11 ноябралда Москваялда т1обит1ана «Единая Россия» партиялъул т1олабго улкаялъул бак1алъулал отделениязул секретарал данделъараб форум. Тадбиралда г1ахьаллъана кинабниги 3392 бак1алъулал отделениязул секретарал. Дагъистаналдасаги «Единая Россия» партиялъул 40 бак1алъулаб регионалияб отделениялъул секретарал г1ахьаллъана форумалда. Гьезда гьоркьов вук1ана партиялъул нилъер районалда бугеб отделениялъул секретарь Саг1ид Юсуповги. Форум ах1ун бук1ана партиялъул председатель Дмитрий Медведевасул х1аракатчилъиялдалъун. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалаллъун рук1ана цереккунго рищиял т1орит1и ва коррупциялде данде къеркьолеб законодательствоялда хиса-басиял гьари.
Форум рагьулаго Дмитрий Анатольевичас бицана гьадин цереккунго рищиял т1орит1и киданиги бук1араб жо гурин нилъер улкаялдайилан. Гьел рищиязул х1асилалда партиялъ рищизе руго Парламентазул рищиязда г1ахьаллъи гьабизе ругел жидерго кандидатал. Дмитрий Медведевасул раг1абазда рекъон гьедин цереккунго гьарулел рищиял халатрахъине раг1ула бащадаб лъаг1алица. Т1асияб соналъул 5 февралалда т1обит1изе бугеб партиялъул 15 съездалъул т1оцебесеб бут1аялда къабул гьабизе буго рищиял байбихьиялъул х1акъалъулъ х1укму. Съездалъул к1иабилеб бут1а бук1ине буго июналда, гьениб бихьизабизе буго партиялъул рищиязда цебесеб программаги партиялдасан рищиязда г1ахьаллъизе ругел кандидатазул сиях1ги. Гьединго партиялъул нухмалъулес бицана рищиял г1езег1ан зах1матал рук1ине ругин ва гьединал шарт1азда партиялъул активалда т1адаб бугин к1вараб жигарчилъиялда избирателазул гьаркьазе г1оло къеркьезе ва рак1ч1араб бергьенлъиялде ишан босизе. Гьелдаго цадахъ гьес т1адч1ей гьабуна бергьенлъи рак1бац1ц1адго законги хвезабич1ого щвараб бук1ине кколилан.
Рищиязда цебе гьадинаб форумалъул бугеб к1варалъул ва партиялда жаниб бук1ине кколеб г1адлу-низамалъул бицана «Единая Россиялъул» генералияб советалъул секретарь ва Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Сергей Неверовас. Гьединалго маг1наязул к1алъаял гьаруна партиялъул цогидал вакилзабазги.
Рак1алде щвезабилин улкаялда парламентазул рищиял 2016 соналъул 18 сентябралда т1орит1изе рук1ин.
И. Мух1амадов.
|