Среда, 24.04.2024, 13:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 20 » ДЕПУТАТГИ, ДОЯРКАГИ, ЖАМАГ1АТЧ1УЖУГИ.
20:35
ДЕПУТАТГИ, ДОЯРКАГИ, ЖАМАГ1АТЧ1УЖУГИ.

Булул Г1абдулмажидова г1адинал зах1маталъул церехъабазул адаб-х1урматги гьабула, хадусеб г1елалъ мисал босизесебги г1емер батула. Багьадураб зах1маталъ жидерго г1умру берцин гьабурал г1адамалги дагьал гьеч1о нилъер районалда. Жакъа нилъеца бицен гьабулей Г1абдулмажидова Булул лъаларел к1удияб г1елалъул г1адамазда гьоркьор г1емерго ратиларо. Жиндир заманалда г1емер бицана, хъвана гьей унго-унголъунги зах1маталъулай г1аданалъул, г1адатияй колхозч1ужуялъул х1акъалъулъ.

Г1абдулмажидова Булул гьаюна 1932 соналъ Бакьагьеч1и росулъ. Цудунго байбихьана Булулил зах1маталъулаб биография. 12 сон барай г1олилай-гьей х1алт1изе лъугьана г1агараб росдал колхозалде. Г1умруялъул 17 сон т1убайдал яч1ана колхозалъул г1ачиязул фермаялде. Г1умруялъего т1аса бищараб махщеллъун лъугьана гьелъие дояркалъи. Ригьалде яхун, мустах1икъай х1алхьиялде инег1анги г1одоб лъеч1о Булулица рахьдал ведро ва хъатикьа биччач1о г1акдал моц1у. Зах1мат хирияй, т1аса бищараб махщалие хисич1ей Г1абдулмажидовалъ т1олабго черхалъул жан кьуна г1агараб колхозалъул экономика цебет1езабиялъе. Цебе ч1ах1иязул малъа-хъваязде, гьезул кверч1ваялде х1ажатай Булулихъе гьанже лъалареб гьикъизеги г1акълу дандбазеги рач1унел г1емерлъана.

Рахь г1акдал мац1алт1а бук1унин абулелъул, щибаб г1акдае квен рекъезабулей, гьезие хъулухъ гьабулей йик1ун х1алхьиялъе заманго хут1ун батулароанилан рак1алде щвезабунила дояркаялъ. Доб советияб заманалъ завод-фабриказдаги колхоз-совхозаздаги ва х1атта ц1алулъгицин бук1унаанила къец. Социалистияб къец бук1анила зах1мат цебе бачунеб, х1алт1арасул къиматги гьабулеб, к1ух1аласда бадибги ч1валеб хасаб г1аламат. Булул Г1абдулмажидовалъулги дагьал рук1инч1о къецалде ах1арал х1алт1ул церехъаби. Щибаб г1акдадаса 2000 килограмм беч1и бук1ана к1удияб цебет1ейлъун. Т1оцебе гьеб г1орхъи бахаразулъги районалда Булулица ч1ел босанин абула. Амма гьелда г1ей гьабун ч1еч1о зах1маталъул цеехъан. Г1ачиязул «Баг1араб авлахъалъулаб» тайпаялъ 1800-2000 килограмм кьолеб батани Г1абдулмажидовалъ 2500 килограммги беч1ана гьездаса.

Киназдаго лъала бекьеч1дерил К. Марксил ц1аралда бугеб колхоз районалда гуребги республикаялдаги гьеб тун къват1ибги машгьураб бук1ин. К1удияб к1вар кьолаан дол соназ г1аммал маг1ишатазда г1и-боц1ул тайпа лъик1лъизабиялде, гьезул продукция ц1ик1к1инабиялде ва качество борхизабиялде ва боц1уе раг1и-хер х1адур гьабиялъе кумекалъулаб маг1ишатияб бут1алъун бук1араб хурухъанлъи цебет1езабиялде. Бекьеч1ги гъираялда журана гьеб къеркьеялъулъе. Фермаялде росана дагьабги ц1ик1к1ун рахь кьолел г1ачиги г1ат1ид гьабуна боц1ул тайпа лъик1лъизабиялъул х1алт1иги. Дояркабазги жеги ц1ик1к1араб х1аракат лъуна гьеб ишалъулъ. Г1ат1ид гьабун социалистияб къецгун къеркьезе байбихьана беч1улеб рахь ц1ик1к1инабизелъун. Кидаго г1адин, гьеб х1аракатчилъиялъулъги Булулица цебехъанлъи бихьизабуна. Араб г1асруялъул 70-80 соназ Дагъистаналдаго т1ибит1ун бук1ана лъабазарилазул ах1и, ай щибаб г1акдадаса 3000 азарго килограмм беч1иялъул къец. Гьенибги Г1абдулмажидова тох ч1еч1о. Лъаг1алие цо-цо г1акдадаса беч1улеб рахь 3000 килограммалде бахинабурал т1оцересел дояркабазул цояй ккола гьей.

Зах1маталъул цеехъан, Социалистияб къецалъул ударница Г1абдулмажидова Булул Мажидовнаялъул х1аракатчилъи бихьич1ого хут1ич1о К. Марксил ц1аралда бугеб колхозалъул правлениялдаги районалъул нухмалъиялдаги. Байбихьуда гьеб зах1маткъояздалъун, баркалаялъул раг1абаздалъун ва грамотабаздалъун к1одо гьабун батани, Булул ккола Ленинил, Зах1маталъул рецалъул лъабабилеб даражаялъул, Зах1маталъул Баг1араб байрахъ, Х1урматалъул г1аламат орденазул кавалер «Дагъистаналъул мустах1икъай г1и-боц1ухъан». 1984 сонал Булул Мажидовна йищун йик1ана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун. К1удияб улкаялъул бищунго т1адег1анаб органлъун кколеб Верховный Советалъул депутатлъун вищи к1удияб къадруяб ишлъун бук1ана дол соназ. Г1емерал пайдаял ишал ккана Булулил депутатлъиялъулаб х1аракатчилъиялдалъун республикаялъеги районалъеги. Рехсела гьездасан г1иц1го к1иго мисал. Хъутабазде щварал г1адамазда лъик1 лъалеб батила Кизилюрталдаса Г1ахьалч1и, Х1ариколо, Хунзахъ ва Бакьагьеч1и росабазул хъутабазде унаго нухазул бук1араб лазатбахъи. Гьеле Булулил депутатлъиялъулаб запросалда рекъон Кизилюрталдаса Шамхал-Янгъи-Юрталде щвезег1ан нухде т1ураб асфальт. Мах1ачхъалаялда к1иго, Кизилюрталда цо 9 т1алаялъул минаги бана гьелъулго запросалда рекъон. Гьанжеги бекьеч1дерица рек1елъ ч1ух1игун ва баркалаялъул асаргун рак1алде щвезабула Булулица путевкаги балагьун жидерго ц1алдохъаби Москваялде араб сапар.

Жакъа къоялдаги зах1маталъул ветеран, лъик1ай насих1атч1ужу ва эбел жиндирго лъималазул т1алаб-агъазалда йиго. Аллагьас сахлъи кьеги гьелъие жеги г1емерал соназ.

  • Х1амзатов.
Просмотров: 464 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz