Цоги лъик1аб хабар лъана районалъул спорт бокьулезда. 5-7 марталда Азербайджаналъул тахшагьар Бакуялда т1обит1ана журарал единоборствобазул рахъалъ Европаялъул чемпионат. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна кинабниги анц1ила цо улкаялдаса командабаз.
Гьеб турниралда Россиялъул вакиллъун бук1ана Кизилюрт районалъул Комсомольское росдал «Бейбарс» клубалъ куцарал спортсменазул команда. Гьезда гъорлъ рук1ана к1иго бат1иял версиялда (грепплинг ва MTX Combat) г1ахьаллъи гьабурав 12 спортсмен. Къецазул х1асилалда гьезул микьгояв вахъана чемпионлъун, ункъоясе щвана г1арцул медалал ва цояв мустах1икълъуна лъабабилеб бак1алъе.
62 ва 20 килограмм ц1айиязда чемпионаллъун рахъана нилъер ракьцоял, Т1анусиса Шуг1айбов Сиражудин ва Ч1ондокьа Шапиев Мух1амад.
Нилъер спортсменазе гьеб к1удияб бергьенлъи щвана гьезул спорталдехун бугеб рокьиялдалъунги гьезул тренер, журарал единоборствобазул к1иго версиялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Шуг1айбов Мах1ач Г1алихановичасул х1аракаталъулги х1асилалдалъун.
Баркула нилъер спортсменазда ва гьезул тренерасда щварал бергьенлъаби.
И. Мух1амадов.
|