Пятница, 19.04.2024, 18:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Апрель » 23 » ЧУХЬАРЛЪУГЕ Т1АБИГ1АТАЛДА Т1АД БОСАРАБ БЕРГЬЕНЛЪИЯЛДАСА, ЩИБАБ КВЕРЩЕЛАЛЪУХЪ ГЬЕЛЪ НИЛЪЕЕ БЕЦ1УЛЕБ БУГИН
12:55
ЧУХЬАРЛЪУГЕ Т1АБИГ1АТАЛДА Т1АД БОСАРАБ БЕРГЬЕНЛЪИЯЛДАСА, ЩИБАБ КВЕРЩЕЛАЛЪУХЪ ГЬЕЛЪ НИЛЪЕЕ БЕЦ1УЛЕБ БУГИН

Нижеда институталда малъулаан грек мац1алдаса таржама гьабуни «экология» раг1ул маг1на бугин «рукъалъул х1акъалъулъ г1елму» ян, цойги малъулаан экологияб къаг1ида х1алт1изабулареб бак1алда экономикаги цебет1оларин («Что не экологично – то не экономично» - академик Гъ. М. Г1абдурах1мановас ниж, жиндирго студентазулъ куцараб принцип). Гьединлъидал, диплом кодосей эколог х1исабалда, дун кутакалда йохана гьаб ахираб к1иго соналда жаниб районалда лъугьараб рац1ц1а-ракъалъиялдаса, сверухълъиялда, хасго машинабаз газал къват1ире кьвагьун гьава чорок гьабурал нухлул раг1аллъабазда гъут1би ч1ун лъугьараб берцинлъиялдаса.

Районалъул г1орхъи бахарабго нилъер гьанир гъут1бузда роржанхъилел гьеч1ел пакеталги нухазда гьеч1еб къишни-къулги бихьидал, сапарцоязул «вах1»алъе дица пахруго жаваб кьола нижеца мех-мехалдасан субботникал гьарун бак1арулелъул гьеч1ин гьеб кинабгоян. Амма гьеб  жавабалдасаги дие бокьилаан «Нижеца чорок гьабуларо, гьединлъидал рац1ц1алъиги ц1унун буго» ян гьалбадерие жаваб кьезе. Зах1матаб иш гурелъулха щивасе нилъер г1аммаб рукъ – Ракь ц1унизе?! Биччанте гьеб бук1ине г1одобе рехич1ого тараб хъалиманалъул рач1, т1абиг1аталда х1ухьбахъидал нилъедаго хадуб бак1арараб магъакь-к1ач1аралъул гох1, ч1араб гъвет1, бакъвараб г1урдаллъиялда, киг1ан гъира бук1аниги, хъинт1ич1ого тараб спичкадул г1уч1…

Инсанасул т1абиг1аталде бугеб зарал ц1ик1к1араб бербалагьиялъе мисалаллъун рачина дица гьал хадур  рехсолел цо-цо х1ужаби:

-Г1адамазул г1айибалдалъун, ахирисеб 200 соналда жаниб бищун дагьалдасан гьаваялде рехун буго 2,1 триллион тонна СО2 ялъул (углерод), гьелъул х1асилалда Дунялалъулаб Океаналъул  лълъимазул кислотность ц1ик1к1ун буго 30 % (рН дагьлъун буго 0,1)

- Т1адагьаб автомобилалъ лъаг1алида жаниб гьаваялде рехулел руго жиндирго ц1айиялда бащадал заралиял веществаби.

Балагье, Мах1ачхъала шагьаралда къад ялъуни бакъанида г1ужалъ машинабазул бук1унеб  х1алкъай, лъелаздаса рек1арал г1емерлъараб г1ала-гъважа! Хунзахъцин хут1ун гьеч1о лъелго х1алт1уде хьвадулеб хъизам. Амма гьелъул г1аксалда, Швейцариялъул (!!!) муг1рузулаб шагьар Церматталда гьукъун буго машинабазул хьвади. Г1иц1го! Т1абиг1аталъеги нилъерго  сахлъиялъеги лъик1аб  велосипед - гьеле гьел бечедаб, рах1атаб г1умруялъул г1адамал рек1унеб цого-цо транспорталъул алат!

- Россиялда ц1акъ дагьаб къадаралда гурого  х1алт1изабулеб гьеч1о к1иабилеб нухалда гъарси (сырье). Бук1а гьеб кагъат, пластмасса, ц1ер. Нус-нус соназцин биххич1ого бук1ине гьеб бан тола ракьулъе. Цойги мисал. Бищун машгьураб «Нью-Йорк Таймс» казият ц1алулевщинас гьелъул щибаб экземпляр к1иабизеги х1алт1изабизе кьуни ц1унизе к1олеб буго 75 азарго (!!!) гъвет1. Нилъецайин абуни, къот1ун лъуг1изарулел руго  планетаялъул  гьуъруллъун жал рик1к1унел  рохьал, ц1иял гъут1би ч1ейги рик1к1унеб буго ч1алг1аде нилъго х1алт1изарураб заманч1вайлъун, районалъул бет1ерасул  ялъуни гьесул сверухълъиялъул гогьлъи-г1анч1лъилъун.

- Илълъа росдал раг1аллъабазда рац1а-ракъалъи гьабулелъул щибаб к1иабилеб нижеда батулеб «хазина» бук1ана лъималазул памперс. 250 соналъцин хвезе байбихьич1ого жиб бук1унеб, ирсилазе толеб бугеб «къиматаб» сайгъат. Ч1ахъаги дол, памперсалги жидеда лъач1ого, къоялъ лъималазда хадуб памадул ххамил кескал чурулел, гьезда иту бахъулел рук1арал умумул!

Дица т1адехун рехсана  инсанияталъул жидеца г1умру гьабун бугеб  ракьалъе балагьал мисалазул г1иц1го цо-цоял. Цог1аги гьаб казият ц1аларав чияс гьездаса пайда босун, кант1ун т1абиг1аталъе зарал гьабич1ого тезе нияталда. Щуго соналъ т1абиг1ат ц1унизе, гьелдаса г1акълуялда рекъолеб, ай рационалияб къаг1идаялъ пайда босизе малъулеб факультеталда ц1аларай йик1иналъ, дида гьабсаг1ат бихьулеб буго г1иц1го г1аксаб  рахъ – сундего инсанасул агъаз гьеч1еб бербалагьи. Амма к1очене бегьуларо т1абиг1аталъ кида-къадги жиндие гьабураб зияналдаса рец1ел босич1ого толареблъи.

Бук1ине биччанте гьеб нилъеца ц1алеб чорокаб гьаваялдалъун, сах гьабун бажарулареб унти ккеялдалъун, гьекъезе загьруяб лъедалъун рец1ел.  Кинабго буго нилъецаго бекьараб хурул бач1ин.  Амма инсанасулги т1абиг1аталъулги рагъулъ бергьине рес буго г1иц1го абадияб дандияв.  Нилъер лъугьа-бахъиналда гьеб кколеб буго т1абиг1ат.

Парангазул хъвадарухъан Антуан Риваролица абухъе: «Т1абиг1аталъул руго: ункъго абадияб декорация – лъаг1алил заманал, хиси гьеч1ел актерал – моц1ги, бакъги, ц1вабиги. Гьел киданиги хисуларо. Амма хисула жиндихъ балагьарал (зрителал), абадияб рокъоре – ракьулъе т1абиг1аталъ гьел нухда  рег1иялдалъун». Гьаб т1аг1ияб свериялда нилъ г1иц1го заманаялъ балагьизе рач1арал рук1ин к1очене бегьуларо лъиданиги.

Турк1е, кант1е, динцоял.

Ф. Мух1амадова.

Просмотров: 508 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz