Четверг, 28.03.2024, 17:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Декабрь » 4 » БАНКАЛ Х1АЛТ1ИЗЕ ККОЛА ХАЛКЪАЛЪЕ Г1ОЛО.
20:38
БАНКАЛ Х1АЛТ1ИЗЕ ККОЛА ХАЛКЪАЛЪЕ Г1ОЛО.

ЧIара-хьараб, гIодобе биччараб, метерисеб къо кинаб букIинебали цебеккунго лъалеб СССР биххидал, кьучIдасанго хисана улкаялъул экономика, политика, гIадамазул гIумру. Пачалихъиял идарабазда цадахъ, раккана жалго гIадамал бетIергьанал гIуцIаби, «базаралъулаб» экономика, инфляция, дефолт, кризис гIадал гIадатияб халкъалда михир бачунел лъугьа-бахъинал. Къасиялдаса радалалде зодоре рахун ратула кинабго жоялъул багьаби, рагьула-къала кьер-кьерал банкал, гIадада гьоркьор уна чанги гIадамазул гIарцал. Цере рукIарал банкалги къан, нилъер районалдаги рагьана Сбербанкалъул ва Россельхозбанкалъул филиалал. ГIарани бугеб Сбербанкалъул хIалтIул хIакъалъулъ дагьабгIаги гIадамазда лъалеб батани, райцентралда хIалтIулеб Россельхозбанкалъул къанагIатав чиясда гурони лъаларо. Гьеб гуребги, цебе гьебго бакIалда букIараб банк къайдал, гьелъул хIалтIуда хурхун, гIадамазул захIмалъаби лъугьиналъги, Россельхозбанкалде унезул къадар дагьаб буго. Банкалъул хIалтIул бицеян дица гьарана гьелъул дагьал церегIан моцIаз цIи тарав нухмалъулев Юсупов Юсупбег МухIамадовичасда.

-Юсуп МухIамадович, гIадамазе кинал хъулухъал гьарулел нужер банкалъ?

 -Россиялъул банказул рейтин-галда тIоцебесеб бакIалда буго АО «Россельхозбанк», кIиабилеб бакI ккола Сбербанкалъ. Россельхоз-банкалъул уставной капитал буго 2 триллионалдасаги цIикIкIун гIарац. ГIадамаз банкалда жаниб лъун буго 10 миллионалдаса цIикIкIун гIарац, банкалъул вуго 1350 заемщик. Россельхозбанкалъул 1200-са цIикIкIун отделениял хIалтIилел руго улкаялъул батIи-батIиял регионазда. Россельхозбанк ккола жалго бетIер-гьанал гIадамазул кверщаликь гье-чIеб, жиб тIубан пачалихъияб банк.

Дагъистаналда, гьелда гъорлъ нилъер районалдаги, гIемерав чи вуго хIалтIизе бакIал гьечIого, щиб гьабилебали, сунде руссинелали лъаларого ругел. МугIрузул районалда гьарун бажарулел хIалтIаби ккола гIи-боцIи хьихьи ва ах-хур гIезаби. КигIан цIакъ гIадамазе росдал магIишаталъул хIалтIаби гьаризе рокьаниги, гIарац гьечIони кин гьез гьел гьарилел? Россельхозбанкалъул аслияб масъала ккола гIадамазе росдал магIишаталда хIалтIаби гьаризе, ай боцIи хьихьизе, ах-хур гIезабизе, цогидалги гьелда хурхарал хIалтIабазе кредитал кьей. Росдал магIишаталда хIалтIаби гьаризе гIадамазе гIарац щваниги, кигIан лъикI гIадамаз боцIи-панз, ах-хур гIезабуниги, гьеб бутIаялда руго гIезегIан цIикIкIарал захIмалъаби. ГIезегIан къо бихьун гIезарурал пихъал, овощал, гьанал, рахьдал нигIматал кьезе, ричизе бакI гьечIолъи. Районалда росдал магIишаталъул продукция кьезе пункт букIарабани, чанги чи гьел хIалтIабазде вуссинаан. Росдал магIишаталъул бутIаялда кIиабилеб масъала ккола нигIматал гIезарурав чиясе гьезухъ дагьаб гурони мухь щунгутIи, масала данде ккве лъел шишаялъулги рахьдал шишаялъулги багьаби. Гьел масъалаби районалда жанирго тIуразаризе кIвани, ай тIадехун рехсарал пунктал, гьанал, рахьдал нигIматал хIадурулел бакIал ругони чанги чи лъугьинаан, захIматал рукIаниги, росдал магIишаталъул хIалтIаби гьаризе.

-Росдал магIишаталда хIалтIаби гьаризе кредит бахъизе ккани щиб хIажалъулеб?

-Росдал магIишаталъул кредит кьола гьеб босулесда кредит заманалда бецIизе кIолеб батани ва гьеб гIарац батIияб жоялъе гуреб, гIицIго боцIи, ах-хур гIезабиялъе хIалтIизабизе батани. БатIияб мурадалъе гIарац хIалтIизабулеб батани, банкалъул ихтияр буго босарасулгун къотIи-къайги биххизабун,  заман щвелалдего кредит бецIеян лъазабизе. Кредиталде тIаде рачIуна 19,5 -са байбихьун процентал ва гьеб кьола гъоркьлъалие жалго бет1ергьанаб  зеленка бугеб ракьги лъун. Гьеб кредиталъул 8,5 процент пачалихъалъ тIад буссинабула субсидия х1исабалда гьеб босарасе. Масала, цо чияс 300 азарго гъурущ банкалдаса къарзалъе босани, гьеб щуго соналъ бецIизе босунги бугони, кредиталде тIаде бачIуна I50 азарго гъурущ, гьебги малъун кредит бахунеб буго 450 азарго гъурщиде. Гьеб кредиталъул пачалихъалъ къарз босарасе тIад буссинабула I26500 гъурущ. Гьедин, кредиталъул къадар букIуна тIадехун рехсараб суммаялдаса гьеб гIарацги нахъе бахъун.

Росдал магIишаталда хIалтIаби гьаризе субсидия щвезе ккани, документал кьезе ккола Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул министерствалде. Субсидия босизе министерствалде кьолел документал хIадуризе кумек гьабула нижеца. Гьелъие паспорт, росдал администрациялдаса боцIул къадар бихьизабураб справка, боцIи бичун босизе кредит бахъулеб бугони бича-хисиялъул къотIи-къай босун рачIине ккола нижер банкалде. Банкалъ документал хIадурула министерствалде кьун бажарулеб хIалалъ. Хадуб субсидия босулев чи документалги росун ине ккола министерствалде. Кредит абуни кьола банкалдасан, гьеб босизе гIицIго банкалде рачIани гIола. Жакъа къоялде щвезегIан гьединаб кредит босана I000-гIан чияс.

-Росдал магIишаталъул хIалтIабазе гурони тIокIаб батIияб кредит кьолищ банкалъ?

-Банкалъ кьола ипотека, автокредит, пенсионнияб кредит, потребительский кредит.

Бищун лъикIаб жо буго гIарац недвижимосталде буссинабуни, ай мина босани. Ипотека кьола харжалда рекъон, щуго соналдаса 30 соналде щвезегIан. Россельхозбанкалъ къотIи-къай гьабун буго минаби (квартираби) ралел чагIазулгун. Гьединлъидал, квартираби бихьизабураб заманалде ран лъугIизарула. Ипотечнияб кредиталде тIаде бачIуна лъагIалие 10,9 процент.

Автокредит босизе ккани къваригIуна кIиго шартI: машина букIине ккола цIияб ва Россиялда бакIарараб, ай сборка букIине ккола нилъерго улкаялда гьабураб. Автокредит кьола 1 миллионалде щвезегIан лъабго лъагIалие.Кредиталде т1аде бач1уна 10,17 процент.

Пенсионнияб кредит кьола пенсионеразе. Кредит босулелъул поручитель къваригIунаро. Кредиталде тIаде бачIуна I9,5 процент. Масала, I00 азарго гъурущ кредиталъул лъабго соналъе босани, гьелде тIаде бачIуна 28 азарго гъурущ. Кредит босизе къваригIуна паспорт, пенсия щолеб букIин бихьизабулеб документ.

Потребительский кредит босизе бегьула бокьараб тIагIел-алат босизелъун. Кредиталъул дагьаб сумма босулеб бугони поручитель къваригIунаро, харж дагьаб бугони къваригIуна поручитель. Кредиталде тIаде бачIуна 26,5 процент. Кредит босизе къваригIуна паспорт, трудовая книжка, 2-НДФЛ справка (харжил).

-ГIадамазе бокьаниги бокьи-чIониги харжал карточкаялде рехизаруна. ТIадаб бугищ харж гьелде рехизе? Нужер банкалъул кинал карточкаби ругел?

-Карточка гьаби тIадаб жо гуро, амма гьелде рачIине лъикIаблъун бихьизабун буго. ГIадамал карточнияб системаялде рачине ккани цин участкабазда лъезе ккола банкоматал. БитIун гьечIо щуазарго гъурущ гурони гьечIеб харж бахъизе гIадамал рикIкIада росабалъа таксиги ккун райцентралде рачIинари. Дида ракIалда буго гIадамазе гIарац бахъизе санагIалъиялъе участкабазда банкоматал лъезе. Терминал лъезе ккани, чIезабураб регламенталда рекъон, 2 азаргоялдаса дагь гьечIев клиент вукIине ккола гьеб терминалалдаса гIарац бахъулев. Регламенталда рихьизарурал шартIал чIахIиял шагьаразе данде кканиги, нилъер районалъе данде кколаро. Дагьаб цебег1ан нижеца банкалда лъуна терминалги.

- Россельхозбанкалъул руго батIи-батIиял карточкаби. Россиялъул территориялда хIалтIула «Master Card» абураб карточка. Гьеб рагьун лъабго соналъе уна 200 гъурущ. «Visa Country» карточка хIалтIула Россиялда ва чанго улкаялда. Гьеб рагьун уна 300 гъурущ. КъватIисел улкабазде гIезегIан ине кколел гIадамазе хайир букIуна «Golg» ва «Golg Platinum» карточкабазул цояб рагьани. Гьел хириял карточкаби руго. Гьел карточкабаз рес кьола Россиялда рукIаго нилъ ине ругел бакIазда гостиницаялъул номер кквезе, нилъеего къваригIарабгIан заманаялъе машина бронировать гьабизе ва гь.ц. Гьединал хIажалъабазе харжал гьабураб гIарцул чанго процент тIад буссун бачIуна карточкаялде.

Нижер банкалда рагьизе бегьула «Амурский тигр» абураб кредитнияб карточка. Карта рагьизе къваригIуна паспорт, цIезе ккола анкета-заявлениеги. Карта рагьарасе гьелде банкалъ къарзалъе рехула гIарац, хадуб гьеб банкалъе бецIизелъун.

Карточкаялдаса гIарац бахъичIого, гьебги хIалтIизабун бензин тIуни, карточкаялде тIад буссун бачIуна кьураб гIарцул 5 процент, тукадаса продуктаби росани- 1 процент.

Гьеб мурадалда нижеца терминал лъезелъун гара-чIвариял гьарулел руго районалда бугеб цо газ-бензин тIолеб заправкаялъулгун. Масала, I000 гъурщиде заправка гьабуни картаялде тIад буссун бачIуна 50 гъурущ. Картаялда гьарулел операциязул хIакъалъулъ гьелъул бетIергьанасда лъазабула SMSалдасан. Картаялъул бугеб лъикIаб рахъ ккола гьеб рагьидал гьелъул льготный период 55 къо букIин, ай нужеца хвезабураб гIарац гьеб заманалда картаялде тIад буссинабуни, тIаде бачIунеб процент банкалъ босуларо. Льготный период хIалтIула  картаги хIалтIизабун хIажатаб жо босани, гIарац бахъичIого.

Хадубккун картаялдасан къарзалъе гIарац бахъизе бегьула банкоматалдасан. Картаялда «Амурский тигр» цIар букIиналъул магIна буго Россельхозбанкалъ гьеб картаялда гьарурал операцияздасан жидеего щвараб хайиралъул цо бутIа «Центр по изучению и сохранению популяции амурского тигра» абураб гIуцIиялде, Амуралъул цIиркъал тIагIунел рукIиналда бан, гьел цIунизе рехулеб букIин. Гьебги банкалъ тIабигIат цIуниялъе гьабулеб квербакъи буго.

-Кредит босун гьеб бецIизе кколеблъи бичIчIула. Рес букIунищ кредит бецIун лъугIарав чиясда ялъуни гьеб босизего босичIев чиясда кредит бецIизабизе? Гьединал пашманал хIужжаби кколел ругилан ракI бакъван руго чанги гIадамал.

-Гьединал рекъечIел лъугьа-бахъинал ккун руго цо банкалъул. Нилъер гIадамал руго сихIирлъи жиделъ гьечIел, цойгидазда кутакалда божулел, гIадатиял гIадамал, умумузул заманалъго гIадинан кьураб рагIуца кинабго жо тIубалин божулел. ГIемерисезда лъаларо жидерго ихтиярал ва закон. Бищун цебе кредит босулев чиясда банкалъ бичIчIизабизе ккола гьеб бихьизабураб заманалда бецIизе кколеблъи. Чанги чияс босараб кредит бецIеян лъазабидал, гIажаиблъун, гьеб бецIизегийищ кколебан гьикъула. Кредит садакъа гуро, гьеб тIаде рачIунел проценталгун бецIизе ккола. Гьеб мухIканго гIадамазда бичIчIизабун букIарабани, гьез кредит бахъилароан ялъуни жиндир заманалда бецIун букIинаан. Кредит бахъунги букIун бецIун лъугIун батани, амма кредит бахъиялъул хъвай-хъвагIай гьабун, бецIун лъугIиялъул гьабичIого тун бугони, банкалъул нухмалъулесги пуланав чияс кредит бецIичIилан абулеб бугони, гьев чияс цIидасан кредит бецIизе ккола. Банкалдаса кредитго босичIев чиясда гьеб хъвазе кIола гьев цойгидасе поручительлъун, созаемщиклъун вукIун ватани, ялъуни гьес банкалде жиндирго гIарац буссинабун букIун батани, ай паспортниял данныял ругони кIола кредит хъвазе. Амма гьедин кредит жинда тIад хъван батарасда кIола судалда цебе жинца кредит бахъичIеблъи чIезабизе, щайгурелъул гьес гъулбасал (подпись) кирниги гьарун рукIунарелъул. Гьеб хIужжаялда хурхун нижеца материал хIадурун буго ва ракIалда буго цIех-рехалъул органазде гIайибиял чIезаризе кьезе.

ТIадехун рехсарал хIужжаби руго законалда данде кколарел, банкалъул нухмалъулесул намус-яхIалда бараб жо. Гьединал жал нижер банкалда ккезе бегьулареблъи дица хIалтIухъабазда бичIчIизабуна. ХIалтIухъабазухъа гъалатIал ун, хIалтIи гьез мекъи гьабун батани, дица гьезие нахъе рехиялде гIунтIунцин кьварараб гIадлу гьабизе буго.

Дида ракIалда буго цебехун рехсараб банкалъулгун кредитазда хурхун захIмалъаби ругел гIадамалги банкалъул вукIарав нухмалъулевги ахIун, цебеккунго къоги чIезабун данделъи гьабизе ва гьел масъалаби тIуразариялъе бегьулел нухал ратизе.

-Цере районалда рукIарал банказул букIана гIезегIан гIатIидаб штат. Чан хIалтIухъан вугев нужер банкалда?

-Банкалда руго кIиго операционист, кIиго экономист, цо кассир, ункъго охранник, кIиго чи служба безопасностиялъул ва банкалъул нухмалъулев.

-Юсуп, баркала дуе гара-чIвариялъухъ. Баракатал ратаги Россельхозбанкги мунги районалъе ва гIадатиял гIадамазе. Нужер гьабулеб дандебилълъаги.

-Дуеги баркала. Нижеда ракIалда буго гIадамал разилъуледухъ, бажарун хIалтIи гьабизе.  Районалъул бетIер С. Юсуповас нижеда цебе масъала лъуна райадминистрациялъул, росдал магIишаталъул  отделалъул хIалтIухъабигун цадахъ росабалъе халкъалда гьоркьоб росдал магIишаталъул хайиралъул ва гьениб хIалтIаби гьариялъе кредиталъул квербакъиялъул рицарал бичIчIикьеялъул хIалтIаби гьареян.

                                                    ***   ***   ***

2 декабрь ккола банкалъул хIалтIухъабазул къо. Профессионалияб байрамги баркулаго, гьарула Россельхозбанкалъул ва Сбербанкалъул хIалтIухъабазе щулияб сахлъи, хъизан-лъималгун цадахъ талихIаб гIумру, хIалтIулъ битIккей. ГIадатиял гIадамал разилъуледухъ, гьезул мурадал тIуразе тавпикъ кьеги нужее.

 

                         Гара-чIвари гьабуна П. Гунашевалъ.            

 

 

Просмотров: 487 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz