Пятница, 29.03.2024, 18:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Март » 30 » ЧОРОКЛЪИЯЛЪУЛЪ Т1ЕРЛЪИНЕ Ч1ЕЗЕ БЕГЬУЛАРО НИЛЪ.
18:11
ЧОРОКЛЪИЯЛЪУЛЪ Т1ЕРЛЪИНЕ Ч1ЕЗЕ БЕГЬУЛАРО НИЛЪ.

Гъурщие как балеб, кепкие сужда гьабулеб, пайда-хайиралъул гурого ургъел гьечӀого, тӀабигӀат чорок гьабулеб, гӀадамасул сахлъиги, гӀумруги, гӀемераб цогидабги кепказухъ кьолеб гӀуцӀиялда гӀумру гьабизе хъван бук1ун буго нилъее. Г1емерлъун ругел унтабазеги, хвалиеги аслияб гӀиллалъун гӀалимзабаз химиялъ чорок гьабураб тӀабигӀатги, кир, сундул гьаруралали лъаларел квенин цӀар лъурал суррогаталги ругин чӀезабулеб буго. ХъантӀарал, гӀорцӀи лъаларел буржуяз Цейлоналъул чайилан гӀачи-оцазул ракул лъим гьекъезабиги, сосискабийин колбасайин цӀар лъурал суррогаталги фальсификаталги кваназарулел рукӀинги нужеда бицине ккеларо. «Самопал» гьекъон, аза-азар чи холев вугин Россиялдаян, загьруяб гӀаркъицаги наркотиказги гӀадал гьабулеб бугин Россиялъул халкъан ахӀи бай гурого гьеб гьукъизе пачалихъалъ гьабулеб жоги гьечӀо. Т1ад ретӀунеб ретӀелцин, лъималазул игрушкабигицин гьечӀо заралиялги загьруялги гурел. эбелалъул чохьонирго ругел лъималцин гьарулел руго унти ккаралги г1ажизалги.

Европаялда бищун гӀумру къокъаб миллаталде сверизабун буго Россиялъул халкъ. Дурго унтиялъул бицани, дудасаги унтарав гурев дандчӀваларо. Районазулги шагьаразулги больницаби цӀун, регизе бакӀ щоларого руго гьенир, халатал очередал руго поликлиникабазда. Гьезда гъорлъ гӀолохъабиги дагь гьечӀо. ГӀумру къокъаб гуреб унти ккараб миллаталдеги сверизе бегьула нилъ, церего сверун гьечӀел ратани. РекӀел бидурихьазул, нервабазул унтабазе, ракалъе ва цогидал унтабазе гӀиллалъун, цебехун абухъе, чорокаб сверухълъи, загьруяб квен гуребги, рукӀа-рахъиналъул лъикӀал гурел шартӀалги, ургъалица цӀураб, хӀинкъараб, метер къо кинаб букӀинебали лъалареб гӀумру букӀинги нилъее балъголъи гуро. Нилъеца гӀумру гьабулеб буго жидерго гурого ургъел, тӀалаб-агъаз гьечӀел, хасго гӀадатал гӀадамал мукъсан гьарулел, гӀисиналги чӀахӀиялги хӀакимзабаз квегъулеб, кӀвекӀулеб бугеб улкаялда. Нилъерго сахлъиялъул нилъецаго тӀалаб гьабизе ккола сундасаго цебе. Гьединаб тӀалаблъун букӀинаан нилъеда бажарараб жониги гьабун нилъерго азбар-къоно, къватӀ, росу ва сверухъ бугеб гӀалах чороклъиялдаса кӀвараб хӀалалда бацӀц1ад цӀуни. Районалъул росабиги сверухъ бугеб гӀалахги чорок гьабулеб букӀиналъулги гьелъул сахлъиялде букӀине бегьулеб квешаб асаралъулги рахӀатхун бицана дагьаб цебегӀан данделъун букӀараб районалъул бетӀерасда цебе бугеб Херазул Советалъул данделъиялда. Гьоркьоб лъун дандбазе босараб «Хунзахъ ва ГӀарани росабалъ санитарияб ахӀвал-хӀал» абураб суалалдасан баян кьуна санэпидстанциялъул бетӀерай врач С. Г1аммаевалъ. КӀиябго росдае кӀвар бугел суалазде пикру буссинабуна жийго С. Г1аммаевалъги кӀалъазе рахъаразги. 

 1.С. Г1аммаевалъ лъикӀаблъун рикӀкӀана районалъул Советалъул, ялъуни росабазул Советазул сессиязул хӀукмуялдалъун моцӀида жаниб цо къо санитарияблъун лъазабизе районалъул росабалъ. Гьеб къоялъ жидерго азбар-къоно, мина сверун чороклъиялдаса бацӀцӀине тӀадаблъун гьабизе рукъалъул бетӀергьабазда. Гьеб тадбиралъул гъираялда рахъ кквелин ккола районалъул гӀадамазги. Гьединабго пикру загьир гьабуна, «Р. З» газеталъул редакциялде рачӀун ва къотӀнор дандчӀван, Хунзахъ росдал руччабазги. КӀалтӀу-къоно кагъат, кьишни-къул, пакетал ран чорок гьабугейин ва радал-бакъанида къватӀ-къоно бацӀцӀад гьабейин хитӀаб гьабе Хунзахъ росдал руччабаздеян гьарулеб букӀана гьез. Гьайгьай, руччабаз гьабула рокъобги къватӀибги рацӀцӀалъи. Киназдаго лъала руччабаз рукӀа-рахъиналъул отходалгун пакетал мусоралъул ящикӀазде аскӀоре рехун толареллъиги. Пакетал росун ритӀулел лъимал малъа-хъвай гьабун ритӀизе тӀадаб буго эбелалда. Гьебин абуни, гьабун гьечӀо. АскӀоб анцӀго сверун къараб мусоралъул ящикги букӀаго, Хунзахъе рачӀунеб ГӀалихановасул къотӀноб иццда аскӀоб асфальталде радал пакетазда сверун бакӀ махӀцинабун букӀана гӀачиязул чороклъиялъ. БоцӀуца щущазарурал пакетал цогидал ящиказда аскӀорги рукӀуна. Росдал администрациялъул бетӀерас росулъ рацӀцӀа-ракъалъи чӀезабиялъе гӀурабго хӀалтӀи гьабун буго. Хизрица администрациялъе бетӀерлъи гьабулеб бугеб 3 соналъ росдал батӀи-батӀияб авалалда лъун буго 70 мусоралъул ящик. Гьезул чанго авалалда ругел ящикал боцӀудаса цӀунизе сверун къан руго. Заманалда мусор нахъе баччулинги бицана росдал администрациялъул бетӀер Х. ТӀалхӀатовас. Гьелъиеги гӀурал харжал гьарулел руго росдал администрациялъ.

2. КӀвар бугеб, чанго нухалъ батӀи-батӀиял даражабазул идарабаз гьоркьоб лъун дандбаниги рагӀалде бахъичӀеб суал буго районалъул аслияблъун кколеб ГӀарани бугеб базаралъул суал. Базаралда санитариял нормабазул тӀалабал хвезарулел рукӀиналъулги ричарухъабазе гьечӀел шартӀазулги рахӀат хвараб гара-чӀвари букӀана данделъиялда (Гьеб суал газеталъул гьурмазда хас гьабун борхизе хӀисабалде босун букӀун, къокъго бицун толеб буго). ГӀарани базаралда гуреб росулъ цогидал бакӀаздаги, масала, Хунзахъе сверуда, гьебго къват1алъул ахада рагъулаб часталда кӀиябго рахъалъ рукӀуна ракӀаричӀого тарал чӀехьаралги чӀехьечӀелги пакетал. Чороклъи букӀунин М. ГӀумаровасул тукада хьолбохъан бихьизабуна кӀалъазе рахъараз. Пластиказул шушбузул 6-7 гохӀ буго ГӀалагӀарталде унеб нухда, больницаялда нахъа. Гьеб гьениса бакӀаризе ракӀалде кколеб идара гьечӀо. ЛъикӀаб хӀал гьечӀо районалъул цогидал росабалъги. Росабалъ гьечӀин хвараб боцӀи букъулеб бакӀан (скотомогильникал) бицана данделъиялда. Хунзахъ тӀалъиялъул росабалъа рукӀа-рахъиналъул хутӀелал нахъе раччулел руго. Цогидал росабалъа гьеб нахъего баччуларо, ялъуни ракьулъ букъун нилъ гьелдаса цӀуничӀого, росаби сверун бан букӀунеб буго. Гьедин бугин БакьагьечӀибан бицана А. ХанмухӀамадовас. Гьедин буго БуцӀраги. Гьединаб хӀал бугел цогидал росабалъеги щвана дун. Херазул Советалъул данделъиялде босун течӀого, гъваридго гъорлъе раккун, районалъул нухмалъулезул даражаялда гьоркьоб лъезе мустахӀикъаб бугин районалда тӀабигӀат цӀуниялъул ва санитарияб ахӀвал-хӀалан абуна кӀалъазе рахъараз. Чороклъиялъулъ тӀерхьинегӀан чӀезе бегьуларо нилъ. ХӀажат буго тӀолабго районалъул гӀадамазул цадахъ рекъараб хӀалтӀудалъун нилъерго росаби, сверухълъи чороклъиялдаса цӀунизе. Гъанкъулев лъелъа къватӀиве вахъи живго гъанкъулесул иш бугилан гӀодоре риччан чӀезе бегьуларо.

Просмотров: 835 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz