Салам хирияб редакциялде! Дун ккола Мах1ачхъалаялда г1умру гьабун йигей Мансурова Пат1имат Зиявудиновна, дир г1умрудул буго 60 сон, ккола Коло росулъа. Дие бокьун буго Ват1анияб рагъдаса вуссинч1ев дирго эбелалъул инсул х1акъалъулъ, дирго к1одол биценалдалъун хъвазе. Нижер росулъа рагъде ана 31 чи, гьезул 21-ял т1ад руссинч1о, гьезда гьоркьове ккана 1910 соналда гьавурав дир к1удияв эмен Гьит1инов Нажмудинги. Рокъоб гьит1инаб 4 лъимерги цох1о вугев вац – инвалидги тун рагъде рег1ун вуго. К1одоца абулаан къанида бугеб панкъ бегун реххизег1ан теч1ин гьевилан. Киназго гьев бицунаан ях1 бугев, лебалав чи вук1анилан. Гьес нухмалъи гьабулеб бук1ун буго к1иго росдал Советалъе. Чуги гьесул кидаго бергьунаанилан, реч1ч1ун, векерун оцбаязда гьеб бергьенлъиги гьесухъ кидаго бук1анилан, гьудул-гьалмагълъи г1емерав чиги вук1анилан. Амма рагъде аралдаса инсул хабар лъан гьеч1о. Хадуб рагъ лъуг1ун чанго соналдаса нижехъе вач1унаан Советский районалъул Къили росулъа цо гьобол гьес бицунаан 1943 соналъул апрелалъ фронталда цадахъ рук1арал жал цоцаздаса рат1алъанилан жидер къот1и бук1анила ч1аго хут1араз хъизамал ц1ехезе. Г1емер вач1унаан инсулгун ярагъцояв Мах1амадов Саг1адула нижехъе, гьевги хвана гъосул лъималги хвана, хвезег1ан гьуинлъиялда рук1ана ниж гьевгун. Дир к1одоги йик1ана тылалъул г1ахьалч1ужу, окопал рухъизе Темирхан-Шурае унаанилан бицунаан гьелъ, рокъор г1исинал лъималги унтарав росасул вацги тун. Ц1акъ къварилъи бихьун буго, хадуб хун руго лъабго лъимал месед унтиялъ хут1ун йиго цо дир эбел Г1айшат, гьейги анлъго соналъ цее ят1алъана нижедаса гьезул хут1арай цох1ого-цо ясалъул яс ккола дун, дир цо вацги вуго Мансуров Заирбег, отставкаялда вугев полковник живго Канадаялда г1умру гьабулев вуго. Дир анищ буго к1удияв эмен вукъараб бак1 лъазе. Дун йик1ана гьелъул ц1ехон республикаялъул край лоъазабулезул музеялде, гьениб батана гьадинаб хъвай-хъваг1ай: «Старший сержант Гитинов Нажмудин, 1910 г.р. призван Хунз. Военк. Пропал без вести в декабре 1942 г.» - ан. Дие ц1акъ бокьилаан гьесул хоб батизе. Дир к1одо Мажидова Х1уричо щибаб къоялъ ялагьун йик1унаан гьев вач1инилан, ахирги 1987 соналъул 9 малъул радал хвана гьей гьеб анищгун. 55 соналъ росасул вацги хьихьана гьелъ. Гьаб саринги бук1ана к1одоца дида рек1ехъе лъазабун.
Рагъде арал г1олохъабазде рос армиялда хут1арай ч1ужуялъ гьабураб кеч1.
Борхатаб маг1арде хъван балеб г1азу
Хъах1аб меседлъаги призывниказе,
Хъах1илаб зодихъан чваххун балеб ц1ад
Найил гьоц1олъаги г1олохъабазе.
Муг1рулгъун ратила ч1ух1арал васал,
Ч1ег1ер чараналде ургъелги бикьун.
Щобалгъун ратила щунгъарул т1анч1и
Чарамул гулиде керенги чучун.
Арайищ, Нажмудин, тарайищ росу
Цо телг1аги кьабг1е Г1айшатиде,
Бухьарабищ, гьалмагъ, халатаб сапар
Саламг1аги бит1е т1улил вацасде.
Мун цеве куцалев камандирасги
Приказго хъваларищ рокъов виччазе,
Мун сверизе унеб эб лагералда
почго батуларищ кагъат рехизе?
Саламгун Мансурова Пат1имат, Мах1ачхъала шагьар.
|