Пятница, 19.04.2024, 18:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Май » 19 » «ДИЕ ХИРИЯЛ Ц1АРАЗУЛ ДИЦА КИДАНИГИ УЧУЧУ ГЬАБИЧ1О»
13:37
«ДИЕ ХИРИЯЛ Ц1АРАЗУЛ ДИЦА КИДАНИГИ УЧУЧУ ГЬАБИЧ1О»

Исана 5 маялда 85 сон т1убана Х1ажи Х1амзатов гьавуралдаса. Г1езег1ан г1ат1идго, байрамалъул даражаялда к1одо гьабуна гьесул юбилей нилъер республикаялдаги Москваялдаги. Г1ахьаллъана гьенир Россиялъулги къват1исел улкабазулги машгьурал г1алимзабиги хъвадарухъабиги политикиялгун жамг1иял х1аракатчаг1иги. Гьеб лъалеб жоги буго. Х1ажи Х1амзатов-Северияб Кавказалдаса Россиялъул Г1елмабазул Академиялъул т1оцевесев академик, анц1гог1ан соналъ Дагъистаналъул Г1елмияб Централъеги, лъебергоялдасаги ц1ик1к1арал соназ Тарихалъул, мац1алъул ва адабияталъул институталъеги нухмалъи гьабурав нилъер улка тун къват1ивехунги лъалев к1удияб г1алимчи ва г1уц1арухъан, Россиялъулги къват1исел пачалихъазулги къадруял г1елмиял премиязул лауреат, г1елмиялги жамг1иялги ц1ар раг1арал бат1и-бат1иял г1уц1абазул член… кинабго рехсон бажариларо, гьеб сиях1 г1езег1ан к1удияб буго. Гьелъул бицине г1езег1ан заман х1ажалъила.Гьеб киналъулго г1ат1идго, мух1канго бицина Х1ажи Х1амзатовасул юбилей к1одо гьабулел дандеруссиназдаги, газеталдагун журналазда ва цогидалги басмабазда рахъарал г1алимчиясул х1алт1уе мустах1икъаб къимат кьурал макъалабаздаги. Х1ажиясулгун нижер гара-ч1вари байбихьана гьесул лъимерлъиялъул биценаздасан, Дагъистан х1айран гьабурав шаг1ирги, г1акъилги Ц1адаса Х1амзатил вас ва дунялалда раг1арав поэт Расул Х1амзатовасул гьит1инав вац х1исабалда гьесул рак1алде щвеяздасан.

- Х1амзат машгьурав поэт вук1инги, гьесухъ г1адамаз г1инт1амулеб бук1инги, халкъалъ гьесул х1урмат гьабулеб бук1инги, гьесда жиндаго гьеб бич1ч1улеб бук1инги-гьеб пикру ц1акъ нахъа щвана дихъе. Дица гьелъул х1исаб гьабулароан,- ян абуна Х1амзатил Х1ажияс. - Нижер хъизамалда жанив бищун гьит1инав вук1ана дун. Жеги школалде инелдего дун инсуца кверги ккун годек1аниве вачунаан. Гьесул т1ингъилъ, аск1ов г1одов ч1ун вук1унаан дун. Инсуе дун вокьулевлъиги лъалаан дида. Гьес веэдун г1уна дун.

  Дида к1очон толаро, щуго-анлъго сон бараб мехалъ т1имугъ гьабуна гьес дие. Гьебги рет1ун лъималазда цадахъ мажгиталде унаан дун какал разе. Мажгит нижер рукъалда аск1об бук1ана. Как базе инсуца малъун бук1ана, эбелалъ ц1ик1к1ун малъун бук1ун батизеги бегьула. Гьанже т1убан рак1алда гьеч1о.

   Цоги дида рак1алда буго, мажгиталда цере гамч1азда г1одор ч1ун рук1унаан г1адамал радал-бакъанида хабар-к1алалда. Гьеб бук1ун батилин ккола лъебералда анкьабилеб-микьабилеб соназда. Бицен ккана, гъанхъадерил росдал т1арадаса лъимги бачун ц1егьулдерил росдал лъадал масъала т1убазабиялъул. Абулеб бук1ана г1адамаз, добаса г1одобе рог1рахъан гьеб лъим Тобтихъе щвезег1ан инила, гъобасан Ц1адабе кинила гьеб бахинебилан. К1иго-лъабго бал г1адинаб бак1алдасан эхеде бахине кколаан лъим. Гьеб мехалъ инсуца дун вит1ана рокъове, лъадал ц1ураб хъабаги, ч1обогояб гулгунги босейилан. Гьел дица рач1индал, гьес хъабаялъуса гулгуналъубе т1ураб лъим гулгуналъул моц1уялъусан къват1ибе бачана. Гьале гьединаб къаг1идаялъ бач1унила гьаб лъимилан, цогидазул щакдари къот1изабуна инсуца. Хадуб школалда ц1алулеб мехалъ «Закон о сообшающих сосудах» малъулелъул дида рак1алде щвана гьеб лъугьа-бахъин. Гьединаб философия бук1унаан инсул кинаб суал бижаниги, гьелъие жаваб батизе, мух1кан гьабизе. 

- Инсухъе 1933 соналда Тихоновги, Луговскойги, Павленковги рач1араб мех рак1алда бугищ дуда. Гьелъ кинаб асар нужее-Х1амзатил лъималазе гьабун бук1араб?

- Гьалбал инсухъе г1емер рач1унаан. Гьезде ниж-Х1амзатил лъимал ц1акъго гьит1инго ругьунлъана. Доб къоялъ гьалбал рач1араб мехалъ, рак1алда буго, Расулилги дирги даг1ба ккана лъица кинаб чу х1орде гьекъезе бачинебали. Лъил кинаб чуяли нижеда щибха лъалеб. Амма дол г1адамалги доб къоги дида рак1алдаса инч1о.

- Хадусеб, 1934 соналда Мах1ачхъалаялдеги ах1ун, Х1амзатие Дагъистаналъул халкъияв поэт абураб ц1арги кьуна, гьесул куч1дузул «Г1адатазул жул» абураб т1ехьги къват1ибе биччана, Хъвадарухъабазул т1оцебесеб съездалдаги г1ахьаллъана гьев. Гьеб сапаралдаса т1адвуссиндал кинаб дандч1вай росуцояз инсуда гьабураб?

- Эмен гьеб сапаралдаса вуссараб мех дида рак1алда буго. Амма рак1алда гьеч1о щиб даражаялда дов доб мехалда вук1аравали. Сапаралдаса чи вуссин росулъ лъугьа-бахъинлъун бук1унаан. Гьедин, Х1амзат вуссун раг1улилан гьесул квер босизе, гьикъа-бакъаризе рач1ана доб къоялъги нижерго росдал г1адамал. Лъаларо, инсуе сайгъат гьабурабищ яги бичун босарабищ гьеб бук1арабали, патефон бач1ана инсуца гьеб сапаралдаса. Пластинкаги  лъун К1огьориса Пат1иматил кеч1 бук1ана ах1улеб. Т1оцебе патефон бихьулел г1адамал г1ажаиблъун рук1ана гьелда. Цо-цоял гъоркье т1аде балагьун, кеч1 ах1улей г1адан ялагьулелцин рук1ана.

  Инсуца бицунеб бук1ана гьел къоязда бихьа-раг1аралъул. Гьес ц1акъ г1ажаиблъи гьабулеб бук1ана коч1олги литератураялъулги пачалихъалъ гьабулеб т1алаб-агъазалда. Рек1ехъе рик1к1ана Мах1ачхъалаялда жинцаго ц1аларал, «Г1адатазул жулалда» рахъарал куч1дулги. 

- Нужерго росулъги сверухъ ругел росабалъги, цоги бак1аздаги инсул къадру-къимат бихьулеб бук1ун батила дуда. Х1амзатил васин абураб т1ок1лъи, рек1ел ч1ух1и бук1унаанищ дур доб мехалда?

- Инсуда цадахъ ккедал, гьав дур васищилан г1адамаз бот1рода квер бахъидал разилъи гурони, цоги лъималазда гьоркьоб т1ок1ворч1и дир бук1унароан, рак1алдецин кколароан гьединаб жо. Дир гуребги, нижер цонигиязул, Х1амзатил лъималазул бук1инч1о гьединаб хасият. Бук1ана цого цо дун вохулеб жо, т1оцебесеб классалдасанго байбихьун дун лъик1 ц1алулаан. Гьелъухъ учительзабаз инсуе баркалаги кьолаан, дие рецц-бакъги гьабулаан. Гьедин дун лъик1 ц1алулев вук1иналъ, эменги дидаса рази вук1унаан.

- Расул кинав чи вук1арав гьит1инаб мехалъ?

- Расул гьит1инаб мехалъго ч1агояб г1амал-хасияталъул чи вук1ана. Гьесул жиндирго агьлу бук1унаан. Г1елцоял васалгун г1емерисеб мехалъ къват1ахъ вук1унаан гьев.

  Г1ажаибаб рак1ц1одорлъи бук1ана Расулил. Инсулги цогидазулги куч1дулги газеталги годек1анир г1адамазе ц1алулаан гьес. Дидаса лъабго соналъ гурони к1удияв вук1инч1о гьев. Расулида рич1ч1улел рук1ун ратила инсул куч1дулги гьел г1адамазе рокьулел куцги, гьесул гьабулеб адаб-х1урматги. Гьес жинцагоги гьит1инго байбихьана куч1дул гьаризе. 

  Доб мехалда нижер к1удиял вацал Мух1амадги Ахилчиги ц1алулел рук1ана педучилищеялда. Байбихьуда гьеб бук1ана Г1арани-хъаладухъ, хадуб Буйнакскиялде гочана. Расулицаги лъуг1изабуна гьеб педучилище, к1иго соналъ дунги ц1алана гьенив. Рагъ байбихьараб мехалда, эбел-инсул т1алаб-агъазалъе чи вук1инч1ого, рехун тезе ккана. Гьеб педучилищеялде ц1ализе щвей анищлъун бук1унаан киназулго. Ц1акъ лъик1аб лъай кьолеб, лъик1а-лъик1ал учительзаби ругеб бак1 бук1ана гьеб. 

- Лъай кьеялъул, лъай щвеялъул бицен ккун бугелъул, цо гьадинаб суал бач1унеб буго. Х1амзатица маг1наялъулги мац1алъулги-кинабго рахъалъ т1ок1борч1ун лъик1, живго Пушкиница маг1арул мац1алъ хъваралг1анги махщалида руссинарун руго гьесул куч1дулги, хасго «Руслан ва Людмила» абураб поэмаги. Х1амзатида бицинег1ан лъик1 г1урус мац1ги лъалеб бук1инч1елъул, бич1ч1улеб буго Пушкинил гъварилъуде гьев ваккизе к1оледухъ подстрочникал гьарун рук1араллъи. Гьедин бечедго доб мехалъго г1урус мац1 дуда, маг1арухъ г1урав чиясда лъалеб бук1араблъи г1ажаиблъи гьабизе ккараб жо гьеч1ищ?

- Гьанжесел г1адамазда бич1ч1уларо, бич1ч1изе ресги гьеч1о, доб заманалда ц1акъаб школа бук1ана. Т1оцебесеб иргаялда рук1ана лъик1ал учительзаби. Гьелги рук1ана Россиялдаса рит1ун рач1арал г1урусал. Г1урус мац1 лъазеги бич1ч1изеги гьез кумек гьабулаан. Хасго к1удияб к1вар кьолаан г1урус литератураялде. Дида рак1алда буго, Г1арани школалда к1иабилеб т1алаялда рук1ана ниж ц1алулел. Къадазда седон рук1унаан г1урусазулги Бакът1ерхьул улкабазулги литературиял героязул суратал. Гьединго ч1ах1иял, ц1ар раг1арал г1урусазул хъвадарухъаби Пушкинил Лермонтовасул, Толстоясул, Некрасовасул ва цогидазулги юбилеял к1одо гьарулаан, гьезул х1акъалъулъ хъварал т1анчал нижецаго гьенир ц1алулаан.

  Дида рак1алдаса унаро, нижер вук1ана т1адег1анаб лъайги бугев, ц1акъ лъик1ав учитель Бакьагьеч1иса Мух1амадов Бадави. Хадуб гьес литератураялда т1асан т1оцебе г1елмабазул кандидатлъиялъул диссертация ц1унана. Рагъ ккараб мехалда рач1ана нилъеразде дандеккунги бажариги лъайги бугел учительзаби Ростовалдаса, Харьковалдаса, Воронежалдаса, Волгоградалдаса, Астраханалдаса, ва цогидалги бак1аздаса. Гьез малъараб жо дида кинабг1аги рак1алда буго. Цинги, Буйнакскиялъул педучилищеги бук1ана ц1акъ лъик1аб лъай щолеб бак1.

  Г1емерал куч1дул рек1ехъе лъалаан дида, хасго Пушкинил. Сценаялде вахъунги ц1алулаан дица гьел. Гьедин ругьунлъана дун.Пушкинил «Руслан ва Людмила» поэмаялъул подстрочник гьабуна дица к1икъоялда анкьабилеб-микьабилеб соназда. Гьеб гьабилелде жибго поэмаялъул гъварилъи, маг1на бич1ч1изе х1аракат бахъи гуребги, дица ц1алана «Руслан ва Людмилаялъул» х1акъалъулъ хъварал т1ахьалги. Цо-цо мухъалда жанир маг1на инабизе к1веч1ел бак1азда к1и-к1и мухъал гьаризе ккарал бак1алги рук1ана. Гьелъул х1акъалъулъ хъвараб хасаб макъалаги буго дир.

  Подстрочник гьабулаго зах1матал, рич1ч1уларел г1адал раг1абазе баяналги кьолаан дица. Дир гьит1инаб машинкаги бук1ана инсуца босараб. Дос. дица гьарурал подстрочникал жиндиего г1ажам хат1алъ хъвалаан, т1аде балагьарабго рич1ч1изе бигьаго рук1унин жиндиеян. Дир архивалда нахъе ц1унун руго гьел.  

-Эмен-эмен вуго, х1алт1и-х1алт1и буго. Мун Х1амзатил литературияв секретарьлъун вук1ана. Гьеб рахъалъ дудехун т1алабчилъи кинаб бук1араб гьесул ?

-Дун инсул литературияв секретарьлъун вук1ана 1939 соналдаса байбихьун, гьев хвезег1ан. Дов вук1ана кинабго жоялъулъ тартиб,тадбир, мухканлъи бокьулев чи. Гьебго т1алаб гьабулаан гьес дидасаги.

  Подстрочникал гьарулаго, досда г1урусазул образал т1убанго рич1ч1иларин ккун, дица т1аде предложениял журан цо-цо пикраби халат гьарулан. Дос абулаан, гьедиг1ан халат гьарич1ониги дида гьел рич1ч1улилан. Шагьрудин Шамхаловас, кеч1алъе Х1ажиясул гьунар бугищан гьикъараб мехалъ инсуца абун буго, кеч1алъе гьесул гьунар гьеч1ин, хабаралъе мадар гьабулилан. 

  Дос абулаан кеч1алъе рик1к1ине кколел гурони, цониги х1ажат гьеч1еб раг1и бегьуларилан.  Дир пикру буго дол подстрочникал басмаялде рахъизе. Гьезие гьадинги гьадинги кканилан баяналги кьезе.

  Х1амзатида Пушкинил «Руслан ва Людмилаялъулги» Инхоса Г1алих1ажиясул «Макка бахъиялъулги» релълъарал бак1ал ратана. Нижехъе рач1арал литератураялде хурхен бугел г1адамазе гьес ц1алулаан, к1иябго поэма дандеккун, гьединал бак1ал.

   Х1амзат литература бич1ч1улев, гьелъул агьлуялъул чи вук1ана. Халидин абун вук1ана Ливаналдаса г1алимчи, литературовед. Гьесул бук1ана Европаялъул литератураялъул х1акъалъулъ г1арабалъ хъвараб т1ехь. Гьеб т1ехь щун бук1ана инсухъе ц1ализе дагьаб мехалъ Мух1амадсаг1ид Саг1идовасухъан. Мух1амадсаг1ид хвараб мехалъ т1аг1ана гьеб, лъихъе ккарабали лъаларо. Европаялъул романтизмалъул х1акъалъулъ ц1акъ лъик1 хъван бук1ана гьелда. Гюгол, Байронил, Вольтерил ва цогидалги гьединалго хъвадарухъабазул х1акъалъулъ ругел бак1ал жиндиего гьеб т1ехьалда т1асан хъван рук1ана инсуца. Гьел гьесул архивалда ц1унунги руго. 

  Х1амзатица г1араб мац1алъ хъван бук1ана Европаялъул литератураялъул х1акъалъулъ очерк. Баг1арал жилдалги ругеб чвантиниб лъолеб гьит1инаб книжка бук1ана гьеб. Ц1ализе кьураб чияс нахъе щвезе теч1о гьеб очерк. 

- Бицуна Г1абдурах1ман Данияловги цоги-цоги ч1ах1иял г1адамалги рач1унаанила Х1амзатихъе диналъулги цогидалги суалал дандразе. Гьединал г1адамазулгун кинал гьоркьорлъаби рук1арал инсул?

- Дица дирго макъалаялдаги хъван бук1ана, Даниялов вук1ана г1умруги динги литератураги кинабго бич1ч1улев, ярагьунев чи. Анкьалда жаниб цо-к1иго нухалъниги вач1унаан гьев инсухъе. Эмен унтараб мехалда щибаб къойил г1адин вач1унаан.

  Данияловго г1адин, хъулухъ-ишазда ругелги, динияб г1елму ц1аларалги чаг1и г1емер рач1унаан инсухъе. Х1амзат Дагъистаналдаго рик1к1унев чи вук1ана фикъгьиялъул г1елму лъик1 лъалев чи х1исабалда. Шариг1аталъул судалъул председательлъунги вук1ана гьев. Г1адамал жалго гурелги, г1емерал кагъталги рач1унаан инсухъе диниял суалазда т1асан. Гьес фатвабиги кьолаан. Гьел данде рак1арун дихъ рук1ана. Цоги т1аде щварал жиндихъги ругилан Гьарак1униса Нурмух1амадил Мух1амадица ун рук1ана гьел, хасаб т1ехь гьабизе кколиланги абун. Г1емер мехго гьелдаса инелде Мух1амадги хвана, т1адруссун дихъе гьел фатвабиги щвеч1о. Лъаларо кире ккаралали.

- Дур х1акъалъулъ бицен ккедал, Расулица абулаан, Х1ажияв вугила дир к1удияв вац г1адав гьит1инав вацилан. Дуца щиб абилебан?

- Расулилги дирги рук1ана  вацасул г1адал гьоркьорлъаби. Гьесул творчествоялда т1асан нижер г1емер хабар кколароан. Цо-цо мехалда гьесул диего ц1акъго рокьарал асаразул бициндал, Расул дир пикруялда разилъулаан. Г1аммаб къаг1идаялъ абуни, Расулидасаги гьесул гьунаралдасаги дун ч1ух1улаан, вохулаан. Маг1арухъ дун Х1амзатил вас х1исабалда лъалев ватани, Москваялда дун Расулил вац г1адин лъала.

  Ххвелал гьаризе дида лъаларо. Инсулги вацасулги ц1араздасаги даражаялдасаги ч1ух1ич1еб къо дир бук1инч1о. Амма бищун дие хирияб гьеб к1иябго ц1аралъул дица киданиги, кибниги учучу гьабич1о ва гьебги дах1аялъе ккун, лъиданиги цеве я ч1унч1удич1о, я ч1ух1дарич1о, я гогьдарич1о. Цо мисал рехсон телин: Дун вук1ана Дагъистаналдаса т1оцевесев Россиялъул Г1елмабазул Академиялъул член-корреспондент. Нижер, академик-секретарь вук1ана ц1ар раг1арав г1алимчи Храпченко. Гьес абунилан бицана дида живги Расулги Ленинил премиялъул комитеталда аск1ор г1одор ч1ун рук1унин кидаго, гьесда лъалаанила Х1ажияв жиндир нухмалъиялда гъоркь х1алт1улев вук1ин. Цо нухалъг1аги Расулица абич1ила жиндир вацасул т1алаб гьабейилан, гьесие кумек гьабейилан. Х1ажиясул, вацасдасагицин жиндир х1алт1уда гьоркьоб кумек т1алаб гьабулареб хасияталда г1ажаиблъанила живан бицун буго гьес.Храпченкоца кьуна дие киналъего нух. Дир т1оцебесеб т1ехь бихьарабго абуна гьес, гьаб т1ехьалъ рагьулила дуе нухилан.

- Дуца лъуг1изабун бук1ана Дагъпедуниверситеталъул физикаялъулгун математикаялъул факультет. Филологиялъул, адабияталъул г1елмуялде вач1иналъе г1илла кинаб ккараб?

- Баг1араб дипломалда гьеб факультетги лъуг1изабун, гьебго г1елмуялде вуссине нигатгун дун, конкурсалда г1ахьаллъана аспирантураялде лъугьине. Дагъистаналдаса цо дун бергьана гьеб конкурсалда. Лъабго лъик1а-лъик1ав математикги вук1ана гьебго конкурсалда г1ахьаллъулев. Москваялъул Стекловасул ц1аралда бугеб институталъул аспирантураялде ц1ализе дие щвана Дагъистаналъе бихьизабураб цого цо бак1. Дун вит1улев вук1ана гьеб институталъул Ленинградалда бугеб отделениялде. Добб мехалда аспирантураялде лъугьин бигьаяб иш бук1инч1о. СССралъул Г1елмабазул Академиялъул президентасул гъулбас бук1ине кколилан гьеб х1укму тасдикъ гьабураб. Москваялда Литературияб институталда Расул ц1алулеб заманги бук1ана гьеб. Гьес абуна, живги гьанив вугила, Москваялдаго хут1изавун лъик1 бук1инила дун. Доб мехалда Москваялда вук1арав Дагъистаналъул вакил Хашаев Х1ажимурадил кумекалдалъун Москваялда аспирантураялда хут1изавун вук1ана дун. Гьебго соналъ, эменги унтун вук1ун, гьесул т1алаб-агъаз гьабизе, академическияб отпускги босун, дун Мах1ачхъалаялде т1ад вуссана.

  Гьаниве щведал Шигьабудин Микаг1иловасги Мух1амадсаг1ид Саг1идовасги дида абуна дуе математика щайилан, жидеца институталде х1алт1изеги восилилан, инсуе х1ажатаб кумекги гьабун гьанивго ч1айилан. Гьедин, экстерно экзаменалги кьун, филологиялъул лъайцин гьеч1ев дун лъугьана х1алт1изе Тарихалъул, мац1алъул ва адабияталъул институталде к1удияв лаборантлъун. Ц1арал цогиязул рук1аниги, къаси-къад ч1еч1ого х1алт1ун дица х1адур гьабураб буго т1оцебе къват1ибе биччараб г1урус-авар словарь. 

  Хадуб анив лъугьана филологиялъул аспирантураялде фольклоралъул темаги босун. КПССалъул ЦКялда цебе бук1араб Марксизм-Ленинизмалъул институталъул филиал Мах1ачхъалаялда рагьараб мехалда, гьениве к1удияв г1елмияв х1алт1ухъанлъун вачана дун. Гьениб Дагъистаналъул щибаб миллаталъул вакилзабаз жиде-жидер мац1азде руссинаризе кколаан партиялъул бицарал х1алт1аби, т1ахьал. Г1емер кколаребщинаб жоялъул таржама гьабуна нижеца. Амма гьеб рахъалъ лъик1аб х1албихьи щвана. 

  Хадуб дун вук1ана «Маг1арул большевик» газеталъул редакторасул заместительлъун. Газеталъул дубляж хвезабиялъе Мух1амад Шамхаловас х1аракат бахъулеб заманалда дунги вук1ана гьеб ишалъул активист.

  ВПШ лъуг1ун т1адвуссиндал т1амуна Мах1ачхъалаялъул телевидениялъул директорлъун. Гьеб дица рагьана, т1оцебесеб передачаги дицаго гьабуна. Хадув вук1ана республикаялъул радиоялъулгун телевидениялъул комитеталъул председательлъун. Чанго соналъ х1алт1ана Дагъистаналъул культураялъул министрлъунги. Министрлъун т1амулеб мехалъ партиялъул обкомалъул т1оцевесев секретарьлъун вук1арав Г1умахановасда дица абуна, дие цоги кинабгоги тун г1елмуялде т1адвуссине бокьун бугилан. Гьес раг1и кьуна санаг1алъи ккарабго дир гьеб мурад т1убазе. 1972 соналда т1амуна СССРалъул Г1елмабазул Академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул Тарихалъул, мац1алъул ва адабияталъул институталъул директорлъун. Директорлъун вук1унилан, дица дирго г1елмияб х1алт1уе квалквал ккезе теч1о. Цоги ишалдаса, рек1елгъеялъул жалаздасаги, хут1анщиналдасаги инкар гьабун х1алт1ана г1елмуялда т1ад. Гьелъул дунго разияб х1асилги ккана. 

- Математикаялъул г1елмуялде ун вук1аравани, филологиялда г1адин цогиялги разиял ч1ах1иял х1асилал ккелаандай дур?

- Ккелароан, рук1инароан. Математикаялъул г1елмуялда академиклъун дун вахъинаанин абиларо дица. Математика ц1акъ г1ажаибаб, зах1матаб г1елму буго.

- Цоги жоялъул бицинч1ониги, Ц1адаса Х1амзатил творчествоялъул киналго рахъалниги рагьана дуца. Гьабуна гьеб киналъулго г1елмияб анализги. Гьеб кинабго ц1акъго лъик1 бихьулеб буго Х1амзатилги гьес руссинарурал асаразулги щуябго томалдасан гуребги, хасго анлъабилеб томалдасанги баяназул т1ехьалдасанги…

- Бищунго г1ажаиблъи гьабизе ккараб жо, бат1ияв чи гьоркьове къач1ого дир квералъ гьабуна гьеб кинабго. Чанго нухалъ хъвана бат1и-бат1иял вариантал дандеккун. Т1убараб г1елмияб х1алт1и гьабизе ккезе буго Х1амзатил творчество лъазабиялда, гьелъул анализ гьабиялда ва баянал кьеялда т1ад дун кин х1алт1аравали лъазе.

- Г1езег1ан бечедаб, гъваридаб, г1ат1идаб буго дур г1елмияб ирс. Гьеб киналъулго бицине рес рекъеларо. Рекъанигицин, нилъер ц1алдолезда бич1ч1улеб къаг1идаялъ гьелъул бицун бажариларо. Гьединлъидал, дуца г1елмуялда гьабураб аслияб, бищунго к1вар бугеб х1алт1илъун щиб дуца рик1к1унеб?

- Дун г1елмуялде вач1араб мех бук1ана, Совет х1укумат ккезег1ан Дагъистаналда щибг1аги культура бук1инч1ин абулеб мех. Гьединаб бук1ана доб идеологиялъул бихьизаби. Инсул т1ахьаздасанги, инсул архивалдасанги дида бихьана щиб нилъер бук1арабали. Инсул творчествоялда т1асан филологиял г1елмабазул кандидатлъиялъе дица диссертация ц1унана 1970 соналда.

  Кодобе босизе литератураги гьеч1ого, халкъалъул цебесеб г1умру, рух1ияб рахъ лъазабизе дица х1албихьана бат1и-бат1иял г1адамазда ц1ехон. Дие лъик1аб кумек щвана Гьарак1униса Нурмух1амадил Мух1амадидасанги цоги-цоги нилъер умумузул тарихги культураги, литератураги лъалел г1адамаздасанги. Хадуб дица ц1алана ц1акъ ч1ах1и-ч1ах1иял г1адамазул т1ахьал, тарихалъулги литератураялъулги, культураялъулги х1акъалъулъ. Къаси-къад ч1еч1ого х1алт1ана. Гьедин дида ч1езабизе к1вана Дагъистаналда к1удияб литератураги культураги, к1уди-к1удияб гьунаралъул г1адамалги рук1араблъи ва гьединго щиб заманалда щиб ва щал рук1аралали. 

  Анлъго соналъ т1адги х1алт1ун хъвана дица гьеб киналъулго мух1канго бицараб т1ехь. Гьеб бук1ана дир докторлъиялъе диссертацияги. Гьеб х1алт1и къват1ибе бач1арабго Северияб Кавказалъул республикабаздаса дихъе рач1ана ц1акъ г1емерал кагътал. Гьезул г1алимзабаз абулеб бук1ана, гьанже жидееги рес щванила жидерго халкъазул культураялъулги литератураялъулги тарих лъазабизе ва гьелъул рагьун бицине.

  Дица ч1езабуна нилъер гьанибе хъвай-хъваг1ай бач1анин анц1абилеб г1асруялдаго. Гьеб бук1ана г1араб ва парс мац1азда. Г1арабалъ хъван бук1аниги, гьеб бук1ана Дагъистаналъул литература. Гьеб бук1ана Дагъистаналъул, Дагъистаналъул г1умруялъул х1акъалъулъ, Дагъистаналъул г1адамаз хъвараб литература. Хадуб нилъерго мац1алда хъвай-хъваг1ай,т1оцересел ишараби раккана ХVIIVIII г1асрабазда. Лъабнусго сон буго маг1арул мац1алда литература баккаралдаса. Гьеб лъицаниги къабул гьабулеб жо бук1инч1о. Гьабсаг1аб гьеб нахъч1валев чиги щивниги гьеч1о.

  Россиялда хъвай-хъваг1айги анц1абилеб г1асруялда баккараблъун рик1к1уна, литератураги Россиялда лъабнусго соналъ цебе бижараблъун тола. Россиялъул хъвай-хъваг1аялъулги литератураялъулги даража, г1ат1илъи, к1одолъи нилъералде данде кквезе бегьуларо. Ч1езабуна дица нилъер гьанибги Возрождение Ренесанс бук1араблъиги. Гьеб рик1к1уна дирго х1алт1ул аслияб х1асиллъун.

- Гьадинаб мехалъ, хасго нахъа тараб нухлул т1адруссун балагьулеб, юбилей к1одо гьабулеб заманалда кьолеб, киназего ругьунаб суалги кьелин ахиралда. Дуца мунго г1умруялда бит1ккарав, талих1ав чилъун рик1к1унищ?

 - Дирго агьлуялъулги дирго сверухълъиялъулги къимат лъаларев чи дун гуро. Дир эменги щив вук1арав, вац Расулги щив вук1арав, рагъда т1аг1арав к1иявго вацги, эбелги, цо йик1арай к1удияй яцги щал рук1аралали дида лъик1 лъала. Дица гьезул х1урматги гьабула, къиматги гьабула, гьел к1очонги толаро, дидаго жанисан рехсезеги рехсола гьел. Цоги, лъицаниги абуларо дун инсуца гогьдаризавун, гьес т1амун, гьес лъугьинавурав чи вугилан. Эбел-инсул кумек гьеч1ого лъимал лъугьунаро. Расулги вук1ана Дагъистанги бохарав, дунги вохарав, дидасаги вохарав дир к1удияв вац. Гьесулги дие баракат щвеч1ин абураб, г1антаб пикру дир бот1ролъе киданиги бач1инч1о. Дун гьезие наку ч1ван баркалаялда вуго. Дир лъималги гьебго къаг1идаялъ, гьебго мурадалда г1ун рач1унел руго.

  Дие гьеб щайин, юбилей къвариг1ун гьеч1ин гаргадулел чаг1и рук1уна. Дица гьедин абиларо. Гьереси щай, бокьула лъик1ал г1адамаз дир х1акъалъулъ лъик1аб раг1и абулеб мехалъ. Амма дун вохуларо яги ч1ух1уларо дилъ гьеч1еб гьунар бугилан бицун чи к1алъалев мехалъ. Бугеб жоги г1ун буго дие г1адамазде гьоркьобе вахъине. Гьеб киналъухъгоги, 85 сон базег1ан ч1аго-г1ат1го, г1одов ккеч1ого, г1акълуялдаса ват1алъич1ого дун таралъухъги дица к1удияб рецц гьабула Бет1ергьанасе.

  Дир мурад буго маг1арулазе сахлъи. Маг1арулал дие кутакалда хириял руго. Дун маг1арулав вук1иналъ гуро гьедин абулеб бугеб. Маг1арулал руго ц1акъ сабурал, г1одоре риччарал, к1удияб бах1арчилъи чорхолъ бессарал г1адамал. Цогидал миллатал квешал ругин абулеб мех гуро, амма маг1арулазулъ буго ц1акъ берцинаб г1амал-т1абиг1ат. Гьездаса дун ч1ух1ула. 

Гара-ч1вари гьабуна М. Патах1овас.      



Просмотров: 2415 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz