Вторник, 23.04.2024, 16:50 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Декабрь » 8 » ДУЦА ХЪВАРАЛ ЖУГЬАБИ, ЖАКЪАГ1АДИН ХУТ1ИЛА.
18:50
ДУЦА ХЪВАРАЛ ЖУГЬАБИ, ЖАКЪАГ1АДИН ХУТ1ИЛА.

4 декабралда Бакьагьеч1и росулъ к1одо гьабуна машгьурав поэт, сатирик Х1усенов Мух1амад (Бакьагьеч1иса Даци) гьавуралдаса 70 сон т1убай. Поэтасул юбилей к1одо гьабизе рач1аразда гьоркьор рук1ана районалъул нухмалъи, республикаялъул хъвадарухъабазул Союзалъул авар секциялъул нухмалъулев Мух1амад Патах1ов, Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Залму Батирова, халкъиял артистал Мух1амадт1амир Синдикъов ва Х1айбула Мирзоев ва цогидалги поэтасул г1ага-божаралгун гьудул-гьалмагълъи. Тадбир байбихьана поэтасул рукъалъул к1алт1а гьесул ц1ар т1ад хъвараб мемориалияб хъарщи рагьиялдасан. Гьелдаса хадуб киналго данделъана росдал школалъул актовияб залалда. Данделъаразе саламги кьун дандеруссин рагьана Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул директор Х1амзатова Пат1иматица. Жиндирго к1алъаялда гьелъ къокъго бицана Багьагьеч1иса Дацил биографиялъул. Киназего саламги кьун к1алъай гьабуна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас.

«Дун кутакалда вохарав вуго жакъа гьадинаб тадбиралда г1ахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Х1усейнов Мух1амад вук1ана бат1и-бат1иял бак1азда х1алт1арав, г1емерал г1адамал рихьарав чи. Гьединаб бечедаб г1умрудул х1албихьиялъги кумек гьабун батила гьесие куч1дул гьаризе. Лъик1ав ва мустах1икъав чи вук1инч1евани гьесда дациян абураб ц1арги рек1инароан. Нилъер район кидаго бечедаб бук1ана машгьурал г1адамаздалъун. Нилъеца к1вараб х1алт1и гьабизе ккола гьел киназулго ц1арал нилъер г1ун бач1унеб г1елалдаги к1очон теч1ого бук1иналъе. Гьадинал тадбирал т1орит1изе ккола щибаб росулъ. Баркала кьезе бокьун буго гьаб тадбир г1уц1аразе ва гьелда г1ахьаллъанщиназе»,-ян лъуг1изабуна районалъул нухмалъулес жиндирго к1алъай.

Поэтасул х1акъалъулъ раг1аби абуна г1емерал гьесул куч1дул ах1арав, гьесул лъик1ав гьудул-гьалмагъ Мух1амадт1амир Синдикъовас. «Дунги ц1акъ вохарав вуго иргадулаб нухалда нужер жамаг1атгун дандч1вазе щвеялдаса. Г1олохъанаб мехалдаги концертгун щун вук1ана дун гьаниве. Гьединго г1ахьаллъи гьабуна ДГУялъул вук1арав ректор Ах1мад Мух1амадов рак1алде щвезавиялъул тадбираздаги. Дир лъай-хъвай бук1ана дацилгунги Х1ажи Гъазимирзоевасулгунги. Жакъа бач1ун буго кеч1-бакъаналде гъегъ балеб заман. Интернеталдаги цогидал бак1аздаги дида абулеб буго мун щайт1абазул нухдасан унев чи вугилан. Диниял х1аракатчаг1игун дандч1варал бак1аздаги даг1ба-раг1и ккола. Кеч1 гьабула ва ах1ула гьунар бугев чияс. Маг1арулазе кидаго хирияб бук1ана кеч1-бакъан. Гьединлъидал гьелде данде рагъ гьабиялда дун рази гьеч1о. Гьебмехалъ культураялъул министерствоги къазе ккола, лъуг1изаризе ккелаха киналго нилъер машгьурал поэталги. Рамазан Г1абдулат1иповас абухъего, нилъ гьоркьохъел г1асрабазде т1адруссине бегьиларо. Жакъа гьанир х1акимзабиги ругелъул, бокьилаан нижее, коч1охъабазе гьеб рахъалъ дагьаб кумек гьабуни»,-ян абуна халкъияв артистас.

Кидагог1адин лъик1аб, маг1на гъваридаб к1алъай бук1ана г1алимчи, поэт ва журналист Шамил Мух1идиновасулги.

«Дие бокьун буго киналго Х1усенов Мух1амадил творчество бокьулезда баркизе жакъасеб къо. Гьесул поэзиялде бугеб рокьиялъ жакъа киналго гьедин данде гьарунги руго. 70 сон т1убалеб буго даци гьавуралдаса, амма 70 сон цоги анц1го нухалъ свераниги халкъалда дациги гьесул поэзияги к1очонги теларо. Щайгурелъул, гьесул куч1дул бат1и-бат1ияб заманаялъе данде кколел рук1индал. Гьев вук1ана дир мадугьалги божарав гьудулги. Рак1 бечедав, махсаро-хоч1 бокьулев ва гьудул-гьалмагъзаби хирияв чиги вук1ана мунагьал чурад. Дацил поэзия жеги т1адег1анаб даражаялде бахине рес бук1ана, гьес т1олабго г1умру цох1о гьеб ишалъе кьун бук1арабани. Гьев вук1ана учительлъунги. Х1алт1ана военкоматалдаги. Хунзахъ районалда, хас гьабун Бакьагьеч1и росулъ кидаго рук1ана куч1дул хъвазе гьунар бугел г1адамал. Лъик1аб кеч1 балагьизе Бакьагьеч1ире аян, лъик1аб кици балагьизе Ц1адаре айилан абураб кицигицин бук1ана. Дица абила бекьеч1 жакъаги гьеб кициялъе рит1ухъал ругилан. Гьаниб жакъаги руго г1емер куч1дул хъвалел г1адамал. Бакьагьеч1и шаг1ирал г1емерал руго ва щивасул бук1уна жиндирго гьунар»,-ян абуна гьес.

Дацил поэзиялъул бицана республикаялъул халкъияй поэтесса Залму Батировалъги.

«Дие кутакалда бокьула бекьеч1дерил росуги жамаг1атги. Шаг1ирзабазул Ват1ан, х1алт1ухъабазул росу, районалдаги Дагъистаналдаги ц1ар арал г1ияхъабазулги хурухъабазулги ракь. Дие нуж рокьула нужер г1аданлъиялъ, нужеда берцинго хьвадизе лъаялъ, нужеда нужерго чи к1одо гьавизе лъаялъ, гьелъ берцин гьарун рук1уна нуж. Бакьагьеч1иса даци цо нухалъ вихьана дида. Т1оцебе рак1алде ккана кинг1агидай гьадинав т1аде балагьун кьварарав, ццидалавин ккарав чиясухъа гьадинал кополал куч1дул хъван бажарулелан. Амма хадуб к1алъа-балъайдал бич1ч1ана дида гьесулъ бугеб гьунарги мац1алъул пасих1лъиги. Кутакалда зах1матаб жо буго сатирикиял куч1дул хъвай. Бокьарав поэтасухъа гьеб бажаруларо. Гьел хъвазе кканани къвариг1уна к1удияб махщел, г1адамазул г1умру бич1ч1и, гъваридго мац1 лъай. Ц1адаса Х1амзатида хадур рач1арал сатирикиял куч1дул ругин дацилан абила дица. Дол, г1адамазда релъи, ихтилат-кеп к1очон тарал х1абургъарал 90-аб. соназ дацил куч1дуз гурони г1адамазул рак1ал авадан гьарич1о. Зах1матал сонал рук1ана дол. Цо-цо хъвадарухъабазгун шаг1ирзабаз хъачагъал реццун хъвана к1удиял одабиги куч1дулги. Дица рик1к1уна к1удияб бах1арчилъи бугин доб г1адлу гьеч1еб, х1инкъараб, бокьарав чияс мугъзалъ гулла реч1ч1изе бегьулеб заманалда х1инкъич1ого гьединал сатирикиял куч1дул хъвазе к1вей. Дица пикру гьабулеб бук1ана кинандай дацил куч1дул г1урус мац1алде руссинарун бажарулелан. Амма бажариларин ккола. Щайгурелъул, унго-унгояб гъваридаб, берцинаб ва бечедаб маг1арул мац1 бук1ине кколедухъ г1урусалде буссинабизе к1оларо. Цо-цояз абула, Расула Х1амзатов таржамачияс вахъинавунилан, амма гьесул маг1арул мац1алда ругел асаразулъ бугелъул 70 процентги батуларо г1урус мац1алде руссинарурал асаразулъ. Гьединго дацил куч1дулги бажариларо г1урусалде руссинарун, гьелъие раг1абигицин ратиларо. К1удияб баркала буго гьединал раг1ул устарзаби районалъеги республикаялъеги кьураб бекьеч1дерил росдае. Бокьараб бак1алда рижуларо гьадинал г1адамал»,-ян абуна гьелъ.

Дацил поэзиялда хурхун жиндирго пикраби загьир гьаруна тохтур ва поэт Г1алиев Гъайирбегицаги.

«Щибаб миллаталъул ва халкъалъул рук1уна жидерго рек1елъ росарал поэтал ва хъвадарухъаби. Гьединаздасан цоявлъун ккола Бакьагьеч1иса Дациги. Гьев гьединавлъун ккола щайгурелъул, жиндирго бег1ераб балагьиялдалъун сверухъ бугеб г1унгут1иги бищизе лъан, гьелъул анализги гьабун, жиндиего хасаб къаг1идаялъ, киназго гъираялда къабул гьабуледухъ г1адамазухъе гьеб кьезе лъаялъ. Инсанасулъ творческияб гьунар бук1уна гьеб барщулеб, ц1убалеб заманалда гьеб гьунар цебет1езабизе кумекалъе чи щвеч1они, гьенибго лъуг1изеги бегьулеб жо. Гьединабг1адаб къисмат ккана Х1усенов Мух1амадилги. Гьес хеккого байбихьана куч1дул гьаризе. Амма гьес къват1ир загьир гьарич1ого, балъго-г1ат1го тун рук1ана гьел, цониги чиясухъан кумек, куч1дузулъ ругел г1унгут1аби рихьизарун, къимат кьолев чи щвелародаян. Амма гьесул къисмат бат1айиса ккана. Жиндирго куч1дулги росун цо лъик1ав поэтасухъе индал, гьес дацида абула дур куч1дулги лъик1ал гьеч1ин, гьединлъидал, дуца гьеб иш жибго теян. Гьелдаса рак1ги буссун г1емер мехалъ поэзиялде т1ад вуссунаро гьев. Бищун квешаб жо буго куч1дул рух1и. Гьединаб къисмат ккана цох1о Дацил гуребги г1емерал шаг1ирзабазулги. Х1ажи Гъазимирзоевасги унтараб мехалъ рух1ана жиндирго кверзул хъвай-хъваг1аял, Гъазимух1амад Гъалбац1овасги рух1ана жиндирго асарал гьел цо лъик1ав поэтасул куч1дузда релълъарал ругилан абидал. Анасил Мух1амадица ц1а гъуна Мах1мудил куч1дузда, гьесдасан халкъалъул г1арзал ругилан. Кин бук1аниги куч1дул рух1изе бегьуларо, хадуб гьоркьоб заман индал, цоги нухалъги ц1алун ургъизе тезе ккола»,-абуна гьес.

Гьединго тадбиралда к1алъаял гьаруна дацил гьудул-гьалмагъ, поэт Асх1абг1али Х1асановас, Мух1амад Патах1овас ва цогидалги шаг1ирасул г1ага-божараз. К1алъаязда гьоркьор кеч1-бакъангун цере рахъана Мух1амадт1амир Синдикъов ва Х1айбула Мирзоев. Кьурдул номерал рихьизаруна Г1арада гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабаз. Гьединго Дацил куч1дул рик1к1ана бекьеч1дерил школалъул ц1алдохъабаз. Балагьаразе к1удияб асар гьабуна шаг1ирасул бищунго машгьураб депутатасул кеч1алъ ясли-ахалъул х1алт1ухъабаз х1адурун бук1араб сценкаялъ. Авар театралъул артистаздаса къураб махщел гьеч1оан гьезул. Киналгог1адин гьеб тадбирги ц1акъ лъик1аб даражаялда г1уц1ун бук1ана бекьеч1дерица. Гьениб цониги вук1инч1о районалда т1орит1улел цогидал ч1амуч1ал тадбиразда г1адин гьак1к1адилел, кидадай лъуг1илебан ругел чаг1и. Киналго рук1ана пана гьарун. Гьелдаса хадуб бекьеч1дерица киналго рачана кьер-кьерал ниг1матазул тепсиялда нахъе кваназеги. К1удияб баркала школалъул, ясли-ахалъул х1алт1ухъабазеги ва т1олабго бекьеч1дерил жамаг1аталъеги гьадинаб тадбир г1уц1аралъухъ..

И. Мух1амадов

Просмотров: 642 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz