Гьал къоязда къват1ибе бач1ана СССРалъул сахлъи ц1униялъул отличник, «Дагъистан республикаялъул мустах1икъав тохтур», Россиялъул журналистазул союзалъул член Хунзахъа Ахъбердиев Т1алх1ат Иманшапиг1овичасул «Бах1арчилъиялъул лъалк1» абураб т1ехь.
Т1ехь бикьун буго чанго бут1аялде. Т1оцебесеб бут1аялда руго живго авторасул, гьесул инсул-капитан Ахбердиевасул х1акъалъулъ къиса, эбел Пат1иматил ва яц Умужатил х1акъалъулъ къокъал баянал.
К1иабилеб бут1аялда нилъеда ратула Кавказалъул гьалдолел къоязул къеркьохъаби: имам Гъазимух1амадил, гъазаваталъул гъалбац1 имам Шамилил, гьесул бах1арчияв наиб Ахъбердил Мух1амадил, наиб Х1ажимурадил, Хириясул Г1алибегил, Дагъистаналъул х1еж-Ах1улгох1алъул, гьенир рагъарал бах1арчиял руччабазул, Хунзахъ т1алъиялда г1урал Кавказалъул рагъул бах1арзазул х1акъалъулъ сок1к1арал асарал.
Лъабабилеб бут1аялда нилъеца лъай-хъвай гьабизе бегьула К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда районалда рахъарал бах1арчиял васазул, гьезул рагъулал гьунаразул, рагъул соназул лъималазул бицунел асаразулгун.
Хадусеб бут1аялда нилъеца ц1ализе бегьула районалъул ц1ар раг1арал тохтурзабазул, гьезул гьайбатал ишазул ва тохтурлъиялъул х1акъалъулъ куч1дул, тохтурасул малъа-хъваял, унтаразул аманатал.
Сатираялъ пашманлъизарула, юморалъ релъизарула абураб бет1ералда гъоркь рахъарал асаразда бицунеб буго нилъер унтун бугеб обществалъул
Хапизе жоялъул т1алаб гурони,
Т1ок1аб хиял гьеч1о нухмалъулезул.
Иман-ях1, г1аданлъи, бац1ц1адаб намус
Бичун буго г1арцухъ г1емерисеца.
Хасаб бак1 ккун буго т1ехьалда лирикиял асараз, Дагъистаналъул машгьурал г1адамазде ва гьел гурел г1емерал бат1и-бат1иял темабазда хъварал куч1дузги.
Т1ехь буго г1адамазда бич1уледухъ гьезул рек1елъе бортуледухъ бечедаб маг1арул мац1алда хъвараб. Гьелъ нилъ т1амулел руго г1емераб жоялда т1ад ургъизе, нилъер улкаялъул ва халкъалъул къисматалъул пикру гьабизе.
Т1ехьалда руго г1умру бихьарав ва гьелъул х1албихьи бугев поэтас хъварал г1емерал куч1дул, сатира, юмор.
Г1едег1ел гьабе гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе.
|