Пятница, 29.03.2024, 18:19 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Август » 22 » ЦО Ч1АРАБ Г1АМАЛГУН, КЬУЧ1АБ РАГ1ИГУН.
12:40
ЦО Ч1АРАБ Г1АМАЛГУН, КЬУЧ1АБ РАГ1ИГУН.

 

Дун налъулав вуго дур иях1алъе,

Дур къо х1ехьеялъе дур гурх1елалъе

Дур макьу лъаларел беразда цеве,

Дур paxlaт лъаларел кверазда цеве.

(Расул Х1амзатов)

Зах1матаб заманалда г1адамазда рак1алде щвей, гьезие х1ажатавлъун вук1ин, жиндир кумекалъухъ хьулгун, божилъигун анц1-анц1 ва нус-нус г1адамал рук1ин ва жиндир гьунаралъ, махщелалъ гьезул ургъел бигьалъизабизе ва къезабизе к1олевлъун вук1ин гьеб ккола к1удияб талих1. Бац1ц1адаб иццулъ лъедолеб бакъг1адин кенч1ола г1адамазда гьоркьов сахлъи ц1униялъе Бет1ергьанас сабабалъе кьурав тохтур. Гьединайлъун йихьула дида Ибрагим Ибрагьимовичас нухмалъи гьабулеб РМЦаялъул, поликлиникаялъул ва № 1 больницаялъул бет1ерай тохтур Мух1амадова Узлипат Г1усмановна. Гьеб ц1ар кинабалиго адабгун, хьулгун рехсола гьеб больницаялда гуребги шагьаралъул бат1и-бат1иял поликлиникабаздаги, больницабаздаги, маг1арул росабалъги, медицинаялъул кумек х1ажатазги ва жидее гьеб щваразги. Гьит1инго г1акълу щварай, г1елалде г1умру лъарай Узлипатие хирияб бук1ана жийго г1ураб г1умруялде т1оцересел галаби т1амураб Хунзахъ районалъул Г1обода росу. Гьелъул гьайбатаб т1абиг1аталъги, т1огьолал байдабазги рик1к1аде йоржине куркьбал гъуна Узлипатида. Гьелъие умумуздасан ирсалъе щвана маг1арул ч1ужуг1аданалъул къадру ц1униялъул, ях1-намусалъул ва г1аданлъиялъул дарсал. Гьеб нухалъ ячана гьей г1умруялъул т1огьиеги...

1985 абилеб соналда гьоркьохъеб лъай босана г1агараб росдал школалда. Гьебго соналда ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде. Гьеб лъуг1идал 12 соналъ х1алт1ана Мах1ачхъала шагьаралъул  № 8 поликлиникаялда. Г1олилалъул х1алт1удехун бугеб жавабчилъиги, бажариги бихьун 2004 аб. соналда гьелда божилъи гьабуна гьеб цебехун рехсараб больницаялъе  ва поликникаялъе нухмалъи гьабизе. Гьенир сах гьарула т1адег1анал хъулухъазул чиновникалги, бихьиналги, руччабиги, г1адатиял г1адамалги. Ункъо т1алаялъул гьеб больница х1исабалде босун буго 80 унтарасе. Х1акъикъаталда гьеб къадар г1емерго ц1ик1к1уна.Унтаразул хъулухъалда вуго 102 сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъан. Гьезул махщел камиллъизабиялъул ва унтарал сах гьариялъул бугеб ах1вал-х1алалъул х1акъалъулъ г1емер бицуна щибаб итни къоялъ Мух1амадовалъул жавабчилъиялда т1орит1улел данделъабазда. Бет1ерай тохтуралъ сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабазул пикру буссинабула унтаразудехун недегьаб, х1еренаб калам бук1ине ккеялде, унтарав, сахлъиялъе гьелъул бук1унеб к1варалде. Гъваридго бицуна бат1алъи гьеч1ого т1олалго больницаялъул х1алт1ухъаби рак1 г1ат1идаллъун гурх1ел рах1му бугеллъун рук1ине ккеялъул, Щибаб анкьалъ палатабазда т1орит1улел хал гьабияздаги Узлипатида батула щивав унтарасул рак1 т1аде ц1азабулеб, берцинаб раг1и. Киг1ан зах1матго унтарасулги сахлъизе вук1иналда ракч1езабизе к1везе кколилан абула гьелъ.

Тохтурасул бищун лъик1аб рахъ дуда сундулъ бихьулеб абураб суал кьедал дагьай лъалхъана ва рак1алде щвезабуна гьелъ жидерго РМЦялъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимович. Щивав сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъанасул к1удияб талих1 буго гьев т1адег1анаб напсалъул, кьуч1аб хасияталъул чиясда цадахъ х1алт1изе щвейилан абуна гьелъ. Гьесие кьолеб лъик1аб къиматалдаса бер г1орц1улеб бук1инч|о гьелъул. Узлипатица гьев данде гьавулев вугоан г1акъиллъиялъулги, ях1- намусалъулги, ц1ураб гъамасалда, энциклопедиялда. Дун лъик1 х1алт1улей ятани гьеб буго Ибрагьимовичасул х1алт1ул х1асилан абуна Мух1амадовалъ. Доб суалалъе жавабги кьуна «Щибаб къоялъ цо щиб бугониги т1аде лъазабич1ев, жиндаго т1ад х1алт1уларев тохтур, гьев тохтур кколарилан Ибрагьимица г1емер такрар гьарулел раг1абаздалъун. Узлипатица абуна гьесда бадив балагьаравго лъалила тохтурас унтарасул гьабулеб т1алаб-агъаз, г1адамасул рек1елъ бугеб пикру. Эбел-инсуца малъаралдаса дагьаб жо жиндаги малъич1илан т1адеги жубана гьелъ.

Узлипат Г1усмановнаялъул лъик1аб гуреб пикру бугоан цо-цо районазул, росабазул больницабазул х1алт1ухъабаздехун. Гьезул цо-цоял х1алт1улел руго х1алт1ухъ щолеб мухьалъе г1оло. Гьел унтаразул ургъалида рук1унел гьеч1о. Сахлъи ц1униялъул х1ажатал алаталги аппаратураги ругел больницабаздасанги т1аса рихьизарун нижехъе рит1ун рач1уна унтаралилан абуна гьелъ. Камуларо унтаразул диагноз мекъи бихьизабиялъул т1аса-масагоял хъвай-хъваг1аял гьариялъул х1ужабиги. Гьеб рекъон бук1унаро.

Щивав тохтурас гьа бан бук1уна унтарав сах гьавизе. Гьеб т1убазабизеги ккола. Г1адамазе, хасго унтаразе гьабич1ого хут1араб лъик1лъиялдаса кидаго рек1екълъун йик1унилан абула Мух1амадовалъ. Нижер сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабазе бищун хириял руго «Дун сахлъана, нужее баркала» абурал раг1аби. - Гьез куркьбал гьола нижеда. Щибаб къоялъ рач1унел, сахлъун унел анц1-анц1, нус-нус г1адамаз ч1аголъизабун бук1уна больница.

Сах гьарун рокъоре т1ад руссун унездаса г1емер раг1изе бегьула тохтурзабазда рек1ел т1индаса росун абулел раг1аби.

Гьеб больницаялда бугеб лъик1аб ах1вал-х1алалъе нуг1лъи гьабула жалго унтаразул пикрабазги.

Нурулаев Исмаг1ил (Лъарат1а район).

-Дун г1емер вегизе ккана гьаб больницаялда. Лъала бет1ерай тохтур Узлипат Г1усмановнаги. Гьей йиго г1акъилай, т1адег1анаб намус-ях1алъул унго-унгояй маг1арулай. Г1иц1го гьаб больницаялда гьелъ ч1езабун бугеб г1адлу-низамалъе г1оло бет1ер къулизе мустах1икъай йиго гьей. Гьаб зах1матаб заманалда унтарал гьадинаб кванидалъунги дарабаздалъунги хьезари бигьаяб иш гуро. Х1алт1и гьабулелъул цо-цо г1иси-бикъинал г1унгут1абиги камуларо. Унтаразул к1удияб талих1 буго гьел хехго рихьулей ва гьел лъуг1изариялъе жиндир заманалда тадбирал гьарулей бет1ерай тохтур йик1ин.

Юсупов Мух1амад. (Шамил районалъул Гъогъолъ росу).

-Дун лъабабилеб нухалъ вегулев вуго гьаб больницаялда. Цоги больницабазде данде ккун г1емерго лъик1 буго гьаниб. Сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабаз жидерго т1адал ишал т1уразарулел руго рак1бац1ц1адго.

Больницаялда лъик1аб рац1а-ракъалъи, унтараздехун недегьаб, х1еренаб бербалагьиги буго. Дир пикруялда сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабазе дагьалги г1ат1идал, санаг1атал кабинетал рук1аралани лъик1 бук1инаан.

Гьаниб унтаразул гьабулеб т1алаб-агъазги х1урматги узухъда бухьараб буго бет1ерай тохтур Узлипат Г1усмановнаялда. Баркала буго гьелъие!

Г1алибеков Х1аскъил. (Гъуниб районалъул К1уяда росу).

-Дида лъалароан Мух1амадова Узлипат. Цо къоялъ сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабазул цо къукъагун больницаялъул коридоралде лъугьун яч1ана гьей. Гьенир рук1арал унтарал жиде-жидер палатабазде г1едег1ана. Дица гьеб тана унтараз Узлапатил гьабулеб адаб-х1урмат бугилан. Унтараздехун ва жиндирго иш цояздехун гьелъ гьабулеб каламалъулъ бихьулеб бук1ана т1адег1анаб культура, г1аданлъи, х1алимлъи,  рац1а-ракъалъи.

Щибаб къо, щибаб саг1ат Мух1амадовалъул бук1уна х1алуцараб, унтаразул т1алаб- агьазалъул ц1ураб, гьезие г1оло рах1ат хварал. Кин бугониги больницаялда камуларо рац1ц1а-ракъалъиялъул, г1адлу-низамалъул ва сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабазул унтараздехун т1аса-масагояб бербалагьи гьабиялъул ва цогидалги х1ужаби. Лъик1аб квешалда гьоркьоб г1урхъи ч1вазе лъалей, х1алт1ул х1албихьи бугей Узлипатида к1ола гьединал суалал ах1и-х1ур гьеч1ого, берцинго т1уразаризе...

...Хъизан-рукъалъул бицунаго цо бат1ияб рохалил асар решт1ана Узлипатил гьурмалъ. Унго-унгоги гьеб буго гьелъул, мугъ ч1валеб х1убиги, г1умруялъул рохелги. Гьелъул бет1ергьанги ккола х1албихьи, бугев тохтур-уролог.

- Нижер вуго лъабго вас. К1удияв - Мух1амадицаги эбел-инсул махщел тlaca бищана, хут1арав к1игояв ккола цояв экономист, цояв юристилан къокъ гьабуна гьелъ калам. Росасулги, лъималазулги талих1 буго жеги жидеда цебе тункун г1одоб х1ет1е лъеч1ей эбел йик1ин.

Жинди-жиндир берцинлъи бук1уна щибаб жоялъул, жинди-жиндир гьайбатлъи бук1уна щибаб махщалил. Узлипатидаги дандч1вана зах1малъабиги, квал-квалалги, амма ругьунлъана гьезде данде таваккалгун ине гьел къезаризе.

Гьале лъуг1ана инсанасул сахлъиялъе г1оло эхетараб цоги х1алт1ул къо. Дагьистаналъул мустах1икъай тохтур, т1адег1анаб категориялъул врач  Мух1амадовалъухъ метерги балагьун ч1ун  ратила долго кумекалъул хьулалда ругел унтарал. Гьанже гьелда бич1ч1ула жиндирго х1алт1ул жавабчилъи. Жийго х1ажатай йик1иналъул к1одолъи ва инсанасул баркалаялъул къиматги. РМЦялъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовасулгун бицен ккедал гьес абухъего хадубккунги гьедин х1алт1изе сахлъиги, талих1 рохелги кьеги Узлипат Мух1амадовалъе.

Г1амирхан Г1исалов, Россиялъул Журналистазул союзалъул член, печаталъул х1алт1ул ветеран. Гъуниб росу.

 

 

 

 

Просмотров: 599 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz