Пятница, 19.04.2024, 06:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Июль » 28 » БАРКАЛАЯЛЪУЛ КАГЪАТ.. ИНСАНАСУЛ Г1УМРУЯЛЪУЛ ХЪАРАВУЛЗАБИ.
13:33
БАРКАЛАЯЛЪУЛ КАГЪАТ.. ИНСАНАСУЛ Г1УМРУЯЛЪУЛ ХЪАРАВУЛЗАБИ.

Бицеха лъил бугеб тохтурасул г1адаб гьайбатаб, х1ажатаб, х1урматияб х1алт1и? Аллагьги разияб г1адамасул баркалаги ц1ик1к1араб.

Щивав унтарасул мац1алда шурулеб, нус-нус пашманаб бералъ сверун ккураб. Тохтур дур цо раг1и х1ерен к1алъалеб гьеб гуребищ унтарасул рек1елъе т1инк1улеб найил гьоц1о. Инсанасул г1умруялъулъ дуца х1ала ц1акъго ц1ик1к1араб жавабияб роль. Гьит1инго берцин бихьулаан хъах1аб халг1ат рет1арал хъах1ал макказул х1алт1и.

Нуж руго унтарасул мугъ ч1валеб кьуруги, кьураб раг1иялъул бет1ергьабиги.

Бусурбабазул бищунго хирияб к1ал биччан къоялъ т1ат1алго рач1арал приступаз рах1ат хвезабурав дир вас ккана райбольницаялде. Гьенив дежурствоялда вугоан Мутаг1илов Мух1амад. Ургъелги т1алабги гьабуна гьес ц1акъ. Руго больницаялда халкъалъ ц1акъго къиматги гьабулел, гьелъиеги мустах1икъал хирургал, жал г1емер соназги х1алт1ун махщелги бажариги щварал. Дие бокьун буго «Росдал зах1матчи» газетаги гьоркьоб ккун к1удияб баркала кьезе Х1осенов Ах1мадие, Х1ажиев Мух1амадх1ажиясе, Хочоев Мух1амадрасулие, анестезиолог Шамилие. Унтараздехун х1еренал раг1абаздалъун бербалагьи-т1алаб ц1ик1к1арал медсестраби Мадинае, Умакусумие, Лаюзае. Гьарула т1олабго хирургиялъул отделениялъе х1алт1улъ бергьенлъаби, гьабулеб ишалъулъ бит1ккей. Т1урайги нужер бищунго анищал мурадал, хъизан-лъималазулъ талих1 ва бищунго къиматаб сахлъи.

Заман зах1мат бугин рак1 къварилъич1ел

Хъах1аб халг1аталъул дир тохтурзаби.

Намусги иях1ги чорхолъ ц1унарал,

Унтарасе дару-нужер цо калам.

Меседил кверазул махщалил устар,

Нусго сон базег1ан хут1айги Ах1мад.

Разияб гьимигун гьуинаб калам

Кверзул махщалида цадахъ рекъарав.

Сахлъи кьеги дуе Мух1амадх1ажи.

Хирургасул х1алт1и цебе бачине

Маг1арул намусги иман-иях1ги,

Аллагьас т1ок1лъигун чорхое кьурав.

Баркала дуеги, Мух1амадрасул

Хъизан-рукъалдаса вохун хут1айги.

Инсул хинлъи лъач1ей гьудулалъул яс

Дур лъимерлъи дида ц1акъ лъик1го лъала

Елъун гуронани чигун к1алъач1ей.

Гьеб дур х1алт1иялда данде кколеб куц.

Соназ йохун таги мунги, Мадина

Гьарула дица дуй к1удияб талих1.

Гьими камугеги дур свериялда

Кидаго сунгеги дур гъасда канлъи.

Умакусум, Лаюза, баркала нужей

Унтарал разиял дир медсестраби

Нужер цо гьимигун берцинаб калам

Гьеб гуребищ дару аптека ц1ураб?

Нужее к1удияб баркалаги загьир гьабулаго эбел Пат1имат Мух1амадова ва т1олабго г1агарлъи, хъизан-лъимал.

Просмотров: 730 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz