Нилъер ракьцояв Загьид Хучбаровасул нухмалъиялда гъоркь гьал ахирал соназда «Дагъавтодоралъ» г1емераб х1алт1и гьабулеб буго республикаялда заманалъул т1алабазда рекъарал, лъик1аб качествоялъул нухал ч1езаризе. Исана гьеб г1уц1иялъул х1аракаталдалъун Дагъистаналда х1алт1изе кьуна кинабниги 76 километралъул манзилалда ц1иял гьарурал ва къач1арал нухал, жеги 270 километралда гьабун буго ремонт.
12 ноябралда байрамалъулаб ах1вал-х1алалда х1алт1изе кьуна Грозный-Хунзахъ-Гьарак1уни мухъазул нухги. Нухлул участок рагьиялъулъ г1ахьаллъи гьабуна «Дагъавтодоралъул» нухмалъулев Загьид Хучбаровас, Хунзахъ ва Хьаргаби районазул нухмалъулез, «Лезгинка ансамляблъул директор Жамбулат Мух1амадовас ва цогидазги. Гьединго нилъер районалъул культураялъул рукъалъул х1алт1ухъабаз гьалбадерие х1адур гьабун бук1ана районалъул росабазул г1адатазул ва квен-т1ехалъул бицунел миллиял бок1налги. Гьеб нух къач1алаго х1алт1изабун буго ц1ик1к1араб къадар техникаялъул ва г1емерал ц1иял технологиял. Гьениб х1албихьун буго Америкаялдегун Европаялда нухал къач1алаго х1алт1изарулеб, цебеккун Северияб Кавказалда жеги х1алт1изабун бук1инч1еб 3Д нивелирование абураб къаг1ида. Гьенибе т1ун буго 10500 тонна хъилалъул, гьарун руго 48300 кубометр ракьулгун ганч1ил х1алт1аби.
Гьеб нух ккола Макьасда балеб бугеб х1ухьбахъиялъул зонаялъул инфраструктураялде гъорлъе унеб бут1алъун, гьелъ цолъизарула Болъихъ, Хунзахъ, Хьаргаби районазул росаби ва Болъихъги, Г1араниги ругел г1орхъаби ц1унулел заставабаги. Участокалъул к1вар ц1ик1к1уна гьелъ Дагъистаналъул ва Чачан республикаялъул муг1рузулал районал цолъизарулел рук1иналъги.
Саг1ид Юсуповас киналго районцоязда баркана ц1ияб нух рагьи, бицана районалъул социалиябгун экономикияб цебет1ей лъугьиналъе гьелъул бугеб к1варалъул ва баркала кьуна гьеб х1алт1улъ жидерго бут1а лъурал киналго х1алт1ухъабазе. Загьид Хучбаровас жиндирго к1алъаялда бицана нухал г1адамазул г1умруялъул бидурихьал кколила, республикаялъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас т1адкъай кьун бук1анила исана нухал гьари 20 % ц1ик1к1инабеян ва жидеца гьеб х1алт1и 21 % бахинабунилан. Гьаб сон байбихьаралдаса нахъе республикаялъул 33 районалда гьарун ругила нухал къач1аялъул х1алт1аби. Баркала загьир гьабуна къаси-къад ч1еч1ого х1алт1арал жиндирго х1алт1ухъабазе ва киналго ах1ана гьезул зах1маталъул къимат гьабизе.
И. Мух1амадов.
|