Пятница, 19.04.2024, 09:58 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Август » 22 » БЕКЬЕЧ1ДЕРИЛ «РОСДАЛ КЪОЯЛ»
12:45
БЕКЬЕЧ1ДЕРИЛ «РОСДАЛ КЪОЯЛ»

Хадубги рак1алда бук1ахъе кинабго т1обит1илилан лъугьана гьанжеги бекьеч1. Амма, палугьаби кьурун руссун ч1ана, т1аде-хариялъул рач1инила… Бичас биччани, - ян.

Спорталъул къецал т1орит1ана бищун т1адег1анаб даражаялда. Гьел гьедин иналда киг1ан дагьабниги щаклъиги бук1инч1о бекьеч1дерилги… Щайгурелъул, гьеб т1аде босарал ва т1ок1аб бук1инаребг1ан лъик1 гьеб бачарал чаг1и рук1ана ДГПУялъул доцентал, педагогикиял г1елмабазул кандидат Г1усманов Мух1амад Г1усмановичги, «Физкультураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан», Дагъистаналъулго волейболистазул бет1ерав тренер Къадилмух1адов Мух1амад Шахшаевичги.

Рекерана, к1анц1ана, гамач1 рехана, биццатаб квар цоцахъе ц1ц1ана… гьабизе камураб жо теч1о. Гьелдаса хадуб байбихьана волейболалъул т1оцебесеб к1иабилеб ва лъабабилеб бак1алъе г1оло Т1асияб, Гъоркьияб ва Квешаб роххадул командабазда гьоркьоб х1ай. Гьениб, ц1акъ х1алуцарал х1аяздаса хадуб, бергьенлъи босана Квешаб рохадул командаялъ (тренерал Гъазиев Борис, Шаг1банов Мух1амад).  К1иабилеб бак1 ккуна Т1асияб роххадул командаялъ (тренер Мух1амад Шахщаевич)…

Спорт бич1ч1уларел, амма росдадеги росуцояздеги бугеб рокьиялъ макьу щоларел ралагьана росдал тарихалъул ва машгьурал г1адамазул бицунел, мунагьал чураяв, ц1ар раг1арав хъвадарухъан ва журналист, «Пачалихъалъул премиялъул лауреат», Гъазимух1амад Гъалбац1овас рахъарал фильмазухъ ва хал-шал гьабуна  гьевго Гъалбац1овасул пикруялда рекъон, росдада аск1об лъезе рак1алда бугеб т1ехьалъе памятникалъул макеталъухъ.

Гьеб киналдаго цадахъ долго росдал хьагалги, ц1ет1а лъун бежулеб ч1ч1урх1улеб жоялъул берцинал мах1азул ц1уна кинабниги росу. Махил рохьоб лъун столал бак1алгун, кваназабуна кинабниги жамаг1ат. МашаАллагь, бекьеч1дерил руччабазул квен гьабизе бугеб махщел… Бихьиназ бакараб ц1аялдаги, бачараб лъималдаги, т1асан ц1ц1араб т1адхъелалдаги бараб батизеги бегьула… Амма, чехь унтарай бикацаги кунеб г1адаб бук1ана кинабниги ниг1мат.

Бакъ т1ерхьингун, нахъойги т1ил к1ут1ун къват1ире рахъана бекьеч1. Школалъул клубалда г1ечали щиб гурин, жага бортизе бак1цин бук1инч1о. Байбихьана бергьенлъи босаразда медалалги ралеб, грамотабигун конверталги кьолеб тадбир. Гьелъие трибунаялде рахана гьаб киналъулго г1айибияв Шамил Мух1идинов, спортивияб бут1аялъул нухмалъулел Мух1амад Г1усманович ва Мух1амад Шахщаевич, росдал бегавул Мух1амад Жамалудинович ва гьел гурел цойгидалги…  Гьебсаг1ат жиндирго чукъа-раххангун т1аде щвана районалъул администрациялъул бет1ер Саид Камилович ва гьесги баркана бекьеч1дерида «Росдал къо». Щиб гьабизе кканиги аск1ор ратулел, киналго рахъаз цере т1урал, мугъ ч1вазе бегьулел чаг1и ругила бекьеч1илан абуна гьес. Бегавулги вугила бекьеч1дерил саламатав чи, Х1адисил Х1осенги къвариг1аралъув кидаго ватулила, гьединал чаг1и г1емерал ругила бекьеч1дерил… Гьесги баркана спортсменазда, рана медалал, рачана кверал, рахъана суратал… Цо бищун гьит1инав спортсменасе, Г1алиев Барилмух1амад Г1алихановичасе, 1000 метраялъ векераралъухъ жиндирго рахъалъан конвертцин кьуна.

1000 метралъ векерун т1оцебесеб бак1 ккуна Мух1амадов Муслим Мурадовичас. 100 метралъ векерун т1оцебесеб бак1 ккуна Насух1ов Х1ажи Мурадовичас. Ч1аралъуса к1анц1ун бергьана Шаг1банов Х1амид Мух1амадович. Гамач1 реххизе бищун ц1акъав ватана Х1айдарбеков Камил Хъазанбиевич. Канат ц1ц1ан бергьана г1арадерил команда (хъутан).

Бекьеч1дерил бегавул Г1абдулбасиров Мух1амадица росдал рахъалдасан к1удияб баркала загьир гьабуна Саид Камиловичасе, гьес росдае къвариг1араб щинаб гьабизе гьабулеб бугеб кумекалъухъ.

Гьелдаса хадуб байбихьана Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул церерахъин. МашаАллагь эзул гьунар! Я кьурдана, я кеч1 ах1ана… Кеч1 хъвалел чаг1иго г1адин, рик1к1унел чаг1иги рук1ун руго бекьеч1дерил кутакал. Бищунго к1удияб асар гьабуна г1енеккаразе рет1ун баг1араб чухъагун, лъун хъурайсин т1агъургун Хайрулаев Мансурица рик1к1араб к1иго Шамил Мух1идиновасул кеч1алъ. Кьурдана «Ват1ан» ансанблялъул кьурдухъаби, Бакьагьеч1иса Хъазанбиев Хъазамиги, Мух1амадова Шуг1айнатги. Гьоркьо-гьоркьоб жидерго кеч1 ах1изе бугеб махщелалъ бекьеч1 х1айран гьаруна росуцояв Дибиров Х1ажимурадицаги, К1ахъа Г1абдулкъадирова Хадижатицаги.

Гьанже гьеб залалъуб гьунеб х1ал бекьеч1дерил гьеч1еблъи бич1ч1игун, школалъул азбаралда к1удиял прожекторалги ракун, бакъан-квараги къват1ибе бачун, сваказег1ан кьурдейилан тана росдал г1олилал. Валлагь г1одор хъвалел рук1инч1оха элги лъабго-ункъго саг1аталъниги. Гьеб киналдаго бакьулъ к1удияб кьвагьи-г1анкиги бахъинабун зодоре риччана кьер-кьерал, цоялдаса цоял берцинал фейерверкал. Кьурдун свакарал махил гъут1бузукье ун кванан, кванан свакарал кьурдун дагь-дагьккун лъуг1ана байрам.

Бекьеч1дерил г1алимзаби г1емерлъаги, шаг1ирзаби пасих1лъаги, бергьенлъаби ч1ах1алъаги  байрамал гьарзалъаги, гьеб кинабго нухда бачине лъалел, кверда жо рек1арал, к1ал пасих1ал, жамаг1ат хадуб бачун бажарулел церехъабазулги ц1еги росу! Амин!

Баху Мух1идинова.

 

 

Просмотров: 514 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz