5 декабралда 84 сон т1убалаан нилъер ракьцояй, машгьурай жамг1ияй ва политикияй х1аракатч1ужу, гвангъарай халкъияй поэтесса, публицист Фазу Х1амзатовна Г1алиевалъ.
Исана т1оцебесеб нухалда к1одо гьабулеб буго гьей гьаюраб къо, жийго Фазуги г1ахьаллъич1ого.
Фазу Г1алиевалъул ц1ар машгьураб буго г1иц1го нилъер улкаялда гуребги, гьеб бахун къват1ибехунги. Гьелъ хъварал 80-ялдасаги ц1ик1к1ун асарал руссинаруна дунялалъул 68 бат1ияб мац1алде. Жиндирго асараздалъун Фазу Х1амзатовнаялъ раг1изабуна Дагъистан, ч1ужуг1адан-маг1арулай,г1акъилай ва т1алаб ц1ик1к1арай эбел, нилъер рукъалъул гъансито ц1унулей зах1матч1ужу.
Т1убараб г1умру кьуна Фазу Г1алиевалъ Дагъистаналъул литератураялъе хъулухъ гьабиялъе. Гьелъул пероялъукьан арал руго анц1-анц1 т1ахьал, нус-нус журналазул ва газетазул макъалаби, жиделъ нилъер ракьалъул берцинлъи ва к1одолъи, миллияб хасият, г1адатазул бечелъи, нилъер халкъги, йижараб росу-ракьги г1орхъи тун бокьи бихьизабулел. Нилъедаса ят1алъаниги, Фазу Х1амзатовна нилъер киназулго рак1азулъ гвангъараб мат1улъун ц1унун хут1ун йиго.
Гьал къоязда школалъул районазда щиб,культураялъул рукъзабахъ щиб рак1алде щвезаюлей йиго Фазу г1алиева, ц1алулел руго гьелъул асарал, т1орит1улел руго гьелъул г1умруялдасан ва творчествоялдасанконференциял, поэтическиял вечерал.
Т1адег1анав Аллагьас мунагьал чурун ратаги гьелъул. Нилъее баракатги аниб тун ун ятаги гьей.
Даимаблъун гьабиялъе г1оло
Нилъер ракьцояй поэтесса Фазу Х1амзатовнаялъул ц1ар даимаблъун гьабиялъе г1оло, нилъер республикаялъул нухмалъулев Рамазан Г1абдулат1иповас т1адкъай гьабуна, Фазу Г1алиевалъул гьит1инаб Ват1аналда-Гиничукь росулъ гьелъул ц1аралда бугеб парк гьабизе. Гьеб бук1ине буго кутакалда берцинаб архитектурияб ансамбль, жинца т1аде рач1арал гьалбадерил ва нилъер районалъул г1адамазул рак1ал рохизаризе бугеб. Гьединго гьеб парк бук1ина бат1и-бат1иял поэтикиял ва творческиял тадбирал т1орит1улеб бак1лъун.
|