Пятница, 19.04.2024, 11:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Декабрь » 14 » ДАНДЕРИЖИ «Г1АЙИБИЯЛ» РАЛАГЬИЯЛЪ Х1АЛТ1И ЦЕБЕ БАЧУНАРО.
23:39
ДАНДЕРИЖИ «Г1АЙИБИЯЛ» РАЛАГЬИЯЛЪ Х1АЛТ1И ЦЕБЕ БАЧУНАРО.

Журналистазул сапаралъ Шотот1е росулъе щведал гьезул школа батараб лъик1аб гуреб ах1вал-х1алалъул х1акъалъулъ хъван бук1ана дица. Гьеб макъала лъидениги г1айиб г1унт1изабизелъун, лъиданиги бугьтан лъезелъун, щивниги ч1ег1ер гьавизелъун хъварабги бук1инч1о, гьеб дица хъван бук1ана г1иц1го гьеб школалде хьвадулел лъималаздаги гьенир х1алт1улел учительзабаздаги рак1 гурх1ун, лъик1аб ц1ияб школа баялъул мурадалда, гьеб росдал г1адамазе лъик1лъи бокьун. Амма дир лъик1ал хьулал ва къасдал дидаго бадиб кьабг1изе ратана. Гьеб къоялъ Шотот1е ине кколеблъи дида лъалебги бук1инч1о, гьенир ругел квешал рахъал хъвазе цебеккунго х1адурунги дун йик1инч1о, нижер х1алт1ул хаслъи гьединаб буго-хъвала беразда бихьараб, г1адамаз бицараб. Гьеб статья хъваялъул дида аслияблъун бихьана гьениб бугелъул бицине, гьел х1ужжаби дица гьаваялдасан росун хъванги рук1инч1о, гьел рук1ана школалъул директор У. Мух1амадовалъ, классазул нухмалъулез, цогидалги учительзабаз, гье къоялъ школалда цере дандч1варал росдал г1адамаз бицарабги, дида бихьарабги данде босун хъван бук1араб макъала. Гьеб хъвалаго дихъа ккун ратана чанго «гъалат1ал»: Щибаб раг1и-раг1иялда хадуб гьеб абурасул ц1ар хъвач1олъи, бицарабщинаб диктофоналде бахъич1олъи ва газеталда макъала кьолелъул школалъул цебесеб рахъ гуреб, гьел аск1обго цун бугеб пристройкаялъул сурат гьениб лъей. Цереги нижеца диктофоналда хъван гурел г1адамаз бицаралдасан хъвалаан статьяби ва киданиги лъицаниги лъида цебе бук1аниги гьелдаса инкарги гьабулароан. РУОялъул нухмалъулев З. Г1умаровас Шотот1а аслияб школалъул директорги дунги жиндирго кабинеталдеги ах1ун гьенир хъварал х1ужжаби киса дица хъварабилан гьикъидал гьей х1урматиялъ жинца гьелда гьедин абич1ин, гьелъ гьел жинцаго хъванилан гьездаса инкар гьабуна ва валлагьги буго гьедин нижер школалдайин абич1ого юц1ух1ун ч1ана. Гьениб гьеб къоялъ гьеб гара-ч1вари ккедал СМИязул Централъул нухмалъулев Х1. Мух1умаевги вук1ана. Гьениб ккаралъул нижеца бицун дун ц1унизелъун ва мекъаб т1екъалъе къимат кьун, (гьаб нухалда-дуца г1унгут1абаздаса инкар гьаби) хъварабги бук1ана редактор П. Мух1амадовалъ жиндирго макъала. Гьелда хурхун редакциялде яч1индал У. Мух1амадовалъ дир макъалаялда жиндир рак1 рекъанилан абуна ва П. Мух1амадовалъул статьяялда гьерсал хъван ругилан бицана. СМИязул Централъул к1иго х1алт1ухъанасда цого жо кин мекъи бич1ч1изеги раг1изеги кколеб? Дудаги З. Г1умаровасдаги дуца абухъе ниж рач1иналде цебеккун кинаб хабар ккун бук1арабали нижеда лъазе кколаро, нижеда лъала г1иц1го нижедаго раг1араб. У. Мух1амадова, мун «г1айибиял» ралагьич1ого, дуего гьабураб лъик1лъиялдаса пайдаги босун, гьас гьаб абуна, долъ додин бицанаян гаргадич1ого гьанжег1аги дурго школа ц1ияб баялде буссинабе дурго х1аракатчилъи. Мунги цойгидалги руц1ц1ун ч1еялъ я РУОялъул нухмалъулесда, я районалъул бет1ерасда, я цойгидазда лъаларо районалъул щибаб бак1алда бугелъул, цо чиясул киналдего бер щвезе рес гьеч1о, г1адан вуго г1адан. Хважаинасда бараб бук1уна рукъалъул ах1вал-х1ал. Х1урматияй, редакциялъул х1алт1ухъабазде гаргадиялъ х1алт1и цебе т1оларо, щибаб къоялъ ине кканиги а районалъул нухмалъулезухъеги, кумек гьабизе рес бугелщиназухъеги, гьаре ва т1алаб гьабе гьезухъа кумек, гьелъ кьела дуе х1асил. 

П. Гунашева.

Просмотров: 603 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz