Четверг, 25.04.2024, 14:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Декабрь » 11 » БОКЪУЛЕБ Х1АЛТ1И. МИЛЛИЯБ РЕТ1ЕЛ БУКЪИ - РАК1 ЖАНИБ ЛЪУРАБ ИШ.
14:22
БОКЪУЛЕБ Х1АЛТ1И. МИЛЛИЯБ РЕТ1ЕЛ БУКЪИ - РАК1 ЖАНИБ ЛЪУРАБ ИШ.

Къисматалъ г1емерал лъик1ал, г1ажаибал г1адамалгун дандч1ваял сайгъат гьаруна дие г1умруялда. Йохарай йиго, гьединазул х1акъалъулъ нужедаги бицине, Аллагьас дие мухбиралъул х1алт1и сайгъат гьабиялдасаги.

Квачараб хасалил къоялъ диего къвариг1араб-тараб босизеян «ЦУМ» дармил рукъалъул к1иабилеб т1алаялда хьвадулаго, дун т1аде ккана макъракъаркъалабазда Дагъистаналъул миллияб партал-хьит рет1ун, гьеб жиндирго павильоналда цебе сок1к1арай юкъарухъаналде. Циндаго рак1алде бач1ана кват1ич1ого т1аде щвезе бугеб рахьдал мац1алъул къоги, гьелде санайил маг1арулазул миллиябгун маданияб автономиялъ х1адурулеб лъик1аб тадбирги, гьенибе рет1ине дирго гьеч1еб юкка-хъабалояли щай гурин, капутгурдегицин. Лъугьана жание, ц1ехана юкъарухъаналда гьелъул х1алт1и-пишаялъул. Гара-ч1вариялда загьирлъана Таибат маг1арулай йик1ин. Рахьдал мац1алда суал кьедалин абуни-гаргаралдасан якъинго бич1ч1ана гьей Хунзахъ районалдаса йик1ин. Кутакалда йохана дун гьеб къанаг1атаб махщел ракьцоялда кодоб бук1иналдаса, миллияб форма, маданият ц1униялъулъ Хунзахъа ч1ужуг1аданалъ бут1а лъолеб бук1иналдаса. Гьамишт1аса Г1абдулат1ипова Таибатие гьит1инаб къоялдаса нахъего бокьулеб бук1ун буго рук1к1ен-куналъул х1алт1и. Ясик1абазе бат1и-бат1ияб партал букъулей, ч1орто-къехьалъул щиб-щибниги гьабулей йик1унаанин жий, цойгидал лъимал цоцаца кквей гьабулел, расандилел ругеб мехалъан бицана гьелъ дида.

Шагьаралъул бат1и-бат1иял районазда, рукъарулел  ательеяздаги х1алт1ун, Таибатида лъик1аблъун бихьана жиндирго хасаб иш рагьизе. Ва гьей ц1ияб къуватгун жуяна бокьулеб ишалде.

Беразда жеги лъик1аб канлъиги, кверазда тирилъиги бугеб дагьаб г1олохъанаб мехалъ «Лезгинка» ансамблялъе х1адурулел лъималазе кьурдухъабазул формаги букъулаанин жинцаян бицана Таибатица. Ц1акъ лъик1 лъалеб бугоан гьелда Шималияб Кавказалъулго халкъазул форма, лъач1еб балагьизе щибаб горде-чухъаялъул мух1канаб хъвай-хъваг1айгун сурат бахъараб бицатаб т1ехьги бугоан устарч1ужуялъул (гьанже дида гьединал пайдаял т1ахьал ричулелго рихьич1о).  Диего хъабалоялъул бокьун бугеб сипат-куц бициндал, Таибатица ч1ванкъот1ун «Маг1арулалдаса дагьаб чачаналъе ккараб къаг1ида бугинха дур алъулан» мугьру ч1вана. Х1акъикъаталдаги, Чачан Республикаялъул интернет-сайталда батун берцин бихьараб бук1ана дида гьеб хъабало. Дир к1алдиса ккун бахъиналдего бахъана устаралъ, киналго г1исинал дах1азде г1унт1ун гъорлъе бачараб хъабалоялъул сурат. Таибатица х1алт1и лъуг1изабиялъе цебе бук1ана…..г1иц1го щуго къо. Унго-унгояб рокьигун, х1алаккун жуяна гьей дир миллияй яс лъугьинайиялде. Чанц1улго хъабало борцине ах1ун, щибаб нухалда сверун лъугьун гьеб щущуней йик1ун, ц1араб болжалалдасаги къоялъ цебе лъуна гьелъ дида цебе «Вах1!» илан дир гьаракь к1анц1изабураб берцинлъи. Цо кинаяли ханасул бикаялъул парталалда релълъараб, беричаб жо лъугьун бугоан хъабало. Цониги букъиялда т1ад гьабураб накъищалда ц1ар ч1вазе бак1цин батич1о дида, киг1ан балагьаниги. «Жиндица аслияб масъалалъун цебе лъун бук1анин доб нужер тадбиралда дур формаялъ киналго сагьвил гьаризеян» гьимана Таибат дие. Щибаб х1алт1и гьабулелъул гьелда жаниб цо-цо гьит1инабго рек1ел бут1а т1ун лъун унин жиндиран йик1ана ракьцояй. Ц1акъго йохулила лъималазе чухъаби рукъизе эменал рач1унелъул, гьит1ичазеян т1аса бихьухъе гьабич1ого, жиндицаги ч1ах1иязего г1адин, бук1а-бук1унеб х1алалъ букъулила, гьезда нилъерго миллаталъул хаслъи лъазелъун. Гьединай маг1аруллъи хирияй, жиндирго миллаталъул мац1ги рат1лил хаслъиги ц1унарай ва Аллагьас сонал кьурабг1ан мех ц1унизе х1адурай г1аданалъулгун къо-мех лъик1ги гьабун, хъабало жаниб лъураб къиматаб къвач1аги карандекъан нахъе къокъана дун «ЦУМ»алда жаниб бугеб «Артриум» дармил рукъалъул 81 «г» павильоналдаса, жеги чанц1улго нахъюссине щулияб нигатгун. Бат1и-бат1иял нухаздалъун, къаг1идабаздалъун миллияб ц1унизе х1аракат бахъулезул гьабулеб иш данде билъаги. Амин.

Ф. Мух1амадова. 

Просмотров: 468 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz