Ниж ц1акъ рохула нилъер районцоязул х1алт1уе республикаялъул яги дагьабги т1адег1анаб даражаялда мустах1икъаб къимат кьейдал. Гьедин гьал къоязда лъана райадминистрациялъул спортивияб отделалъул специалист, газеталъул гьудул Малачиев Шамил Мух1уевич Дагъистаналъул спорталъулгун физическияб культураялъул министрасул ишал т1уразарулев Мух1амад Мух1амадовас х1урматалъулаб грамотаялдалъун к1одо гьавунин абураб рохалилаб хабар. Нижецаго т1олалго районцоязул рахъалдасан баркула Малачиев Шамилида гьесие щвараб шапакъат, гьарула щулияб сахлъи ва хадубккунги районалда спорт цебет1еялъе х1алт1изе къуватги бажариги.
|