Ц1иял ралел бак1ал
Рук1ина нилъерги футболистал
Росабалъ г1олилазе рак1гъеялъе руссине бак1ал гьеч1олъиялъ, г1емерисел къват1азда терелел, гъалмагъир гьабулел рук1уна. Г1олилазул жан-жигар лъик1аб рахъалде буссинелъун, Гьоц1алъ, Г1орут1а ва Заг1иб росабалъ гьарулел руго 40 метр халалъи, 20 метр г1еблъи бугел футболалъул площадкаби.
Гьоц1алъ
Футболалъул площадка гьабизе бак1 бит1изабун, чабах баччун х1адуризе ккола росабазул администрацияз, хут1арал х1алт1абазе х1ажатаб бук1инабулеб буго районалъул администрациялъ. Площадка гьабулеб бак1алде нусгоялдаса ц1ик1к1ун куб чабхил баччанила жидецаян бицана Гьоц1алъ росдал бет1ерасул заместитель Т1алх1атов Т1алх1атица. Гьедин, площадка гьабулеб бак1 х1адурун буго. Гьенибе росун руго лъим ц1узе трубаби, геотекстиль, сверун къазе панелал ва цогидабги. Гьабсаг1ат х1алт1ухъабаз лъолел руго лъим ц1уйзе трубаби, хадуб площадка сверун къазе буго. Гьай-гьай, площадкаялда лъезе буго газонги, гьеб бач1ине буго. Июлалдехун площадка лъуг1изабизе рак1алда буго х1алт1ухъабазда.
Г1орут1а
Г1орут1а росулъги футболалъул площадка гьабизе байбихьун буго. Гьенибе кколеб лабаллъи бит1изеги гьабун цебе къед ч1ун буго. Площадка гьабизе х1ажатаб материал бач1ун буго гьенибе. Г1арадерил бегавуласул заместитель Х1осенов Нурмух1амадица бицана 25 КАМАЗ чабхил баччизе кколеб бугила гьенибеян. Гьеб баччизе ресал гьеч1олъиялъ х1алт1и ч1ун хут1ун бугилан.
Заг1иб
Гьениб гьарулел х1алт1абазул бицана Хунзахъ администрациялъул бет1ерасул заместитель Абух1ов Къурамух1амадица. Площадка бук1инесеб бак1 бит1изабун буго. Чабахги баччун буго. Площадка бит1араб бук1ине ккани, к1иго рахъ опалубка лъун бетон т1ун борхизабизе ккола, к1иго рахъ кколеб гьеч1о. Гьенибе жеги материал бач1ун гьеч1о. Бетон щвеч1ого ч1ун хут1ун руго х1алт1аби. Площадка гьабизе тарал х1алт1ухъаби гьеч1ила, жакъалъаг1ан гьарурал х1алт1аби росдал г1олохъаби рахъун гьарунилан бицана Къ. Абух1овас.
П. Гунашева.
|