Пятница, 19.04.2024, 14:08 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Апрель » 20 » ДУДА К1ОЛА КИНАБГО ХИСИЗАБИЗЕ.
21:38
ДУДА К1ОЛА КИНАБГО ХИСИЗАБИЗЕ.

Гьавуна 1981 соналъул 5 августалда Г1обода росулъ.

Г1агараб районалда гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул росдал маг1ишаталъул академиялде, хадубги заочно ц1алун лъуг1изабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет. Т1адаб рагъулаб налъиги т1убан бат1и-бат1иял соназда х1алт1изе лъугьана Мах1ачхъалаялъул ППСалъул т1оцебесеб полкалда, Мах1ачхъалаялъул Кировский отделалъул уголовныяб розыскалде, гьенисан т1амула Дагъистаналъул жанисел ишазул Министерствоялъул уголовныяб розыскалда,

экстремизмалде ва терроризмалде данде ч1еялъул централда, ОМВДялъул Буйнакский районалда бугеб полициялъул начальниклъун.

2017 соналъул ахиралдасан, жакъа къоялде щвезег1ан х1алт1улев вуго ОМВДялъул Хунзахъ районалда бугеб полициялъул начальниклъун. Йиго хъизан, 1 яс ва 5 вац.

 

 

Т1олгороссиялъул наркотиказде данде ч1еялъулаб акция «Лъазабе, киб бичулеб бугеб г1ажал»

Дуда к1ола кинабго хисизабизе

Г1умруялъул х1албихьи гьеч1ел г1исиснал лъимал, г1олохъаби ккезе бегьула бокьарав баркат гьеч1ев чиясул бербалагьиялде гъоркье. Г1емерлъулел руго нилъер Россиялда т1оцебе наркотиказул х1ал бихьун, хадуб гьездаса инкар гьабизе к1оларого, хут1арал г1олохъанаб г1елалъул къадар. Россиялда гьел сабаблъун лъаг1алида жаниб холев вуго 100 азарго чи.

Жакъа нижеца гьарана Россиялъул ОМВДялъул Хунзахъ районалда бугеб отделалъул начальник полициялъул майор Сайбулаев Мух1амад-Х1ажияв Гъазиявдибировичасда гьеб акциялъул х1акъалъулъ бицеян. Гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.

-Т1олабго Россиялда, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналда ва нилъер районалда унеб буго «Г1ажал бичулеб бак1 лъазабеян» абураб акция. Кинаб мурад гьелъул бугеб?

Акциялъул аслияб мурадлъун ккола-наркотикал ричулеб ва гьел гьарулеб бак1 лъазаби. Республикаялда г1умру гьабулев бокьарав чиясул ихтияр буго законалде данде кколареб къаг1идаялда наркотикал ричулезда данде ч1езе ва нилъерго г1ага-божарал наркотиказда рараллъун лъугьинч1ого рук1иналъе тадбирал гьаризе, мисалалъе босани, киб гьединал х1инкъи бугел, инсан хвалде ах1улел веществаби ричулел ругелали, киб гьел рахчун ругелали баян гьабун. Наркотикал х1адур гьарулел мак ва габанихьонг1адал хурдул кир рекьун ругел ва лъица ричулел ругелали мух1кан гьабун. Гьел ричулеб бак1 т1атани, лъазабизе бегьула гьаб телефоналда: 8(8722)630063. Гьединго ах1изе бегьула дежурналъи гьабулел психологазухъе гьал номеразда рекъон: 8-928-250-19-60; 8-928-947-54-96.

Гьединалго баянал кьезе бегьула телефоналъул гьал номеразде ах1унги.

МВДялъул РД-ялда бугеб дежурныяб часталъул: 99-45-00

МВДялъул РД-ялда бугеб божилъиялъул: 98-48-48

Россиялъул ОМВДялъул Хунзахъ районалда бугеб дежурныяб часталъул: 99-47-85.

-Кинаб ригьалдасан байбихьулеб лъималаз наркотикал х1алт1изаризе?

-Г1емерисел лъимал наркотиказде ругьунлъула 16-24 соназул г1умруялда. Хал гьабиялде росарал наркоманазда гьоркьосан т1оцебе наркотикал х1алт1изаризе байбихьун буго 14 сон бараб мехалдасан байбихьун. Т1оцебе наркотикал х1алт1изаризе байбихьула лъималаз, чанго лъимер цадахъ данделъараб бак1алда. Г1иц1го 13,7 проценталъ х1алт1изабун буго живго лъугьун, к1игоял цадахъ лъугьун-22,5 проценталъ, лъабго ва ц1ик1к1унги чи данделъун-63,8 проценталъ. Х1исабалде босизе ккола г1овул г1ужде рахинч1ел лъимал 2,5-3 нухалъ ц1ик1к1ун лъугьуна наркотиказда рараллъун, ц1ик1к1араб г1елалде данде ккун.

Г1емерисеб мехалда лъималаз наркотикал х1алт1изарула, жалго г1адал лъимал данделъараб бак1алда яги бат1и-бат1иял г1олилазул байрамал, данделъаби гьарулел бак1азда.

-Кисандай лъималазухъе наркотикал щолел?

-Наркотиказул х1акъалъулъ г1иц1го къват1ахъан лъалеб бук1араб заман ана. Гьабсаг1аталда, щивав чиясул рес буго Интернеталде жанибе лъугьине, наркотиказул бицунел сайтазулгун лъай-хъвай гьабизе. Интернеталда ратула баянал киб наркотикал росизе бегьулелали хъварал. Руго сайтал, законалде данде кколарел наркотикал электронияб г1арцуде ричулелги. Ахирал соназда г1одобе ккана «г1адатияллъун» лъугьарал наркотикал х1алт1изари. Наркобизнесалъ гьебги х1исабалде босун, рахъулел руго, щибго зарал гьеч1елилан кколел ц1и-ц1иял веществаби2009 соналде щвезег1ан гьел рук1ана наркотикал гъорлъ ругел рух1улел-«спайсал». Гьел ричизе гьукъун хадуб синтетикаялъул наркотикал ричизе лъугьана рук1а-рахъиналъул химия, косметикиял средстваби, х1айваназе к1алц1и х1исабалда.

Наркотикал т1ирит1изариялъе г1айибияллъун г1иц1го Интернет рик1к1ине бегьуларо. Инсанасда лъалеб бугони наркотиказул зарал ва гьесул жиндирго къвак1араб г1умрудул нухги батани, кинал рук1аниги сайтазги, блогазги т1амуларо гьел наркотикал х1алт1изаризе. Гьединлъидал к1вар бугеблъун ккола г1ун бач1унеб щибаб лъимералда наркотиказул заралалъул бич1ч1изаби.

-Кинаб асар гьабулеб наркотиказ инсанасул черхалъе?

-Наркотиказда абула XXI г1асруялъул чумайилан. Бит1араб къаг1идаялда, наркотик-ккола загьру. Гьеб х1алт1изабулел г1адамал ахир-къадги хвеч1ого хут1изе кинго рес гьеч1о. Наркотикал х1алт1изарулев-гьев ккола экстазаялъул х1асилалда лъабго сордо-къоялъ лъалхъи гьеч1ого кьурдулев студентги, риталиналде ругьунлъарал сабру гьеч1ел, ч1езе къадар лъуг1арал школлъималги. Цо къоялъцин таблетка гьеч1ого г1умру гьабун бажаруларел хъизан-рукъ к1очон тарал руччабиги, кокаиналде ругьунлъарав, гьеб тезеги жиндаго к1оларев к1удияб фирмаялъул директорги.

Марихуана, героин, кокаин, экстази, риталин, алкоголь-щибаб къойил гьел наркотиказ хвезабула миллионал г1адамазул г1умру.

Наркотиказул х1акъалъулъ ООНалъул наркотиказулаб управлениялъ хъвараб докладалда бихьизабулеб буго дунялалдаго 200 миллион чияс х1алт1изарулел рук1ин гьукъарал наркотикал. Россиялда наркотикал х1алт1изарулезул къадар 7 миллионалде бахунеб буго. щибаб моц1алъ наркотикал х1алт1изариялдалъун Россиялда холев вуго 5 азаргог1ан чи, щибаб соналда 100 азаргоялде, г1агарун. Гьезул къадар къоялдаса къоялде ц1ик1к1унебги буго.

Наркотиказул х1инкъи бук1уна т1убараб къаркъалаялъего, щай гурелъул гьез гьеб дагь-дагьккун биххизабулелъул. Гьез хвезабула г1адалзул нахулъ бук1унеб рек1елгун мащабазул центр, ургьисалабазул, т1улил, гьуърузул, рек1ел х1алт1и, лъугьинарула нервабазул унтаби.

Г1ун бач1унеб г1елалда бич1ч1изелъун бачинин гьаниб цо мисал. Х1алицаго г1адин гьездаса ворч1изе к1варав Г1алица хъвалеб буго гьадин:

«Кинабго байбихьана г1иси-бикъинал жалаздасан, ругьунлъана экстази, ЛСД хадубги унго-унгояб наркотиказул коктейль гьекъезе. Цо-цо мехалда кайф щвеялъе г1оло, ц1акъго ц1ик1к1араб къадаралдаги гьекъолаан гьел. Гьеб х1алалда ана 2 сон. Цо сордоялъ ккана рак1алдаго гьеч1еб. Дир къаркъала сородулеб бук1ана. Черхалда бук1араб ах1вал-х1алалъул бицун бажариларо. Абулеб бук1ана гьеб психоз бугилан. Анлъго моц1алъ къват1иве вахъине к1веч1о. рак1алде кколеб бук1ана цо чи дида хадув лъугьун вугилан. Дида машина бачинецин к1олеб бук1инч1о.

Дун вахъана бомжлъун, г1умру гьабулеб бук1ана къват1азда, кьижулев вук1ана картоналъул коробкабахъ. Дун гьардолев вук1унаан данде ккаралщиназда. Х1алихъе балагьулеб бук1ана кваназе квен. Рек1елъ бук1ана кинабалиго ч1обоголъи. Дир бук1ана кинабго: лъик1аб х1алт1и, г1арац, рокьулел хъизан-лъимал. Щибаб доза гьабун хадуб рак1алде кколеб бук1ана гьаб ахирисебилан. Амма ч1езе к1олеб бук1инч1о. рук1ана лах1затал дицаго дирго г1умруялде квер бегьизе бокьаралги. Ахир къадги г1иц1го тохтурзабазул кумекалдалъун к1вана гьездаса ворч1изе».

Гьав Г1алида к1ун буго щиб гьабунги наркотиказдаса ворч1изе. Амма г1емер руго регаралъуса т1аде рахъине к1веч1огоцин цо лах1заталда хварал г1адамалги.

-Гьедиг1ан зарал к1удиял наркотикал кир ва щайдай х1адур гьарулел?

-Ахираб заманалда г1ат1идго ц1ар т1ибит1араб «Насвай» абун ц1ар лъураб наркотик х1адур гьабулеб буго рукъалъул шарт1аздагицин. Гьеб х1адурулеб раг1ула тамахьоялдасан, гачидасан, г1анк1удал яги вараниялъул ракудасан, хурдуздасан ва клеялдасан. Экстазалъул таблеткаялда гъорлъ батун буго г1унк1к1азул загьругицин.

Сундалъун бечелъаниги бечелъизе бокьараз х1адурулел руго наркотикал, ричулел руго г1олохъанаб г1елалъе рохел бук1унин, кеп щолин абун к1удияб рецц-капги гьабун. Х1ал бихьизеян х1алт1изабураб наркотикалъул дагьабго къадаралъцин гьадинаб квешаб ахиралдеги рачунел руго.

-Нилъер районалда дандч1валищ наркотикал х1алт1изарулел г1адамал?

-Нилъер районалъул х1исаб-суалалдаги руго наркотикал х1алт1изарулев анц1ила щуго чи. Х1акъикъаталда гьел 2-3 нухалъ ц1ик1к1ун ратула. Гьединго районалда дандч1вала 11 гьекъолеб жоялъ унтарал г1адамал.

Араб соналда районалда гьабуна наркотикал х1алт1изариялъул кьуч1алда 13 уголовныяб дело. Наркоманазухъа бахъана 73,01 грамм марихуанаялъул, 97 габинихьодал хьуялъул, бекьун батун хвезабуна 507 хьуй габаниялъул ва 54 хьуй макалъул.

Габанихьон бекьун батаразда т1ад гьабуна 4 административияб протокол.

-Г1олохъанаб г1елалдехун вуссун щиб дуе абизе бокьилеб бук1араб?

-Наркоман-ккола нилъер обществалда жаниб г1адамасги рик1к1унарев, х1айваназда гьоркьовги рехсоларев, бищунго г1одовег1анав чи. Гьесул х1инкъи буго г1иц1го жиндирго г1умруялъе гуребги, т1олабго обществалъего.

Жиндаго хадуб гьеч1еб хъаравуллъиялъ, гьес хвезабула аск1ор ругезулги, ай эбел-инсул, хъизан-рукъалъул, лъималазул г1умру. Гьединлъидал нилъ киналго ц1унун рук1ине ккола къвариг1ел гьеч1ел компанияздаса, квешлъиялде ах1улел данде руссиназдаса. Х1урматиял, г1олохъаби, хириял лъимал! Воре, нуж ч1езе гурин нилъ хвалде ах1улел наркотиказул квачикье ккезе. Воре, нуж божуге, щиб-щибниги г1иллабиги ратун, нужеда аск1оре рач1ун, наркотиказ гьабулеб кайфалъул бицунел г1адамазда.

Нилъерго сахлъи, нилъехъго буго. нилъ киналго квешлъиялдаса ц1унун хут1аги. Аллагьас лъик1аб босизе, квешаб тезе киназего тавфикъ кьеги.

Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.

Просмотров: 580 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz