Хириял районцоял! Гьале ахиралде щвана нилъер г1умруялъул цоги лъаг1ел, Кремлялъул курантаз рик1к1ана 2015 соналъул ахирисел минтал. Гьеб тарихалде жанибе ана районалъул зах1матчаг1азе социалиябгун экономикияб ва рух1ияб цебет1еялъул нухда бихьулеб лъалк1ги тун.
Г1адамазул мурадал т1уразариялъе гьаруна г1емерал тадбирал: къач1ана нухал, лъелгун токалъул мухъал, капиталияб ремонт гьабуна ва т1аде ц1иял бак1ал рана лъай кьеялъул, культураялъул ва сахлъи ц1униялъул учреждениязда, х1алт1изе кьуна ц1иял школал, ясли-ахал, ФАПал, х1ухьбахъиялъул паркал. Гьединал тадбиразул сиях1 к1удияб буго.
К1удияб таваккалгун, гьелдаго цадахъ маг1ишатиябгун политикияб ва г1уц1арухъанлъиялъул х1алт1улъ рак1ч1арал бергьенлъабиги росун 2015 сонги нухда рег1ун нилъ лъугьана ц1ияб 2016 соналда жанире.
Рак1-рак1алъул баркала киназего-хурзабахъ, фермабазда х1алт1улезе, лъимал ц1ализарулезе ва гьезие тарбия кьолезе, г1адамазул сахлъи ц1унулезе-районалъе, республикаялъе ва улкаялъего лъик1лъиялъе г1оло бич1ч1и бук1иналдалъун ва рахъи кьоледухъ х1алт1улел ругел киназего.
Дирго, райадминистрациялъул, райсобраниялъул ва дир пикруцоязул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркула зах1матчаг1азда, халкъияб интеллигенциялда, т1олалго районцоязда ц1ияб 2016 сон. Щулияб сахлъи, рохелгун аваданлъи, зах1маталъулъ, ц1алулъ, творчествалъулъ бергьенлъаби нужее!
|