16-17 февралалда нилъер районалда т1орит1ана ц1ер ч1варал лъел чвахияздасан хариялъул рахъалъ республикаялъул къецал. Гьел г1уц1ун рук1ана «Макьас» абураб регионазда гьоркьосеб экстремалияб х1ухьбахъиялъул фестивалалда рекъон. Гьединал къецал к1иабилеб нухалда т1орит1улел руго нилъер районалда. Исана гьезда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги 22 командаялъ. Хасало Дагъистаналъул муг1рузда лъаралгун х1орал гурелги, х1атта лъел чвахиялцин ц1орола. Гьебги х1исабалде босун,гъоркьисалаго г1адин исанаги къецал т1орит1ун рук1ана Макьасда ц1ер ч1варал лъел чвахиял ругел бак1азда. Фестиваль рагьулаго гьелъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун к1алъазе рахъана республикаялъул туризмалъул ва х алкъиял махщелазул министр Рабият Закавова, районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов, ООО «Матласалъул» генералияв директор Андрей Феофанов ва цогидалги.
К1иго къоялъ халат рахъарал къецазул х1асилалда г1аммаб командаялъулаб сиях1алда бергьенлъи босана Мах1ачхъалаялъул спорталъул, туризмалъул ва г1олилазул ишазул рахъалъ комитеталъул «Горизонт» командаялъ, к1иабилеб бак1 щвана ДГУялъул «ЭОС» командаялъе, лъабабилеб бак1алде бач1ана Хунзахъ районалъул дружинаялъул команда.
Тадбир ана т1адег1анаб даражаялда.
И. Мух1амадов.
|