьуна гури рагъдаса хадуб Дрезденалъул галерея нахъе. Гьелъухъ немцаз гьезие баркала кьолеб буго. Гьединлъидал жидерго, Россиялъул, Кавказалъул, халкъалъулгун кинаб проблемаби гьезул рукIине кколел. Гьел фашистал яги нацистал гурелъидал.

КIул батуларого буго гьезухъе нух бахъулеб. Сабру гьабизе ккола, тIокIалъ чIечIого гьаризе буго гьеб нахъе кьеян, щибаб соналъ гьаризе кканиги.

Нижеца гьелда жаниб кинабгIаги политика гьабулеб гьечIо. Гьелда гъорлъ коммерциялъулаб яги политикияб интерес баккани, гьелъул магIнаго хисула. Нижер гьединаб мурад гьечIо. Мурад кигIан кIваниги ракIбацIадаб, ритIухъаб буго. Гьелъие гIоло гIемераб хIалтIиги гьабулеб буго, биччараб гIарацги буго. Хвезабураб заманги буго.

Дирго рахъалъ абуни, мунагьал чураяв инсул хIал бохизе гIоло гьабулеб буго дица гьаб кинабго. Гьесул анищ букIана гьеб гIемерал соназ, ХIажимурадил иш рагIа-ракьанде щун лъазаби. Гьеб анищалъ хьихьун вукIана ватIан тун къватIив вугеб мехалъги. Дида гIемер ккола чIаго вукIаравани, кинаб къиматдайин гьес гьелъие кьелаанин. Кидаго ккола гьев вохизе вукIанин дица гьабулеб хIалтIудаса. Гьеб пикруялъ къуватги кьола дие. Цо гIакъиласги абун гьечIищха ракIалдещвеяз кьижизе биччаларин намусилан.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ.

 

Просмотров: 485 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz