Гьале 200 сон т1убалеб буго Шамил имамасул бищун машгьурав наиб, Кавказ рагъул бах1арчи Х1ажимурад гьавуралдаса. Гьесул ц1ар мац1алда бук1ана гьудулзабазул ва тушбабазул гьесул лебаллъиялъ х1айран гьарун рук1ана кинабго доб заманаялдаго ва жакъа къоялдаги гьесул бах1арчилъи хут1улеб буго бихьинчиялъул унго-унгояб мисаллъун. Гьеб ц1аралда сверун бах1с лъуг1улеб гьеч1о политикаялъул г1адамазда, тарихчаг1азда гьоркьоб. Ккола, гьесул х1акъалъулъ кинабго лъалеб бугилан, амма гьелдаго цадахъ раг1а-ракьанде щун лъалеб гьеч1о наибасул г1умрудул х1акъикъат. Цо х1ужжа буго якъинаб-гьев хут1ун вуго халкъалъул рак1азулъ. Гьесул ват1ан – Авариялда гуребги, т1олабго Кавказалда гьесул ц1ар кьолеб буго умумуз васазе, гьесул г1амал-хасият гьезулъги рижизе мурадалда.
Гьесул бах1арчияб, гьайбатаб г1умруялдаса нилъ ч1ух1араллъун рук1ине ккола ва г1ун бач1унеб г1елалда тарихалъулъ гьес ккураб бак1 лъазабизе т1адаб буго нилъер щивасда.
Жакъа, Х1ажимурад гьавуралдаса 200 сон т1убаялъул тадбирал унел къоязда, дица рак1-рак1алъго гьарула районцоязе машгьурал умумузул мустах1икъал ирсилаллъун хут1изе. Биччанте наибасул лебаллъиги, таваккалги, бах1арчилъиги наслабаз наслабахъе кьун ц1унараллъун хут1изе.
Х1урматиял гьалбадериеги гьарула тарих бечедаб хунздерил т1алъиялда рак1алдаса унареб х1ухьбахъи, лъик1ал асарал ва г1умруялда парахалъи-икъбал.
Рохалие гурого данделъизе хъван батугеги нилъ киданиги!
«Хунзахъ район» МРалъул бет1ер Саг1ид Юсупов.
|