Гьал къоязда нилъер районалда т1орит1ана ц1ер ч1варал лъел чвахияздасан хариялъул рахъалъ республикаялъул къецал. Гьел ккола, исана Дагъистаналда лъазабун бугеб муг1рузул соналда хурхун т1орит1улел тадбиразул цояб. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна лъебергог1ан спортсменас.
Г1ахьаллъаразда гьоркьор рук1ана г1адамал хвасар гьарулезул студентаздасан г1уц1араб отрядазул – ДГПУялъул, ДГУялъул, ДагГАУялъул, Россоюзспасалъул, «Наследники» клубалъул, Хунзахъ районалъул , МУСалъул, Каспийск шагьаралдаса к1иго дружинаялъул ва цогидалги командаби.
Хасало Дагъистаналъул муг1рузда г1исинал лъарал гурелги, х1атта к1удиял лъел чвахиялдаги ц1орола. Гьебги х1исабалде босун Макьасда ц1ер ч1варал лъел чвахиял ругел бак1азда т1орит1ана къецалги.
Ункъо къоялъ халат рахъарал къецазул х1асилалда, бергьенлъи босана Мах1ачхъалаялдаса «Легион» командаялъ, к1иабилеб бак1 босана ДГУялъул командаялъ, лъабабилеб бак1алде бач1ана Каспийск шагьаралдаса спортсменазул команда.
Тадбир ана т1адег1анаб даражаялъул г1уц1иялда. «Первый», «НТВ», «5-й» федералиял телеканалазул журналистаз къецаздасан ч1агоял репортажал рахъиялъго нуг1лъи гьабула гьелъие. Гьадинаб тадбир Дагъистаналда т1оцебе т1обит1улеблъун ккола, хадубккунги рак1алда буго гьел зама-заманалдасан т1орит1изе.
|