Суббота, 20.04.2024, 16:41 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 1 » ЦIАДАСА ХIАМЗАТИЛ Г1АДАНЛЪИГИ Г1АДАТЛЪИГИ РАК1АЛДАСА УНАРО.
15:43
ЦIАДАСА ХIАМЗАТИЛ Г1АДАНЛЪИГИ Г1АДАТЛЪИГИ РАК1АЛДАСА УНАРО.

Дида   цебе буго т1огьиллъи рехараб, 67 соналъ цебе бахъараб сурат. Сураталда вуго Ц1адаса Х1амзатги ва доб заманаялъ Хунзахъ районалъул райисполкомалъул председательлъун х1алт1улев вук1арав, Ахъбердиев Мух1амадги. Рак1алде щвана дирго лъимерлъиялъул заман. Унеб бук1ана 1949 абилеб соналъул июль моц1. Дун вук1ана 11 сон барав Хунзахъ росдал анкьго сонилаб школалда ц1алулев, риидалил каникулазда рукъов вугев, 4 класс лъуг1арав ц1алдохъан. Доб бук1ана рагъ лъуг1ун нахъисеб зах1матаб, гьанжего-гьанже нилъер улкаялда рух1 реч1ч1изе байбихьараб, жеги ракьалдаса рагъул ругънал сахлъич1еб язихъаб заман. Бук1ана баг1арараб риидалил къо. Гьеб къоялъ жиндирго х1алт1ул ишалъ Хунзахъа Г1арани росулъе унев вук1арав имг1алас, жиндирго хъулухъалъул машинаялдаги рек1инавун, дунги вачана жиндаго цадахъ тира-сверизе. Т1адруссунаго, кьоги бахун Г1арани росдада аск1осан унеб, Тобот лъарахъе щварал ниж гьенир лъалхъана чвердезе ва машина чуризе.

Гьенибго чверделел к1иго-лъабго чиги ватана нижеда. Дир берч1вана, хъах1аб бахараб мегежги бугев, ригь арав чиясда. Дида гьев сураталда вихьарав чиясда релълъун вахъана ва имг1аласда ц1ехана гьадав чи Ц1адаса Х1амзат гурищан.

Имг1ал дихъги валагьун тамашалъун хут1ана ва ц1ехана кинг1аги дуда дов лъарав, цеве вихьунг1аги вук1анищ дуда Ц1адаса Х1амзатан. Дица жаваб кьуна сураталдасан лъанилан.

Дие ц1акъ рокьулаан Ц1адаса Х1амзатил куч1дул. Доб заманаялъ къват1ире риччарал шаг1ирасул к1иго томалъул асарал дица ц1алун лъуг1изарун рук1ана. Цо цо гьес хъварал кучIдул, рек1ехъеги лъалаан дида.

Имг1алас дида абуна гьев чи, х1акъикъаталдаги, Мах1ачхъалаялдаса маг1арухъе щвезе вач1арав Ц1адаса Х1амзат вугилан.

Ниж хабаралда рук1аго, чвердезеги чвердон, Х1амзат г1урдаде вахун вач1ана. Дир имг1алги шоферги гьесда аск1оре ана. Гьел к1иялго г1емераб мехалъ, разиго, хабар-к1алалда рук1ана. Гьезухъ балагьараб мехалда бич1ч1улеб бук1ана, гьел цебегоялдаса нахъе цоцада лъалел чаг1и рук1ин. Бигьа гьабун хъурщун щиб, вилъун щиб, дунги щвана гьезда аск1ове ва имг1аласда аск1ов кьерун ч1ч1ана. Дихъги валагьун Х1амзатица ц1ехана имг1аласда, дур васищ гьав кколевилан. Имг1алас Х1амзатида бицана, рагъда хварав жиндир вацасул вас вугин дунан. Ц1адаса Х1амзатица  дир кат1ариялда недегьго квер  бахъана ва чанабилеб классалда, кинал къиматазда ц1алулев вугевилан ц1ехана. Дун дагьав нечаравлъиги бихьун, гьес  дида абуна лъик1 ц1алеян, нахъа заманалда мунго г1адамазе пайдаяв чилъун лъугьине.

Цинги Х1амзат т1ад рет1ел рет1ине лъугьана.

Дида гьанжеги цебе ч1ола Х1амзатица рет1ун бук1араб г1адатияб маг1арул рет1ел. Галифаби ругеб т1ажу, г1ек1мац1ал далараб рачел борчараб гурде. Гурдеялъул квег1аб рахъалда бан бук1ана Верховный Советалъул депутатасул значок, орденал медалазул бак1алда ралел бат1и- бат1ияб кьералъул халатаб г1аламат, сурт1агъур, т1еренал чакмаби. Къо лъик1ги гьабун, гьес нижер кверал росана.

Ц1ада росулъе гьев щвезавизе машина бит1улеб бук1ана дир имг1алас, амма киг1ан гьараниги Х1амзатица машинаялдаса инкар гьабуна. «Дун дирго ругьунаб сухъмахъ нухалъ ина, т1абиг1аталъухъги валагьун» ан - абуна шаг1ирас. Г1одове виччан, т1адагьго галабиги т1амулаго, гьев нижедаса рик1к1алъана, кьоги бахун хурзал ч1ван эхеде бугеб т1еренабго сухъмахъ нухалъ Ц1ада росулъе валагьун унев вук1ана, гьоркьо-гьоркьов рахъ-рахъалдеги балагьун, хъатикь ккураб г1урччинаб хьопги хьваг1изабулаго. Дун Х1амзатида хадув гьев цевеса т1ерхьинег1ан г1емераб  мехалъ валагьун хут1ана.

Гьеб бук1ана т1оцебесеб ва т1арамагъадисеб нухалъ хирияв шаг1ир дида вихьараб къо.

Дун гьит1инав чи ц1акъ х1икмалъун хут1ана Х1амзатил г1адатлъиялда, машинаялдаги рек1инч1ого, гьев херав чи лъелго иналда. Дир лъимерлъиялъул рек1елъ Х1амзат хут1ана ях1 бугев, сахав, ч1ух1и гьеч1ев, г1адатияв, маг1арулазул унго-унгояв шаг1ирлъун. Дида гьеб къо кидаго рак1алдаса унаро. Доб къоялъ Ц1адаса Х1амзат араб нухги бук1ун батизе ккола, Расул Х1амзатовас «Дир Дагъистан» абураб т1ехьалде босараб, кидаго хьвадун Х1амзат  ругьунаб сухъмахъ нух...

...1951 соналъул июнь моц1алъул т1ад нак1к1 лъураб роччараб къо бук1ана. Дун ц1алулев вук1ана 6 абилеб классалда. Росдал къот1нов дир г1елалъул лъималазда  гъорлъ вук1ана дун, гьезул цояс абуна, жакъа радал радиоялъ кьунин Ц1адаса Х1амзат хванилан абун.

Дун цо лах1заталъ ч1ун хут1ана. Кьурун т1адги вуссун, рокъовехун векерана ва кроваталда к1алагъоркье вегун ч1ана. Дида маг1у кквезе к1веч1о.

Долдаса нахъе ана г1емерал сонал. Дир имг1ал хвелелде цебесеб соналъ, Гъизилюрталда х1алт1улев вугев дун ана Мах1ачхъалаялде гьесухъе щвезе. Гьеб къоялъ, гьевги дунги хабаралда pyкlaгo, дица гьесда рак1алде щвезе гьабуна т1оцебесеб нухалъ дида машгьурав шаг1ир вихьараб доб къо. Имг1алас гьеб мехалъ цо ящик1алъуса къват1иб бахъун, дол рик1к1адал соназ Ц1адаса Х1амзатги гьоркьов ч1ун бахъараб сурат кьуна дие. Гьеб суратги бахъун бук1ана доб 1949 соналъул июль моц1алда, доб лъарахъ дандч1ван чанго къоялдасан, имг1ал Ц1ада росулъе арав мехалъ. Сураталъул автор ккола доб заманаялъ Хунзахъ райисполкомалъул председателасул заместительлъун х1алт1улев вук1арав К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи жиндир мунагьал чураяв Хунзахъ росулъа Къебедов Мух1амад.

 

 

Ц1адаса Х1амзатиде

Маг1арул халкъалъул литература

Цебет1езабурав машгьурав шаг1ир.

Дагъистаналъулго поэзиялъул

Нух г1ат1ид гьабурав раг1ул инженер.

Дур ц1одораб калам, бег1ераб paг1и

Рек1ей къабуллъула къо бахъанаг1ан,

Рит1ухълъи ц1унарал дур къалмил мухъал

Къечарав чиясе иццлъун берола.

Цо къоялъ лъик1ан мун т1аде вахъизе,

Гьанже бач1ун бугеб заман бихьизе.

Г1арац г1арацилан г1ерг1едилаго

Г1умру т1амулезе ваг1за ц1ализе.

Жидейго х1алт1улел х1акимзабазде

Х1унчарулел ч1орал реч1ч1изаризе,

Рищватал росулел хапугабазда

Халкъалъул г1узраби рич1ч1изаризе.

Жанисан т1ок1к1арал т1аса гвангъарал

Дуца, нахъе тарал гучал асарал.

Чохьое х1алт1улев х1алихьатиде

Х1апародул ц1ураб г1ечлъун батаги

Г1и ц1унун тун бугеб «бац1азул рехъен»

Цересан лъухьизе жуллъун батаги.

Зах1матчаг1и х1улун жал ругьунлъарал

Гъарачаг1азда т1ад ц1алъун гваргъаги

Ях1 чвантиниб лъолел, чидай х1елулел

Хиянатчаг1азе загьрулъун щваги,

«Щвараб» жо рокъобе вархьизабулел

Вахьнаби зуризе зарлъун батаги.

Ч1ор г1адин реч1ч1улел дур раг1абаца

Г1адаль унти ч1ваги такъсирчаг1азда.

Г1умруялъул дарсаз роц1ц1инарурал

Дур асарал гьеч1еб къо бач1унгеги.

Т1алх1ат Ахъбердиев

 

 

 

Просмотров: 1196 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz