31 октябралъул радал г1ужалъ Синаязул бащдабч1инк1иллъиялда авиакатастрофаялде ккана Египеталдаса Сант-Петербургалде боржунеб бук1араб Аэрбус А 321 самолет. 224 чи гьезда гьоркьоб 27 лъимер нагагьаб балагьалдалъун циндаго къадаралде щвана россияназул. 13 бат1ияб регионалдаса чи хвараб гьеб балагьаб лъугьа-бахъиналъул къурбаназул бищун гьит1иналъе (Дарина Громовка-доб самолетазухъ ц1орода гьоркьосан балагьун ч1араб рижи) бук1ун буго г1иц1го анц1го моц1, бищун ц1ик1к1аралъейин абуни 78 сон. Жакъа къоялде щвезег1анги раг1а-ракьанде щун лъазабун гьеч1о щиб г1иллаялдалъун жанир ругел х1ухьбахъиялъе арал г1адамалгун цадахъ самолеталъул рич1ч1и лъугьарабали. Амма кинго бич1ч1уларо щай, къват1исел улкабазда рагъ гьабизецин къуваталги ресалги ругеб пачалихъалъул «ункъабилел-щуабилел квераздасан» (ай чанго компаниялъ х1алт1изарун) хадуб гурони, ц1иял, жеги лъик1-х1укуматалъул заводаз къват1ире риччарал самолетал гьеч1елали? Кин щиб кканиги, данде жаваб гьеч1еб гьеб суалалде нуц1аги къан. Нагагьал балагьаздаса ц1унун тагиян дуг1агун лъуг1изабулеб буго.
|