Пятница, 26.04.2024, 01:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 14 » БАРКАЛА, ДАХ1АДАДА БЕРГЬЕЛЪИЯЛЪУХЪ.
14:23
БАРКАЛА, ДАХ1АДАДА БЕРГЬЕЛЪИЯЛЪУХЪ.

76 соналъ рик1к1алъана нилъедаса т1олго дунялго жидер лагълъиялде сверизабилин, немцазул миллат ханлъиялъул миллатлъун бук1ине кколилан г1емераб къого бихьич1ого сверухъ ругел улкабиги мут1иг1 гьарун, гитлерилал фашистаз СССРалъул г1орхъи бахараб 1941 соналъул 22 июнь. 1418 сордо-къоялъ х1ехьезе ккана г1емер миллатазулаб советияб халкъалъ вах1шилъиялъул рахъалъ цоги жиндилъе бахараб жеги бук1инч1еб рагъул кьог1лъиги г1асилъиги. Миллионал г1адамазул къурбаналгун, аза-азар рихарал росаби-шагьаразул, завод-фабриказул ч1унтелалги ракьалда тун, 1945 соналъул 9 маялъ т1оцебе жиндир т1ирщ баккараб Берлиналда фашистазул рейхсканцеляриялъул т1охда Бергьенлъиялъул байрахъ ч1ваялдалъун къот1ана гьелъул гъугъай дунялалдаса.

72 сон сверана гьелдаса нахъе. Санайил 9 маялъул байрам аслиял байрамазул цояб бук1ана нилъер к1удияб улкаялда. Сонал анаг1ан ризлъана К1удияб Бергьенлъи нилъее сайгъат гьабурал, бук1инесеб лъик1алъе г1оло тушманасул г1азаб-г1акъубаги х1ехьарал, ккаралъуб жидерго г1умруялдаги барахщич1ел бах1арзазул кьерал. Бащадаб г1асруялдаса ц1ик1к1араб заманалъ рек1елъ ц1унун руго жидерго умумузул бах1арчиял ишалги, гьезда бихьараб къоги, х1ехьезе ккараб къварилъи-зах1малъиги гьезул ишазе рит1ухъал ирсилал-рагъда хадусел соназул г1адамаз. Ват1анияб рагъул кьог1лъиги зах1малъиги хъат1ич1еб кьибил-тухум къанаг1атгихут1ун батиларо советияб улкаялда. Эмен, вац, вас ч1варал, араб бак1 лъач1ого т1аг1арал хъизамал дагьалищ рук1арал? Гьеле гьединал, нилъер бук1инеселъе г1оло рух1 кьурал кьалдаса руссинч1ел бах1арзал рак1алде щвезарун чанго соналъ цебе 9 маялда цересел къоязго нилъер улкаялъул киналго регионазда т1обит1изе байбихьана «Хвел гьеч1еб полк» абураб рак1алдещвеялъул акция.

Т1асахун бихьизабун, т1убазабизе ккелин амру гьабун гуреб, г1адамазул къох1ехьеялъе ва бах1арчилъиялъе бет1ер къулун, щивасул рек1ее бокьун данделъаразул акия ккола гьеб. Къокъабго заманалда ц1акъго г1ат1илъана гьелъул география ва ц1ик1к1ана г1ахьаллъулезул къадарги. Дунялалъул лъабкъогоялдаса ц1ик1к1ун улкаялда шагьаразул къват1ахъан ана исана «Хвел гьеч1еб полк». Гьелъие квер бакъун гуреб, квалквал гьабич1о цог1аги улкаялъул т1алъиялъ. Байрамалъулал демонстрациял-митингал, дандеруссинал рук1ана СССРалда гъорлъ союзиял республикабилъун рук1арал, гьанже жалго-жидедаго ч1арал пачалихъазда. Дол соназ СССРалъул рахъ ккун, бергьенлъи г1агар гьабизе къеркьарал улкабазул ветераналги рахъана демонстрациялде. Советияб Армиялъ фашистазул зулмуялдаса эркен гьарурал улкабаздаги рук1ана байрамалъулал данделъаби. СШАялъул къогог1ан шагьаралда байрамалъулаб демонстрациялде рахъарал г1урусаздаса къеч1ого «Катюшаги» «Смуглянкаги» ва рагъул соназул цогидал куч1дулги лъалел рук1ин бихьизабуна америкаялъулаз. «Катюшаги» «Смуглянкаги» ах1ана Германиялда, Франциялда, Италия-Испаниялда, Китаялда, Югалъулаб Кореялда, ва х1атта Таиландалдагун Катаралдагицин. К1удияб г1ел, студентал, ц1алдохъаби, умумулгун г1исинлъимал рук1ана «Хвел гьеч1еб полкалъул мухъилал солдаталлъун» киса-кирего.

Гьале лъабабилеб сон сверана нилъер районалдаги «Хвел гьеч1еб полк» решт1аралдаса.

Цересел соназго гIадаб роцIараб бачIана Хунзахъ тIалъиялде 9май исанаги. Радалго рагъул ветераназухъе рокъореги щун, гьезие республикаялъул БетIерасул рахъалдасан 30 азарго, районалъул нухмалъулев СагIид Юсуповасул рахъалдасан 20 азарго гъурущ гIарцулал сайгъаталги кьун, баркияздасан байбихьана байрам. Исана анцI-анцI азарго гъурущ чIаго ругел щуго рагъда чIваразул руччабазеги кьуна районалъул нухмалъиялъ байрам баркун. РакIалдаса унаредухъ, республикаялъул районаздасагун шагьараздаса гурелги, хIатта, Чачаналъагун Ингушетиялдаса гьалбадерил гIахьаллъигун, гIатIидго ва аваданго ана тIолабго байрамкъоги. Райадминистрациялда цебесан киналго гIуцIабазул вакилзаби, погранотрядалъулал, школлъимал, тIаде рачIарал гьалбал «Хвел гьечIеб полкалъул» кьерда, нилъер букIинеселъе гIоло рухI кьурал, кор боркьараб кьалул майданалдаса тIадруссинчIел бахIарзал ракIалде щвеялъе ва гьезухъ балагьун чIун ганчIиде сверарай эбелалъе бараб памятникалъухъе къокъана. Хасаб адаб-хIурматалда гьеб къоялъ рукIуна рагъул ветераналги. Исанайин абуни, гьезул районалда гIицIго кIиго чи хутIун вуго. Гьездасанги цоясда-Гьиматов МухIамадрасулида гурого кIвечIо исанисеб парадалда гIахьаллъизе. Митингалда гьес гьабураб, рекъел цIуниялде заманцоял ахIараб кIалъаялъ асар гьабуна митингалда гIахьаллъаралщиназе-гьелин абуни ккола дагьалдасан 2000 чи. Погранотрядалъул командир, полковник Андрей Ермаковасул баркиялъулаб к1алъаялдаса хадуб МЧСалъул генерал-майор Камал Муртазалиевас Саг1ид Камиловичасухъе кьуна бищунго г1асиял рагъал ккарал героял-шагьараздаса бач1араб ракь жаниб бугеб таргьа. ТIаде рачIарал гьалбадерил, районалъул нухмалъулесул баркияздасан, руцIцIун чIеялъул минуталдаса хадуб гIорхъалаби цIунулез автоматаздасан кьолеб залпалдасан, лъималаз КIудияб ВатIанияб рагъул хIакъалъулъ кучIдул рикIкIиналдасан гIуцIараб композиция лъугIун хадуб, хунз ва тIаде рачIарал гьалбал рахана ГIалагIарт майданалде.

Исанисеб байрамалъул хаслъилъун бук1ана Хунзахъа Г1алаг1арт майданалде т1обит1араб «Бергьенлъиялъул автопробег». Колоннаялъул бет1ералда унеб «Победа» машинаялда рек1ана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсупов. «Победаялда» хадуб бук1ана республикаялъул бет1ерасул ва «Сумма» группаялъул рахъалдасан бергьарал чуязул бет1ергьабазе кьезе бач1араб к1иго Лада-Гранта ва лъабабилеб иргаялда 50 г1ан джипгун иномаркаги нилъерго машинабиги. Г1езег1анго рах1атаб ва квег1енаб машина бук1ун буго Гранта. СМИязул къокъаялда гъорлъ Хунзахъа Г1алаг1арталде щвезег1ан пробегалъул г1ахьалчи х1исабалда гьал мухъазул авторги вук1ана гьезул цоялъув. К1иябго машинагун призалъул фондалъ гьеб къоялъ харж гьабуна цо миллионалде бахараб г1арац.

РикIкIен тун соназ халкъалъе бищун бокьулеб тадбирлъун лъугьун буго чуял риччай. ЧIахIиял сайгъатазе битI, щаяли, мадугьалзаби-чачаназе ккола. Щибаб цо километралдасаги халатаб анкьго свериги нахъа тун, щвезе кколаан чотIахъан тIоцебесеб забегалда жиндиего анищлъун ккараб «Грантаялде» аскIове. 25 чу бачIана старталде. Грантаялъул капоталда гъоркьин абуни, гьезул тIубараб илхъи, 80-100 чу данделъараб мотор буго. Чачаналъа Гьарун ДжабрагIиловасе ана тIоцебесеб автомобиль. КIиабилеб забегги букIана хIалуцараб: 5 сверутIа рекерарал 28чуязул чIалде бачIана Байкь «Стелла» магIишаталъул чу. ЧотIахъанасда ролъул гор бана ва 50азарго гъурущ сайгъатги кьуна районалъул нухмалъулес гьесухъе. Лъабабилеб забегалда 3 сверутIа рекеризе рукIана гIицIго бакIалъулал чуял. Гьаниб битIккана Самилахъалдаса М. ХIайдарбеговасул чодуе ва гьеб жал гьайбатица исана кIиабилеб соналъ тIатIалаго хважаинасе машинаялъул кIулал «сайгъат» гьаруна. Ункъабилеб 3 сверутIа риччарал 22 чуязда гьоркьоб бергьараб чол бетIергьан чачанав З. Халидовасеги щвана 50азарго гъурущ гIарцулаб сайгъат. Чуял риччаялъул ахиралда цо сверутIа рекеризе юргъаби риччана. Гьаниб битIккана Хунзахъа чотIахъан ХI. ГьитIиновасе. Гьесиеги кьуна 10азарго гъурущги горги. Интересал рукIана бихьиназда ва руччабазда гьоркьор рекерухъабазул къецалги. Ц1умада районалдаса М. Х1ажимух1амадов ва ГIахьалчIиса П. МухIамадова бергьана гьанир ва анцI-анцI азарго гъурущ г1арцулаб сайгъаталъеги мустахIикълъана. Харахьиса палугьаби ГIалибеговазул церерахъинал, даран-базар, ихтилат-кеп бакъинегIан лъугIичIо ГIалагIарталда. ЛъикIаб гIадаталде сверун буго Хунзахъ гIорхъалаби цIунулез гьеб къоялъ авлахъалъулаб кухня хIалтIизабиги. Солдатасул карщилги наркомасул 100 граммалъулги х1ал бихьула гьениб къасд бугевщинас.

Байрамалъулаб тадбир къалаго к1алъазе вахъарав чачанав Жабраг1илов Гьаруница абуна жив вохарав вугила умумузул тарихияб ват1аналде щвеялдаса, жиндир тухум-кьибил Т1анусиса кколила ва живго маг1арулавлъун рик1к1унила. Т1оцебесеб заездалда 7 сверуда жиндир чу бергьинги гьеб г1аммаб бергьенлъилъун рик1к1унилан. Гьаруницаги ва цоги чачанав, Хунзахъ районалъул х1урматияв гражданин Садуев Къудусицаги районалъе Чачан республикаялъул байрахъги ва хъвадарухъан Альви Каримовасул Ах1мад-х1ажи Къадировасул политикиябгун жамг1ияб х1аракатчилъиялъул х1акъалъулъ бицунеб т1ехь Саг1ид Камиловичасеги сайгъат гьабуна. Жидерго иргаялда к1алъазе рахъарал ДРялъул бет1ерасул вакил, Транспорталъулгун бухьеналъул министрасул заместитель Маламух1амадов Юсупица, МФЦялъул нухмалъулев Г1усман Хасбулатовас, каратист ва тренер Мух1амад Юсуповас ва цогидазги гьабураб гьоболлъиялъухъ баркала кьуна Саг1ид Камиловичасеги хунздерил т1олабго жамаг1аталъеги. С. Юсуповасги г1емерал хинал раг1аби абуна гьалбадерил х1акъалъулъ. Бицана тренер гуревги Юсупов Мух1амад лъик1ав сахаватчи вук1иналъулги, гьес Г1арани школалъе кумек х1исабалда спортзалалда лъезе кьураб инвентаралъулги. К1алъаялъул ахиралда Мух1амадица жинцаго рагъулал искусствабазе ругьун гьавулев Хунзахъа Эльдаровасе сайгъат гьабуна Лада-Гранта т1адагьаб автомашинаги. Гьедин гIуцIадго, квер биччараб пуртIиялда ана хунздерил тIалъиялда Фашистазулаб Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса 72 сон тIубай, «Баркала, дах1адада бергьенлъиялъухъ» абураб ах1иялда гъоркь.

Ф. МухIамадова, Р. Х1амзатов

 

БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ ПАРАД

Бергьенлъиялъул парад -
Пашманаб нижер ч1ух1и!

Ч1ахъаги дир хириял
Ват1анцоязул гъунки!

 

Цо рокьиялъ цолъарал
Россиялъул г1адамал,

Г1одулей йиго жакъа:

Дагьлъана ветеранал...

 

Нуж- нижер бакъуй г1оло
Гуллбузул ц1ад х1ехьарал,

Х1алхьи нижее щвезе
Х1арщулъан хъурщун арал!

 

Хъурмал г1адинан сардилъ
Ват1аналде к1анц1арал
Фашистазда щалали
Нилъ рихьизе гьарурал!

 

Ракъун, къечон, къо бух1ун,

Асирлъуде кканиги,
Носоца каранда ц1ва
Бахъаниги, къуркьич1ел!

 

Ярагъ кодоса бахъун,

Кверал рухьун хадубги,

Бадибе х1ац1уги тун,

Тушман асир гьавурал!

 

К1удияб Ват1анияб
Рагъда г1олиллъи тарал,

Г1умруялъго Ват1анги
Рагъги рек1елъ бик1арал!

 

Ват1аналде рокьиги
Рагъуде рокьукълъиги,

Нужеда г1адин, лъач1о
Нижеда, ветеранал!

 

Тушманасда кодоса
Ват1ан кьурун бахъарал
Нужеда цебе налъи
Бец1ич1оха, дарманал!!

 

Гьарзалъиялъ г1инкълъарал,

Г1орц1иялъ беццлъана ниж...
Бергьенлъиялъул гурел,

Къояз к1очон тана нуж...

 

Т1аса лъугьа! Умумул
Лъималазда кинигин!

Амма наслу кант1изе
Рагъ бихьизе ккогеги!

 

Бергьенлъиялъул Парад! -
Маг1илъ гьардолей йиго:

Ц1уне, Аллагь, гьал васал -
Ват1аналъул сабабал!

 

Цинги пикрабалъ руго
Дица каранде къалел
Курмул орденаз ц1урал
Ахирал ветеранал!...

Тубх1ат Зургьалова

 

 

 

Просмотров: 540 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz