Пятница, 19.04.2024, 03:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Август » 8 » ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ КЪАДРУ БЕКЪЕЧ1ДЕРИЦАГИ БОРХИЗАБУНА.
11:13
ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ КЪАДРУ БЕКЪЕЧ1ДЕРИЦАГИ БОРХИЗАБУНА.

Дагъистаналъул къадру бекьеч1дерицаги борхизабуна

Гьал къояз Бакьагьеч1и росулъ кидаго бук1унареб г1адаб ч1аголъи бук1ана. Гьениб бук1ана «Росдал къо» т1обит1улеб байрам. Росулъе бугеб свериялдасанго байбихьун рарал байрахъазгун шараз ва баннеразда хъварал берцинал, г1акъилал раг1абаз ч1ух1изабун бук1ана кинабниги росу. Росуго ц1ун бук1ана машинабазул, г1адамазул, г1исин лъималазул релъи-хъуялъ.

Г1елмиябгун экскурсиязул къо

Т1оцебесеб къо байбихьана г1елмияб конференциялдалъун. Конференциялъул президиумалда г1одор ч1ун рук1ана росдал къадру Дагъистаналда ва гьеб тун къват1ибехунги машгьур гьабурал г1адамал, х1урматиял гьалбал ва 90-ялдаса г1умру т1аде арал, зах1маталъулъ г1умру лъадарарал росуцоял.

Конференция рагьана ва саламалъул к1алъай гьабуна росдал администрациялъул бет1ер Мух1амад Г1абдулбасировас. Бекьеч1дерил жамаг1аталдехун баркиялъул к1алъаял гьаруна т1адег1анал гьалбал: ДГПУялъул профессор Зиявудинов Мух1амад Дибировичас, Дагъистаналъул Халкъияй поэтесса Залму Батировалъ, «Х1акъикъат» газеталъул хасай мухбир Шамай Хъазанбиевалъ. Гьел гьалбадерица абурал раг1абаз, гьез бекьеч1дерие кьураб т1адег1анаб къиматалъ, зодоре рахана бекьеч1. Гьединго бекьеч1дерида баркана, щиб гьабулеб бугониги цересел кьерда ратулел Баху Г1усмановнаялъ, Мух1амад Гьит1иновас ва Х1осен Х1амзатовас.

Конференция нухда бачана, бекьеч1 х1алхьиялда толарев, нуж гьадингоял чаг1и гуро, г1алимзаби шаг1ирзаби г1емерал, тарих ва рух1ияб рахъ бечедал бекьеч1 ругилан, хъван, бицун, зама-заманалдасан, щиб багьана батунги, нилъ данде гьарун ч1оларев журналист, педагог, поэт Шамил Мух1идиновас.

Бакьагьеч1и росулъ рахъарал исламиял г1алимзабазул х1акъалъулъ доклад гьабуна Дагъистаналъул мац1азул ва адабияталъул г1елмияб институталъул г1елмияй х1алт1ухъан Г1алибегова Пат1иматица. Гьелъ докладалда бицана Бакьагьеч1иб росу революция ккелалде цересел соназда исламиял г1алимзабаздалъун машгьураб ва Дагъистаналъул динияб г1умруялъулъ к1удияб бут1а лъураб бак1лъун бук1анилан. Мисалалъе рехсана Бакьагьеч1иса Жамалудин Къадичуца нухмалъи гьабулеб 35 мутаг1ил жаниб ц1алулеб лъик1аб лъай кьолеб мадраса х1уригат бахъилалде цебе заманаялъ росулъ бук1ин, Бакьагьеч1ив 56 г1анасав г1алимчи вук1ин ва цого заманаялъ т1адег1анаб даражаялъул 12 г1алимчи вук1иналъ, цоцазул рак1 хвеч1ого бук1ине, щивас цо-цо моц1ица росулъ дибирлъи гьабулеб бук1иналъ. Г1алибеговалъ бицана Бакьагьеч1иб жакъаги анц1ила ункъго исламиял т1ахьазул библиотекаби ц1унун ругилан. Бицана Бакьагьеч1и росулъ анц1го г1елмияв докторги, 52 г1елмияв кандидатги ругиланги.

Кавказалъул рагъул заманаялда бекьеч1дерица бихьизабураб бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ доклад гьабуна ДГИялъул доцент Шамил Мух1идиновас. Жиндирго докладалда гьес т1адч1ей гьабуна Ах1улгох1алъул бах1арчи Хьаргаби бук1араб рагъулъ шагьидлъарав  Аваристаналъул муфтий, к1удияв г1алим Шахща-Къадил г1умруялда ва гьединго бах1арчияв Шамил-Имамасул мурид Г1усманил Мух1амадил, Г1онгосил Х1ажил, Щайхг1али-Х1ажил, Горо-Х1ажил, Х1ат1иласул, Г1умариласул, Хидиласул Мух1адил Кавказалъул рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялда. Гьединго гьес бицана бекьеч1 аслияб къаг1идаялъ Кавказалъул рагъазда наиб Х1ажимурадил хьолбохъ рук1иналъулги.

Хадуб жиндирго докладалда врач, хъвадарухъан ва поэт Г1алиев Гъайирбегица бицана Бакьагьеч1и росу поэзиялъул иццлъун бук1иналъул. Мух1каанб баян кьуна росулъ лъугьарал поэзиялъул тухумазул х1акъалъулъ. Ч1анк1ал тухумалдасан рач1ун руго живго Ч1анк1а Тажудин гуревги Х1ажи Гъазимирзоев, Нурмух1амад Г1усманов г1адал поэталги. Шаг1ирзабилъун рук1ана Ч1анк1ал эбел Хъатунги, яц Хажаги. Муртазал тухумалдасан рач1араллъун рик1к1ана Х1айбулаев Г1алиги, Батиров Г1умарги, живго Муртазаги.

Хъазанбиевазул тухумалдасан рач1ун руго М1ух1идинги, Х1осенги, Гъазимирзаги, Бакьагьеч1иса Дациги.

Гъалбац1овазул тухумалдасан машгьурлъана Гъалбац1х1ажи, Гъалбац1ов Камал, Гъалбац1ов Жамал, Гъалбац1ов Гъазимух1амад. Х1айдарбеговазул тухумалдасан рахъана шаг1ирал Х1айдарбег, Г1алих1ажи, Гьудил Пат1имат, Мух1идинов Шамил.

Гьединго рехсана росулъа районалъул ва республикаялда машгьурал газетазда ва журналазда куч1дул рахъарал шаг1ирзабазул ц1арал. Гьезул къадарги Бакьагьеч1и 70-ялдаса т1аде анилан бицана Гъайирбегица. Бекьеч1дерил къоялде данде ккезе гьабун Г1алиев Гъайирбегица гьел киналго шаг1ирзабазул куч1дул данде гьарун къват1ибе биччана к1иго бут1аялдасан г1уц1араб «Бекьеч1дерил росу - адабияталъул ицц» абураб т1ехь, «Бекьеч1дерил маг1ихъаби», «Бекьеч1дерил сатира», «Сатираялъул ч1орал» абурал т1ахьал ва Шамил Мух1идиновгун цадахъ «Бекьеч1дерил бег1ераб калам ва кепал лъугьа-бахъинал» абураб т1ехь. Бекьеч1г1ан Аллагьги разилъаги гьесдаса!

Ц1акъго г1олилазе ва гьезие гуребги рек1ее асар гьабулеблъун лъугьана ДГПУялъул доцент Г1усманов Мух1амадил бекьеч1дерил спорталъулъ ругел церет1еязул бицунеб доклад. Киналго росабалъ гурила СССРялъул ва Россиялъул ич1го спорталъул мастер вугев. Гьезда гьоркьоб рехсана Халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер, летчик Х1асанов Муслимил. Халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мустах1икъал мастерал вацал Сайгид ва Расул, халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер, гугарухъан Къурамух1амадов Арсенил ва цойгидазулги ц1арал…

Хадуб жиндирго к1алъаялда росдал тохтурзабазул х1акъалъулъ ва гьезул къадар нусгоялдасаги эхеде анилан бицана врач Гьиматов Мах1ачица.

Росдал рессарухъабазул, хьухьарухъабазул, рукъарухъабазул ва цойгидалги махщелчаг1азул х1акъалъулъ ва Бакьагьеч1и х1алт1улеб бук1араб халичабазул фабрикаялъул бицана Батирова Нуцалалъ.

Бекьеч1дерил г1адамазул зах1мат бокьиялъул, цере т1урал г1ухьбузул, дояркабазул, механизаторазул бицана Ханмух1амадов Айтберица. Кинабго бицун бахъарабго, жинца г1адада бицунеб жо гурила, Бакьагьеч1ибги рук1ун цо г1акаг1аги хьихьич1ого рук1ине рекъон гьеч1иланги т1аде жубана гьес.

«Бекьеч1дерил ясал меседил гарал» абураб к1алъай гьабуна тарихалъул учитель Хъазанбиева Хамизица.

Бекьеч1дерил минаби ралезул, инженеразул, къадахъабазул х1акъалъулъ бицана Ханмух1амадов Мух1амадица.

Къадичу Жамалудинил г1умруялъул г1елмуялъул бицана Юсуп Мух1идиновас.

Конференциялъул докладал ва к1алъаял данде гьарун бахъараб берцинго къач1араб т1ехь, блокнот ва ручка гьеб къоялъго щвана конференциялъул г1ахьалчаг1ахъе ва гьалбадерихъе.

Конференциялдаса хадуб бекьеч1дерица гьалбал кьер-кьерал квенал кьун кваназаруна, махил рохьоре рачун чай-кофе т1уна ва жамаг1атгун цадахъ къукъа-къукъа ккун рачана, росдал гьит1инаб мехалъ жалго хьвадулел рук1арал, рокьулеллъун лъугьарал бак1азде: Г1асат1е, Ч1инаре, Бакъда раг1алде, Чинич1ире, Г1осот1е, Ц1огьорасул нохъоде, Аварагасул Пат1иматил нохъоде, Дорух1алие. Бекьеч1 к1одо гьарун гьеб къоялъ гьенире рач1ун рук1ана Шамил районалъул газеталъул бет1ерай редактор Пат1имат Гьит1инова, Хунзахъ районалъул газеталъул бет1ерай редактор Фатима Камиловна, шаг1ир Манарша Г1исаева, «Гумбет» газеталъул Дагъистаналдаго ц1ар раг1арав фотокорреспондент Гебек Гебеков.

Къаси саг1ат анкьго т1убайдал байрамалъул рет1елгун, лъималгун аваданго киналго рак1арана берцинго къач1араб школалъул клубалде. Клуб ч1ух1изабун бук1ана бекьеч1дерил г1алимзабазул ва шаг1ирзабазул г1акъилал, ц1одорал раг1аби хъварал банераздалъун байрахъаздалъун ва шараздалъун. Цере рахъарал бекьеч1дерил хъутаналда бугеб Г1арада гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабаз бихьизабуна киназего рек1ее г1ураб г1ат1идаб программаялъул концерт. Цере рахъин г1уц1ц1ун бук1ана бекьеч1дерил шаг1ирзабазул тарихалъул ва адабияталъул мисалаздасан. Гьанже кинавго чияс сундаго г1ажаиблъи гьабулареб заманаялъ, бекьеч1дерил Г1арада школалъул ц1алдохъабазул махщелалъ риххун хут1изаруна ралагьаралщинал. Гьезул церерахъиналдаса хадуб, ч1ах1иялги г1исиналги гъорлъ г1ахьаллъараб к1удияб кьурдул свериялдалъун лъуг1ана т1оцебесеб къоялъул тадбир. Т1олабго жамаг1аталъ баркала кьуна гьеб церерахъин х1адураразе ва гьеб школалъул директор Бика Мах1мудовалъе.

Исламияб къо

К1иабилеб къоялъ радалго росдал г1адамал ана жидерго лъималги рачун умумузул хобал рихьизаризе. Щивас жидерго г1агаразул хобазда аск1об къокъаб къулгьуги гьабун, лъималазда гьелги рихьизарун, киналго данделъана школалъул спортзалалда. Гьениб росдал дибирас Исмаг1ил-Х1ажица нухда бачана хадусеб тадбир. Гьаруна ваг1заби, ах1ана мавлидал ва нашидал. Гьенибго цадахъ жамаг1аталъ рузманги бана.

Гьеб къоялъ бекьеч1дерихъе гьоболлъухъ щвана Хунзахъ районалъул имам Х1адис-Х1ажи, Т1анусдерил дибир Башир-Х1ажи, Хъаладухъа Г1усман-Х1ажи, Шамил Имамасул ц1аралда бугеб Кизилюрталъул Исламияб институталъул проректор Т1алх1атов Мух1амад-Х1ажи.

Рузманалдаса хадуб цадахъ росдалго жамаг1ат ва гьалбал данделъараб баракатаб кванай г1уц1ана. Гьелдаса хадуб киназего бокьана росулъ ругел зияратазде щвезе. Зиярат гьабуна машгьурай вали, т1арикъаталъул т1адег1анаб макъамалде яхарай Пат1имат-эбелалъул х1ужраялде ва бихьана гьей халваталда ч1олей йик1араб хобалъул сураталда гьабураб бак1ги. Щвана исламияв г1алим Тажудин Ч1анк1ал музеялда бугеб х1ужраялде, Шагьид Шахща-Къадил, Къадичу Жамалудинил цогидалги исламиял г1алимзабазул хабалазде зияраталъе. Бакъанида какдаса хадуб росдал таг1зияталъул рокъоб киналго хваразул рух1азе т1олабго жамаг1атги бак1арун къулгьу гьабуна. Нахъойги киналго рак1арана школалъул клубалде ва ралагьана Бакьагьеч1иб «Милъиршо» ясли-ахалъул гьит1ичазул ц1акъ берцинаб церерахъиналъухъ. Гьез к1удияб асар гьабуледухъ ц1алана Къуръаналъул суратал, рик1к1ана назмаби ва рицана бусурманчиясда т1адал жалазул х1акъалъулъ. Гьит1инго исламияб адабалда куцарал лъималазухъ г1енеккизе ккиназего бокьана.

Спорталъулгун, адабияталъул къо

Лъабабилеб къоялъ рак1алда бук1ана палугьабазухъ ралагьизе, спорталъул къецал т1орит1изе, росдал тарихалъул ва машгьурал г1адамазул бицунел фильмазухъ ралагьизе, Гъазимух1амад Гъалбац1овасул пикруялда рекъон, росулъ т1ехьалъул памятникалъе кьуч1 лъезе ва Бакьагьеч1иб гьоркьохъеб школалъул ва Культураялъул х1алт1ухъабазул церерахъиналъухъ ралагьизе. Амма, Аллагьасул къадар нахъ ч1вазе лъидаго к1оларелъул, радалго лъана кьог1аб хабар ,машгьурав колхозалъул председатель Дудар Г1алиевасул вас къадаралде щванилан. Бекьеч1дерида рохел загир гьабизе гуребги къварилъиялъул адаб гьабизеги лъалелъул, х1укму ккана лъабабилеб къоялъул программа ич1абилеб августалде бахъизе.

Гьеб къоялъ бекьеч1дерихъе рач1ине рук1арал гьалбал радалго т1аде щвана. Рак1алда бук1араб х1алалъ кинабго билъинч1ониги, гьел рази гьарич1ого бекьеч1дерица теч1о. Т1оцере гьел рачана росулъа Ват1анияб рагъадаса руссинч1езул ц1аразда ч1ч1арал махил гъут1бузда гъоркье х1ухь бахъизе. Бекьеч1дерил байрам к1одо гьабун нижехъе рач1ун рук1ана «Дагъистан» журналалъул бет1ерав редактор Мух1амад Бисавг1алиев, «Миллат» газеталъул бет1ерай редактор Зульфия Х1ажиева, Авар автономиялъул нухмалъулесул заместитель, тарихчи Маркъо Шабанов, Мах1ачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Зайнаб Г1алимирзаева, жиндирго лъади Пат1иматгун «Кизилюртовские вести» газеталъул бет1ерав редакторасул заместитель Мух1амад Лабазанов. Спорталъул къоялде бекьеч1дерихъе щвана Россиялдаго щуго нухалъ бергьенлъи босарай чемпионка штангистка Зайнаб Булачева. Гьел щвана к1удияв шаг1ир Ч1анк1ал музеялде, Айцер Х1ажиясул гьалбадерие къач1араб рокъоре, гьенисан Хунзахъ т1алъиялда ругел берцинал бак1алде. Палугьаби квен-т1ехгун ана Моч1охъ х1орт1е х1ухьбахъизе.

Цойги бекьеч1дерихъе гьоболлъухъ щвана, Дагъистаналда этно-туризм цебет1езавулев ва бищунго берцинал суратал рахъулев Шамил Шангереевасул нухмалъиялда гъоркь, к1удияб туристазул къокъа. Гьелги гьединго х1урматалда т1орит1ана бекьеч1дерица.

К1удияб баркала кьезе бокьун буго гьеб байрам т1обит1иялъе квербакъарал, кинабго х1алт1и жедеде т1аде ккарал ва гьеб борхарал росдал г1адамазе. Росулъ рац1а-ракъалъи ч1езаби гуребги, х1адурун бугоан лъималазе расандизе площадка, парк, гьединго къач1ан буго гьалбал кваназарулеб рукъ, Ч1анк1ал музей, Айцер Х1ажиясул рукъ, Культураялъул рукъ… Росдадаго нур бан буго.

Тадбир лъик1 иналъе к1удияб жигар бахъана росдал бегавул Г1абдулбасиров Мух1амадица, Гьит1инов Мух1амадица, Баху Г1усмановнаялъ, Х1амзатов Х1осенаца ва гьесул нухмалъиялда гъоркь ООО «Сельводстрой»-ялъул х1алт1ухъабаз, квен-т1ехалъул иш роц1ц1инабина Гъазиев Борисил нухмалъиялда гъоркь Насух1ов Мансурица, Гьит1иновасов Султ1анах1мадица, Таймасханов Мух1амадица, Гьит1инова Г1ашица, Мусаева Паврузатица, Г1абдулганиева Мусица, Исрапилова Бахуца, Х1амзатова Сакица, Х1айдарбегова Марьямица, Мух1амадова Пат1инаца, Х1амзатова Пат1иматица, Мух1амадг1алиева Зарипатица, Шарипатица… ц1ар-ц1ар ккун рик1к1инч1ониги учительзабазул коллективалъ, ясли-ахалъул ва культураялъул х1алт1ухъабаз. Гьабулебщиналъулъ, иццал, къват1ал, музеял… къач1алелъуб кутакаб жигарчилъи бихьизабуна советалъул секретарь Мух1амадова Бадрисатица, Мух1амадов Муслимица, Гороев Расулица, Мух1амадов Т1алх1атица, Г1абдулбасирова Багица, Т1ич1аева Жавриятица, Г1абдулпатах1ов Мух1амадица, Къурамух1амадов Г1абдулбасирица, Нажмудинов Мух1амадица, Сатаров Сатарица ва киналниги росулъе рач1арал студентаз. Росдал жамаг1алъго гьеб тадбир лъик1 иналъе гьабуна г1арцудалъун бугониги, х1алт1удалъун бугониги, жиндихъа бажа-бажарараб. Т1асан гаргадун «кумек» гьабулелги камич1о. Киназдасаго Аллагь разилъаги тавпикъ кьеги!

Бищунго к1удияб баркала кьезе бокьун буго росдал жамаг1аталъул рахъалдасан Х1адисил Х1осение, я свак-зах1маталде, я гьабулеб харжалде вач1инч1ого, гьес росдае гьабураб к1удияб х1алт1ухъ. Гьединал васал г1емерлъаги Бакьагьеч1и.

Ич1абилеб августалъ «Бекьеч1дерил (лъабабилеб) къо» к1одо гьабун нижехъе рач1ани, ниж кутакалда рохила).

 

Баху Мух1идинова

 

Пожалуйста, подождите

 

Просмотров: 1283 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz