Пятница, 26.04.2024, 00:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Август » 10 » БАЩДАБ ЛЪАГ1АЛИЛ Х1АСИЛАЛ ГЬАРУНА.
09:43
БАЩДАБ ЛЪАГ1АЛИЛ Х1АСИЛАЛ ГЬАРУНА.

Нилъер районалъул ветеринариял х1алт1ухъабаз т1ад ч1ун, мух1канго, алхинч1ого гьарула лъаг1алил щибаб заманалде данде кколел ветеринариял тадбирал. К1вах1-свак тун, щибаб росулъе, хъутаналде, г1адамазул рокъо-рокъоре, ккани мег1ер-г1алахалде хьвадун гьарула ветх1алт1ухъабаз г1и-боц1ул т1алаб-агъаз: гьеб чури, би бахъи, унтабазде данде уколал гьари, дезинфекция гьаби, унтараб боц1и т1аг1инаби. Нилъер ветеринарал руго гъваридаб лъай бугел махщалилал гурелги, жидерго х1алт1и рак1-рак1алъ бокьулел, г1и-боц1ул сахлъиялда, гьезул ниг1матазда инсанасул сахлъиги г1умруги бараб бук1ин бич1ч1улел х1алт1ухъаби. Гьал къоязда бащдаб лъаг1алица гьабураб х1алт1ул х1асилал гьаруна ветуправлениялда.

Киназдаго лъала ветх1алт1ухъабаз исанаги чанго нухалъ бат1и-бат1иял унтабазде данде уколал гьарураблъи. Гьедин, сибирская язваялде данде уколал гьаруна 25450 ч1ег1ерх1айваналда, 89717 г1и-ц1аназда. Ящуралде данде дару гьабуна 33084 ч1ег1ербоц1уе ва 223000 г1и-ц1аназе. Г1иялъажалазул т1адерахъиялде данде вакцинация гьабуна 9541 г1и-ц1аназда. Бруцеллез бугищали би бахъун хал-шал гьабуна 12321 ч1ег1ербоц1ул ва 2293 г1и-ц1аназул. Хал-шал гьариязул х1асилазда т1атана бруцеллезалъ унтараб 13 ч1ег1ерх1айван. Унтараб боц1и батана Ленинил ц1аралда бугеб СПКялда, Языковка хъутаналда, Гьоц1алъ, Гьамущи ва Г1урк1ач1и росабалъ. Унтараб боц1и, Г1урк1ач1и бугеб цо х1айван хут1изег1ан, ветеринараз т1аг1инабуна ва гьеб бук1арал бак1азда дезинфекция гьабуна. Гьаб соналъул бащдаб лъаг1алида жаниб районалда бруцеллезалъ унтун вуго ункъго чи-Гъонохъ росулъ, гьоц1дерил, Языковка хъутабазда ва Самилахъалда.

Исана вирусная диарея лъугьун батана г1еч1ендерил Г1архъида хъутаналда бугеб боц1уда. Гьелъ унтараб 20 х1айван нахъе тезе бегьуларелъул, ветеринариял х1алт1ухъабаз т1аг1инабуна.

Араб заманалда жаниб к1иго х1ужжа ккана гьоялъ ва катица г1адамазда х1анч1араб: Гиничукь росулъ ва г1абадерил хъутаналда. Т1урищвеялъ унтун бугищали лъазелъун 10 къоялъ хал ккуна гьведа хадуб. Кето т1урищвеялъ унтун батун т1аг1инабизе ккана. Т1урищвеялде данде уколал гьаруна 715 гьоялда ва катида.

Ветеринариял х1алт1ухъабаз вакцинация ва хал-шал гьабуна эмкар (24746 ч1ег1ерх1айваналъе), брадзот (660 г1и-ц1аназе), паратиф (423 бачие), туберкулез (11346 ч1ег1ерх1айваналъе) ва цогидалги 40-са ц1ик1к1ун г1и-боц1ул ва цогидалги рукъалъул х1айваназул унтабазде данде.

Араб соналъго г1адин, исанаги нодулярнияб дерматит багъарана боц1уда. Гьелъ унтана хъутабазда бугеб 120-саги ц1ик1к1ун ч1ег1ербоц1и. Гьеб унтуде данде уколал гьаруна 13800 бет1ер ч1ег1ербоц1уда. Гьелъ унтараб боц1ул 10 бет1ер т1аса инабуна.

Би бахъун анализал гьари, унтабазде данде уколал гьари, унтараб боц1и сах гьаби ва т1аг1инаби гуребги, ихдал г1и гочунелъулги г1емераб х1алт1и гьабуна ветуправлениялъул х1алт1ухъабаз. Г1и къват1ибе бахъиналдеги, нухда унагоги киналго маг1ишатазул г1иял чури ва цогидалги тадбирал гьаруна гьез.

Вакцинация гьабизе лъаг1алие бихьизабураб боц1ул къадаралъул ва бащдаб лъаг1елалъ гьабураб х1алт1ул планалъухъ хал гьабидал, бихьулеб буго г1емерисел унтабазде данде лъаг1алие дару гьабизе бугеб боц1ул бащадалдасаги ц1ик1к1араб къадаралъе вакцинация гьабун бук1ин. Цо-цо унтабазде данде хал-шал ва вакцинация гьабун буго лъаг1алие бихьизабуралдасаги ц1ик1к1ун боц1уе.

Т1адехун рехсарал х1алт1аби гурелги, ветуправлениялде гъорлъе унеб лабораториялъ гьаруна экспертизаби: х1айваналъул гьанал-66, г1иял гьанал 109, х1анч1азул гьанал 2455, рахьдал ва рахьдал ниг1матазул 211, ханазул 9, ччуг1ил 6, пихъал-овощазул 1701 ва гьац1ул 4 экспертиза.

Гьел х1алт1аби гьарулел рук1аниги ветх1алт1ухъабаз рихьизарулел руго жидерго х1алт1улъ ругел г1унгут1аби. Гьез рик1к1унеб буго район тун къват1иса боц1и, гьан босулаго, гьеб гьанибе-добе бачунаго гьаризе кколел ц1одорлъабазул, чара гьеч1ого т1уразаризе кколел жалазул х1акъалъулъ гьабулеб бич1ч1икьеялъул х1алт1и щвалде щвараб гьеч1илан. Республикаялда нодулярнияб дерматит бук1иналъ, росабалъ ругел ветеринариял х1алт1ухъабаз боц1и гьанибе-добе бачиналъул къаг1идабазул х1акъалъулъ бич1ч1икьеялъул х1алт1аби гьаризе ккола росдал г1адамазулгун, росабазул ва маг1ишатазул нухмалъулезулгун.

Ветеринариял х1алт1ухъабазда цадахъ боц1ул бет1ергьабазги х1аракат бахъизе ккола жиндир заманалда боц1уда вакцинация гьабизе. Ахирисел соназ цере рук1инч1ел зах1матал, г1адамасеги х1инкъи бугел унтаби боц1уда лъугьунел ругелъул, учузаб багьаялде щолеб бугилан къват1исан боц1и, гьан бичун босуге, гьеб босулаго справкабиги т1алаб гьаре.

Бичун къват1исан босараб боц1ул х1акъалъулъ росабазул бегавулзабазда ва ветеринариял х1алт1ухъабазда лъазабизе ккола. Гьединго, къват1исан бичун бач1араб боц1и, законалда рекъон моц1ица лъезе ккола карантиналда. Гьелъие гьаризе кколел ветеринариял хал-шалалги гьарун, гьеб сахаб бук1инги ч1езабун гурони, боц1и цогидаб боц1уде гъорлъе биччазе бегьуларо. Гьедин гьабиялъ бажарула боц1и унтабаздаса ц1унизе. Гьедин тадбирал боц1ул бет1ергьабаз ва росабазул нухмалъулез гьарич1они, г1иц1го ветх1алт1ухъабазда к1оларо боц1и унтабаздаса ц1унизе.

П. Гунашева.     

Просмотров: 407 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz