Пятница, 29.03.2024, 18:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июль » 16 » ДАГЪИСТАНИЯЙ-ШАМАЛДА.
19:29
ДАГЪИСТАНИЯЙ-ШАМАЛДА.

21 март кколеб буго Сириялъул пачалихъияб байрам-эбелалъул къо. Сириялъулазда байрамги баркизе, гьелда г1ахьаллъи гьабизеги Москваялдаса Дамаскалде ун бук1ана Россиялъул делегацияги. Гьеб гуманитарияб вакиллъиялда гъорлъ йик1ана Ханти-Мансийск автономияб округалъул Мегион шагьаралъул инсанасул ихтиярал ц1униялъул рахъалъ уполномоченнияй Марина Дейнека, Нижегородалъул епархиялъул кашиш Сергей Мирешин, къорол руччабазул «Фавор» фондалъул нухмалъулей Наталья Андрушенко ва г1емер миллатазулаб Дагъистаналъул вакил х1исабалда дун-Г1усманова Раисатги. Делегациялъе бет1ерлъи гьабулеб бук1ана «святой Апостол Павел» фондалъул президент Валентина Ланцевалъ. Нижер делегациялъ Сириялде щвезабуна к1иго тоннаялдасаги ц1ик1к1араб гуманитарияб къайи-къоно. Рагъул балагьалдаса лъутаразул ва лъукъа-къот1ун къварилъиялда ругезул лъималазе кумек х1исабалда босараб къайиялда гъорлъ рук1ана дарабиги кванил ниг1маталги, лъималазе расанк1абиги, дагъистаниязул сайгъаталги, къват1исел улкабазда г1урус мац1 лъазабиялъул ва г1арабазе хас гьарурал г1урус мац1алъул учебникалги, цогидаб т1оцебесеб х1ажалъиялъул къайиги.

Ругънал ва бух1араб бак1 хехго сах гьабиялъе жинцаго ургъун бахъараб ц1ияб аппарат бугоан нижер сапар-цадахъ, цевеккун рагъулав врачлъун х1алт1арав Сергей Мирошиница цадахъ бач1ун. Сертификатгун цадахъ Сириялъул рагъухъаби сах гьарулел ругеб Дамаскалъул госпиталалъе сайгъат гьабуна гьес. Гьединго делегациялъ г1арцулаб кумек гьабуна зах1матго лъукъа-къот1арав 42 рагъухъанасеги.

Халкъияб дипломатиялъул вакилзабилъун рук1аниги нижее гьабураб дандч1вай т1адег1анаб даражаялъул бук1ана. Сверухъ рагъ бук1аниги ниж ц1унизе ч1езабун бук1ана хъаравуллъиги, г1уц1ун рук1ана рук1а-рахъиналъегун х1ухьбахъиялъе, х1алт1уе лъик1ал шарт1алги. Тира-сверизе туристазул гуреб, нижер сапар бук1ана унго-унголъунги ишалъулаблъун. Гьениб бараб анкь г1ададаги инч1о, нижеца т1обит1ана 12 дандч1вай.

Делегация щвана Дамаскалъул Бах1арзазул школалдеги. Х1ажатабщиналдалъун хьезабураб гьеб школалъе кьуч1 лъун буго Сириялъул гьанжесев президентасул эмен Х1афиз Асадица улкаялъул эркенлъиялъе г1оло хварал бах1арзазул бесдал лъимал ц1ализаризе мурадалда. Гьеб школа гьанжеги Асадил тухумалъул бербалагьиялда буго. 36 сон буго Шахира Фалахалъ гьелъие нухмалъи гьабулелдаса. Исана к1иабилеб сон бугила Сириялда къват1исел улкабазул аслияб мац1лъун г1урус мац1 малъулелдасаян г1урус учебниказдасаги Дагъистаналъул сайгъатаздасаги рохалие г1орхъи бук1инч1о директоралъул. Гьединго учебникал щвезаруна президентасул хъизан Асма аль Асадихъеги Аллепоялъул к1иго школалъе къайимлъи гьабулев Сириялъул муфтий доктор Ах1мад Бадреддин Хассунихъеги. Ниж гьоболлъухъ ах1ун рук1ана Ах1мад Бадреддиница. Т1ад калам гьабизе бак1 гьеч1ев х1алимав инсан вуго гьев. Муфтиясул харбидасан бич1ч1улеб бук1ана сириялъулазул бат1ияб диналъул г1адамаздехун адаб бук1ин. –Нилъ-бусурбабазулги, христианазулги, буддистазулги-киназулго Аллагь цо вуго ва киналго гьесул лъималаздехун адабалда, вацлъиялда рук1ине ккола нилъ,-ян абуна муфтияс. Живго гьевги ракълие вахъун кьурав чи вук1иналъ, сверухъ ругездеги кьолеб бугин гьелъул асарилан кколеб бук1ана.

Г1емер бицен бугоан Ах1мад Бадреддинил къуркьи гьеч1олъиялъулги ват1ан бокьиялъулги х1акъалъулъ. Гьесул лъималазулги руго 12 лъимал. Васалги гьесул киналго муфтиял ккола. Университеталда цебе снайперас ч1ван вуго Ах1мадил гьит1инав вас. Сириялда чан гьабулеб буго диниял церехъабазде гуребги гьезул г1агарлъиялдеги. Вас ч1ван нахъисеб къоялъго улкаялъул телевидениялдасан муфтияс лъазабун буго жив ч1вадарухъабаздаса т1аса лъугьарав вугилан. –Сириялъул тунка-г1уси байбихьилалдего улкаялъул т1алъиялдехун дандеч1ей гьабулел къуватал рук1ин къват1иб ч1вазабураб кагътал рит1ана дица г1арабазул улкабазул муфтиязухъе, х1атта халкъазда гьоркьосеб г1алимазул ассоциациялъул бет1ер шайх Юсуф эль Кардаунихъегицин. Дир мурад бук1ана киналго исламалъул г1алимзабиги данделъун, ракълидалъун гьеб иш т1убазе, х1асил ккеч1о, лъицаго жавабцин кьеч1о кагътие,-ян бицана гьес. Цох1о Дагъистаналда гуребги, т1олго дунялалдаги рагъул кьог1лъи бихьич1ел, бесдалал гьеч1еб заман бач1ине бук1иналда божарай йигилан абуна дицаги ва гьоц1дерил устарзабаз гьабураб парччи сайгъат гьабуна муфтиясе.

Сапаралъул заманалда ниж щвана Омейядазул меседил мажгиталдеги. Х1икмалъизарула гьелъул к1одолъиялъ. Гьелда жаниб буго гьит1инабго килиса-килисаялда жанибин абуни, мукъадисав Иоанн Крестителасул бет1ер букъараб хоб, бусурбабаз ц1акъго х1урмат гьабулеб буго гьелъул. Малаикзабаз квешлъиялъул къуватаздаса ц1унараб, Мукъадисаб цолъиялъул ва хасаб къуваталъул бак1 кколила гьабан бицана муфтияс. –Х1акълъунго Дамаскалъул мукъадисаб ракьалда к1ун буго х1акъикъияб г1ажаиблъи насранияб килиса дунялалъе сайгъат гьабизе,-ян т1адеги жубана.

Мажгиталда нижеда бихьизабуна щибаб къоялъ ц1и-ц1иял халичаби т1ад т1амулеб болъо. Гьеб болъодухъан зобалаздаса нилъехъе решт1ине вугила Г1иса авараг. Гьел божарал руго ва балагьун ч1ун руго авараг мажгиталде вач1иналъухъ. Гьениса ниж азбаралде лъугьана. Гьебин абуни, лъималазулги руччабазулги ц1ун бугоан. Щивав бусурманчиясе лъимер кинабалиго т1адег1анлъи кколелъул, лъималазул гьаниб хасаб х1урмат гьабула.

2002 соналъ бан буго Дамаскалда г1ун рач1иналъулъ хаслъаби ругел лъимал сах гьарулеб, хадубккун жамг1ияталъе пайдаяллъун гьел рахъинарулеб «Аллагь» абураб школа. Аслияб куцалъ гьенир руго рагъул заманалъ къварилъи ккарал лъимал. Муг1алимазе интерес бук1ана нилъер гьаниб гьединал лъималазда гьоркьоб гьабулеб х1алт1ул, гьезие тарбия-лъай кьеялъул программабазул хаслъабазул. Гьеб школа жиндирго къайимлъиялде босун буго Асма аль Асадалъ. Гьанибго абила гьединаб сахаватлъи президентасул лъадул т1оцебесеб гурилан ва гьелъул бербалагьиялда бугебщинаб т1адег1анаб даражаялда бугиланги.

Ниж дандч1вана Сириялъул патриархиялъул вакилзабигунги, щвана Сейднайялда бугеб Г1иса аварагасул эбел мукъадисай Марьямил мажгиталдеги, бикьана кодоб бук1араб гуманитарияб къайиги. Дандч1ваял рук1ана рагъудаса лъутун рач1аразулгунги. Гьеб мехалъ нижеда данде рач1унаан «Русья, Русья!» ян рохун сириялъулазул лъимал, нижецаги гьел рокьигун каранде къалаан. Бихьана херазулгун инвалидазул рукъги. Дараби ц1акъго мукъсанго рук1ана гьенир. Сириялъул базаразда камураб жого гьеч1о, дарабийин абуни рихьизего рихьич1о. Дамаскалда г1емерал ч1удби ругоан. Амма г1адамал г1адамаллъидалха, гьел киналдего ругьунлъун ругоан. Нижеда рихьана кафе, рестораназде унелги, музыкаялда гъоркь парказда х1ухьбахъиялда ругелги. Шагьаралда кирехунго ругоан шлагбаумал, КППял, кодоб ярагъгун хьвадулел Сириялъул армиялъул рагъухъаби. Сириялда сахлъи ц1уни ч1обого буго. Я операциязухъ, я дарабазухъ яги консультациязухъцин г1арац босуларо. Ч1обого буго лъай кьейги. Руччабазе эркенлъиги ц1ик1к1араб буго гьениб. Ч1ужуг1адан эбеллъидал, гьелъул хасаб х1урмат гьабула. 4 ч1ужуг1адан министр йигилан бицана нижее.

Сапаралъул х1асил гьабулаго нижее баянлъана Сириялъул халкъги улкаялъул т1алъиги халкъазда гьоркьосеб терроризмгун къеркьолеб бук1ин. Сирия ккун буго дунялалъулго квешлъиялъулги дунялалъулго лъик1лъиялъулги бакьулълъиялде.

Дидаго ккола гьаб г1умруялда щибго лъугьунарин рак1алда гьеч1огоян. Гьале нижер халкъияб дипломатиялъул сапарги бук1инч1о рак1алдаго гьеч1еблъун, талих1 къосараб, г1азабалда бугеб халкъалъейин абуни гьеб лъугьана х1акъикъияб кумеклъун, г1адатаб г1адамазулаб кверч1вайлъун.

Баркала кьезе бокьун буго «Духовное наследие святого Апостола Павла» фондалъул президент Валентина Ланцевалъе. Гьелъул х1аракат гуребани нижер сапар бук1инего бук1инароан. Рак1-рак1алъул баркала буго Дагъистан республикаялъул бет1ер Р. Х1. Г1абдулат1иповасе, республикаялъул Х1укуматалъе, гьеб сапаралда дие квербакъаралъухъ. Баркала буго Хунзахъ ва Табасаран районазул нухмалъулезеги республикаялъул сахаватлъиялъулал г1уц1абазеги Сириялъул руччабазегун лъималазе гьез рит1арал сайгъатазухъ.

Р. Г1усманова, ДРялъул жамг1ияб палатаялъул вакил, районалъул жамг1ияб палатаялъул председатель.

Просмотров: 497 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz