10 сентябралда Хунзахъ Р.Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана 1996-1998 соназ гьарурал г1олилазда гьоркьоб самбоялъул рахъалъ республикаялъул первенство. Турнир г1уц1ун бук1ана республикаялъул самбоялъул федерациялъул ва нилъер районалъул администрациялъул х1аракаталдалъун. Тадбир рагьулаго к1алъазе вахъарав районалъул бет1ерасул заместитель Шамиль Г1аммаевас турниралъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун, бицана районалда спорт цебет1еялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул ва къецазул г1ахьалчаг1азе бит1ккей гьарана. Спортсменаздехун, тренераздехун, судьябаздехун ва цогидалги турниралъул г1ахьалчаг1аздехун буссараб к1алъай гьабуна «Сумма» группаялъул Дагъистаналда вугев вакил, Халкъияб Собраниялъул депутатлъиялде вугев кандидат, нилъер ракьцояв Хучбаров Хучбар Загьидовичасги. Гьес баркала кьуна турнир г1уц1аразе ва бицана гьединал турнирал хадубккунги щибаб соналъ т1орит1изе ругилан. Хадуб байбихьана къецазде . 10 ц1айидул категориялда цеве вахъана 150 спортсмен. Гьезухъ балагьун бихьулеб бук1ана спортсменал г1езег1ан лъик1 х1адурун рук1ин . 68 кг. ц1айиялда к1иабилеб бак1 босана нилъер районцояв Х1ажиев Зубайрицаги.
Бергьарал ва призалъулал бак1ал ккурал самбистазе республикаялъул самбоялъул федерациялъул рахъалъ кьуна къиматал сайгъатал, гьединго республикаялъул спорталъул министерствоялъул рахъалдасан кьуна рекъон кколеб даражаялъул медалалгун грамотабиги. Ахиралда т1обит1ана ММАялъул рахъалъ профессионалиял церерахъиналги.
Турниралда бергьенлъи босарал ва призалъулал бак1ал щварал самбистазе рес щвана 12-15 октябралда Нижегород областалъул Кстово шагьаралда т1обит1изе бугеб самбоялъул рахъалъ Россиялъул первенствоялда г1ахьаллъизеги.
|