Четверг, 25.04.2024, 15:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 25 » Ц1ИБАККАРАБ УНТУДА ДАНДЕ КЪРКЬЕЗЕ Х1АЛБИХЬИ ЩВАНА.
12:01
Ц1ИБАККАРАБ УНТУДА ДАНДЕ КЪРКЬЕЗЕ Х1АЛБИХЬИ ЩВАНА.

Г1и-боц1ухъанлъиялда ругезе хасалихъе заман ккола бищунго х1алуцараб мех:  х1адурун бук1ине ккола г1ураб къадар раг1и-хералъул, г1и-боц1уца квачач1ого хасел т1амуледухъ къач1ан рук1ине ккола бокьал, унтабазде дандеч1еялъе х1ажатаб дару-сабаб гьабун, чурун бук1ине ккола г1и-боц1иги.  Жиндир заманалда, кват1изег1ан ч1еч1ого муг1руздаса хасалил муч1дузде гочинабун  бахъине ккола г1иги. Лъуг1ун бахъанин абизе бегьула нилъер районалда г1и гочиналъул кампания. Гьелъул ва  гьабсаг1аталда жаниб г1и-боц1ухъанлъиялда ругел цо-цо масъалабазул, гьарурал х1алт1абазул дие бицана районалъул ветеринарияб управлениялъул нухмалъулев  Г1амирханов Хъарачуца.

- Хъарачу, кин араб нилъер районалда хасалил муч1дузде г1и гочинабиялъул кампания?

- Г1и гочинабула лъаг1алида жаниб к1иго нухалъ. Гочинаби байбихьилалде цебеккун гьарула х1адурлъиялъул х1алт1аби. 24 августалда гьабураб № 135 х1укмуялда рекъон,  районалъул росдал маг1ишаталъул отделалъул нухмалъулев Мух1амад Г1алиевасул бет1ерлъиялда гъоркь  г1уц1ана г1и гочинабиялъул комиссия. Комиссиялде гъорлъе уна росдал маг1ишаталъул отделалъул, ветуправлениялъул, ЖКХялъул, ракьул ва мал-мулкалъул гьоркьорлъабазул отделалъул, полициялъул  х1алт1ухъаби.

Нижеца СПКязул нухмалъулезул к1вар буссинабула г1и гочиналде цебеккун гьаризесел х1алт1абазде: г1ияда гьоркьоса бат1а гьабизе ккола унтараб г1иялъажо, х1адуризе ккола г1и гочинабизе кумекчаг1и, къвариг1араб квен-т1ех, ц1ул, заг1ипаб чахъу-хух баччизе машина. Гочиналде цебе г1и чурун, рахунел унтабазде данде дараби гьаруна нижеца.

Муг1руздаса  хасел т1амулел бак1азде г1и гочинабула лъабго муршруталда. 80 процент г1и-ц1ц1аназул уна Хунзахъ – Унсоколо – Кизилюрт районазул ракьалдасан. 10 процент г1иял гочуна Гумбет – Казбек – Хасавюрт районаздасан. Лъабабилеб маршруталда рекъон, Кочубеялда бук1унеб г1и хасел т1амизе уна Тарумовский, Ногъай районазде ва Калмыкиялде.

Нилъер районалда г1и гочинаби раг1алде щвана. Гьабсаг1ат, (20 октябрь) т1олгороссиялъул агропромышленнияб выставкаялде г1ахьаллъизе иналда бан, маг1арухъ хут1ун буго СПК «Стелаялъул» г1и.

Киналго х1алт1аби щвалде щун  г1уц1адго г1и гочинабуна Энгельсил ц1аралда бугеб (председатель Мух1амадов Г1абдула), Гъоркьколо (председатель Г1абдулаев Г1абдула), Гьац1алухъ (председатель Мух1амадов Абус), Хизроевасул  ц1аралда бугеб (председатель Г1абдукъадиров  Г1абдукъадир), Байикь (председатель Шамилов Мух1амад) СПКяз. Гьел маг1ишатазул нухмалъулел руго  г1и гочиналде к1вар кьун, гьелъул жавабчилъи бич1ч1ун х1алт1улел г1адамал. Г1и гочинабиялъулъ тасамах1лъи гьабуна Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб (арендатор  Мух1амадов Г1али) ва «Машгьурал г1адамал» (г1иял фермаялъул заведующий Дайтбегов Мух1амад) СПКяз.  Гьел г1адамаз г1и гочинабизе кват1улеб бугин абун инкар гьабуна маг1арухъ г1ияе дару гьабизе. Г1и гочун щолеб бак1алде щведал, гьенире ун гьабуна нижеца дару-сабаб.

Г1и гочунелъул нухда ккана къварилъи. Казбек районалъул нухдасан унаго сахъадерил г1ияде

КАМАЗ т1аде к1анц1ун т1аса ана 40 г1иялъажо. Шоферас щибалъухъ  ункъаза-азар гъурущ кьун бец1ана гьеб г1и. Нухда т1ок1алъ къварилъи, квал-квал ккеч1о я г1адамазе я г1ияе. Ихдал 15 къоялда жаниб толеб нух хасалихъе г1ияца тола 10-12  къоялъ. Г1и гочунелъул къвариг1араб бак1алде  инейилан г1уц1ун бук1ана ветеринариял  х1алт1ухъабазул к1иго группа, амма гьезде х1ажалъи ккеч1о.

- Кинаб х1адурлъиялда ругел къаваби г1ияда хасел т1амизабизе?

-  Къаваби рохьун, бекараб бак1алда ц1ер, шифер лъун хасалиде лъик1аб х1адурлъи гьабун буго Дудар Г1алиевичасул ц1аралда  бугеб, Буц1ра, Гьац1алухъ, Гъоркьколо, Гьамищт1а, Энгельсил, Ленинил ц1аразда ругел, «Кочубей», «Стела» СПКязда, «Г1акаро», «Хашт1а» КФХязда. Хасалиде бук1ине кколеб х1адурлъи гьабич1ого хашго руго «Машгьурал г1адамал»,  Байикь, Гиничукь СПКязул къаваби.

20 азарго г1и х1ебт1ула Кочубеялъул зонаялда. Гьениб хасел т1амула Хизроевасул ц1аралда бугеб, «Машгьурал Г1адамал», Гьамищт1а, Буц1ра, Г1ебут1а, «Кочубей», «Меринос» (Г1оч1ло) маг1ишатаз. Кочубеялъул зона буго рецулел бак1ал гьеч1ел, г1одосан бижараб ч1ах1-хер кванан боц1и бук1унеб бак1. Гьениб 10 – 15 къоялъе г1ураб харил нахърател гьабизе ккола. Нилъер маг1ишатаз кидаго гьабун  бук1уна харил нахърателги. Кочубеялъул зонаялда бугеб г1ияе хъулухъ гьабула гьениб бугеб ветеринарияб участкаялъ.  Председатель Мух1амадов Пирбудагъги гьесул к1иявго  х1алт1ухъанги руго жидерго х1алт1и лъик1 лъалел, гьеб бокьулел махщалилал. Пирбудагъ лъай бугев чи вук1иналъ, гьес кумек гьабула Унсоколо, Лаваша, Ч1арада районазул г1адамазеги.

- Араб гьат1анкъоялъ Илълъа маг1арда бук1араб г1и чурана Хунзахъ росулъ. Гьабурабищ г1и чури  цойгидал бак1аздаги?

- Районалда буго г1и чурулеб лъабго ванна. Гьац1алухъ ва Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб СПКязул ваннаби г1и чурун бажарулеб лъик1аб х1алалда руго. «Гьала» абулеб бак1алда бугеб ванна г1и чуризе ярагьунеб х1алалда  гьеч1о. Гочунебщинаб г1и чурула нижеца. Районалда гуребги г1и чурула Хасавюрт,  Кизилюрт зонабаздаги. Гьедин, къват1ир ругел ваннабазда чурана сахъадерил, Байикь, «Машгьурал г1адамал», Гьац1алухъ  маг1ишатазул г1и. Хут1араб г1и чурана  районалда.

- Хъутаналда боц1уда гьоркьоб унти багъарун бугин абулеб буго. Щиб унти гьеб?  Кинаб дару-сабаб нужеца гьелде данде гьабураб?

- 7 сентябралда Х1ариколо хъутаналда загьирлъана 14 унтараб х1айван. Исаналъаг1ан, я СССРалъул заманалда я хадуб гьеб унти нилъер улкаялда жеги цониги нухалъ бук1инч1о. Гьеб унти бук1уна  Турциялда, Мозамбикалда ва цогидалги къват1исел улкабазда. Унти т1атиндал нижеца Владимиралдаса  т1олгороссиялъул вирусологиялъул институталдаса ах1ана к1иго  г1алимчи. Гьел щвана гьеб унти бук1арал Лъарат1а районалде ва нилъер  х1арисезул хъутаналде. Абизе ккола, гьеб унти нилъер боц1уде  цойгидаб районалъул боц1удасан баханилан. Вирусологаз ч1езабуна гьеб унти нодулярияб дерматит бугилан. 7  сентябралдаса 5 октябралде щвезег1ан Баг1араб росулъ унтана 91 х1айван. Нодулярияб дерматиталъ унтараб боц1ул киса – кибего черх ц1ола  г1исинал - ч1ах1иял гаразул. Унтараб боц1ул бищун цебе, дагьлъула рахь, бахуна ц1а-кан, лимфоузлаби к1одолъула, боц1и кваналаро, лъим гьекъоларо, бахчарула. Нодулярияб дерматит нилъер улкаялда цебеккун бук1инч1елъул гьелъие гьарулел хасал дарабиги рук1инч1о. Унтараб боц1уе нижеца гьаруна нижедаго рак1алде ккарал дараби: антибиотикал, рек1ел препаратал, квен бих1инаби лъик1лъизарулел, черх щула гьабулел дараби. Къого-къоло хадуб къо бук1ана ц1акъ х1алуцараб. 10 – 12 къоялъ ч1еч1ого дару-сабаб гьабурабги бук1ана боц1и. Къаси-къад ч1еч1ого х1алт1ана ветеринариял х1алт1ухъаби унтараб боц1и хвасар гьабизе, радалго  байбихьулаан унтараб боц1ухъ хал-шал, дараби гьаризе. Унтараб 91  г1акдал 7 х1айван хвана, хут1арал сах гьаризе к1вана. Нодулярияб дерматиталъ унтараб боц1и сах гьабизе лъик1аб гьунар махщел загьирлъана Самилахъ ветлечебницаялъул х1алт1ухъабазул: нухмалъулев  Мух1амадов Г1абдулат1ипил, Гьиматов Мух1амадил, Х1абибов Ах1мадил, Г1алиев Мух1амадил, Насух1ов Мух1амадил, Гъазиев Гъазил, Г1акъилов Муртазаг1алил, Майндуров Ирасханил. Кутакалда к1удияб баркала буго гьел г1олохъабазе. Хадуб нодулярияб дерматиталъ боц1и  унтараб цо-к1иго х1ужжа загьирлъана херехьдерил, сахъадерил, г1ехьелдерил, г1абадерил, языковка, Щайт1ан, бекьеч1дерил, Самилахъ, т1анусдерил хъутабазда.  Кинабго унтараб боц1и т1аса инч1ого сах гьабуна. Маг1арухъ цониги х1ужжа ккеч1о нодулярияб дерматиталъ боц1и унтараб.

Бит1ун Къурбанкъоялда цебе г1ияда лъугьана т1адерахъи (оспа) унти. Дун х1инкъун вук1ана гьеб унти, г1и бичизе эхеде-эхебе баччулелъул, г1ияда гьоркьоб т1ибит1илилан. Талих1алъ унти т1ибит1ич1о. Т1адерахъи бач1ана Чечень ч1инк1иллъиялдасан. Цебеккун гьеб унти г1ияда гьоркьоб багъарун бук1ана 1997 соналъ, т1ок1алъ гьеб унти бук1инч1о нилъер аниб. Т1адерахъиялде данде  вакцина гьабуна 103 азарго г1и-ц1ц1аназда.

Гьабсаг1ат т1адбан унеб буго районалда г1иял т1адерахъиналде данде вакцина  гьабиялъул х1алт1аби. Бищун т1оцебе вакцина гьабуна районалъул  г1орхъуда ругел  Гьамущи, Харахьи, Г1орот1а, Коло, Хиндахъ, Г1оч1ло, Т1адколо, Буц1ра, Г1урк1ач1и, Гьоц1алъ, Т1агьада, Уздалросу росабалъ. Вакцина гьабизе хут1ана г1иц1го т1алъиялда ругел росаби. 7-8 къоялда жаниб гьенибги гьабизе буго дару-сабаб.

Нодулярияб дерматит, г1иял т1адерахъи унтабазда хурхун  Кизилюрталда, Хунзахъ райадминистрациялда ах1ун рук1ана ветх1алт1ухъабазул данделъабиги.

Боц1и унтани, гьелъул бет1ергьабаз сахаб боц1удаса бат1аги гьабун, хех гьабун лъазабизе ккола ветеринаразда.

- Исана харил унтуца, бруцеллезалъ, т1ури щвеялъ унтараб боц1и бук1анищ?

- Харил унтуца дагьа-макъаб боц1и унтана Гьамущи, Г1орот1а, Хунзахъ росабалъ. 1-2  х1айван хвана Гьамущи. Бруцеллезалъ дагьабго боц1и унтана Гьоц1алъ, Г1обода, Моч1охъ, Г1урк1ач1и, Ч1ондокь,  Гьамущи, Шотот1а, Байикь росабалъ. Кинабго унтараб боц1и  нижеца хъун т1аг1инабуна. Т1ури щвеялъ исана цониги х1айван унтич1о.

- Цойги кинал х1алт1аби гьарулел ругел ветеринариял х1алт1ухъабаз хасел т1аде щвелалде?

- Гьабсаг1ат нижер х1алт1ухъабаз боц1уда, г1и-ц1ц1аназда сибирская язва, ящур, бродзот унтабазде данде вакцинация гьабулеб буго. Кват1ич1ого нижер х1алт1ухъабаз байбихьизе буго г1ияда бруцеллез бугищали би бахъизе. Гьеб  х1алт1уде нижер х1алт1ухъабиги х1адурун руго. 1 декабралде киналго ветеринариял х1алт1аби гьарун, нижер х1алт1и лъуг1ун бук1ине ккола.

- Г1емерав чиясул унтараб суал буго  г1анк1у – х1елеко г1ондокьалъ (ласка) ч1валел ругилан. Гьелда данде щиб нужеца гьабулеб?

- Г1ондокьалде данде нижеца х1алт1и гьабуларо. Гьединал х1алт1аби гьаризе ккола росдал администрациялъ. Росдал администрациялъ гьаризе ккола къват1ул гьаби т1аг1инариялда хурхун х1алт1абиги.

- Хъарачу, баркала дуе пайдаяб гара-ч1вариялъухъ. Сахлъи кьеги нужее г1адамазе пайдаяб х1алт1и хадубккунги гьабизе.

Гара-ч1вари гьабуна П. Гунашевалъ.

 

Просмотров: 593 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz