Фашистияб Германиялда т1ад бергьенлъи босун, 71 сон аниги, цо къо гьеч1о бергьенлъи босарал бах1арзал к1очон тараб.
7 майги лъугьана Коло-Хьиндахъ росабазе рохелги пашманлъиги жубараб байрамлъун.
Росдал советалъул бет1ер Х1усейнов Лъараг1асул ва Хьиндахъ школалъул директор Г1умарх1ажиев Мух1амадил жигаралдалъун росулъ рагьана ц1ияб памятник, Ват1анияб рагъда т1аг1арал росуцоял рак1алде щвеялъе ва даимго рак1азулъ ц1униялъе нуг1.
Памятник бан буго к1иябго росдада гьоркьоб нухлулазги школалде унел лъималазги салам кьолеб ва мунагьал чурагиян абулеб бак1алда.
Памятник рагьиялда г1ахьаллъана к1иябго росдал г1адамал, рагъда т1аг1аразул ирсилал ва ц1алдохъаби. Г1ахьаллъаразе к1удияб асар гьабуна рагъда т1аг1аразул ва г1ахьаллъаразул сураталги кодор ккун, памятникалде аск1обе бач1унеб «Хвел гьеч1еб полк» колоннаялъ.
Хиянатав тушманасе наг1ана кьураб, рагъалъ гьабураб заралалъул тылалдаги халкъалъ бихьизабураб бах1арчилъиялъул ва нилъее бергьенлъи бигьаго щвеч1олъиялъул, росуцоял рагъарал фронтазул бицун, г1ат1идаб доклад гьабуна Хьиндахъ школалъул директорас. Ват1аналде къо ккедал Коло-Хьиндахъ росабалъа фронталде ун вуго 67 г1олохъанчи ва Ват1аналъе,гьаб нилъер талих1аб г1умруялъе г1оло кьалул майданалда хут1ун руго гьезул 32 ял. Жакъа к1иябго росулъ хут1ун вуго, унтун бусаде ккарав, т1аде вахъине к1оларев Х1адисов Камил. Харахьи участкаялъул 14 росулъ хут1ун гьеч1о цониги фронтовик.
Митингалъул ахиралда, киназулго бадиса маг1у чвахизабураб, жинцаго гьабураб, рагъда т1аг1арал рехсараб, кеч1 - маг1у ц1алана эмен рагъда ч1варай Г1умарх1ажиева Азипатица.
Митинг лъуг1ана цоцазе талих1-рохел, рекъел, хваразе алжан, вацлъи-гьудуллъи ва берцинаб г1умру гьарулаго.
Аллагьас рагъул, кьалул кьог1лъи лъиданиги лъазе тогеги.
Мусалаев Х1. М., Хьиндахъ росу.
|