Четверг, 25.04.2024, 18:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Февраль » 27 » БАХ1АРЧИЛЪИЯЛЪЕ КИДАГОСЕБ РЕЦЦ !
23:56
БАХ1АРЧИЛЪИЯЛЪЕ КИДАГОСЕБ РЕЦЦ !

Г1адат буго заман анаг1ан кинабго жо басралъулеб, унеб, холеб, к1очон толеб. Чан сон, г1асру свераниги холаро цох1о г1адамаз нахъе тарал лъик1ал ишал, гьез бихьизабураб бах1арчилъи. Гьедин нилъеца щибаб соналъ к1удияб адаб-х1урматгун к1одо гьарула К1удияб Ват1анияб рагъул, Афганистаналда, Венгриялда ва гьаб заманалда ккарал рагъулал тунка-г1усиязул бах1арзал. Исанаги 15 февралалда районалъул халкъияб творчествалъул рокъоб к1одо гьаруна Афганистаналъул рагъул г1ахьалчаг1и-интернационалистал.

Афганцазул х1урматалда г1уц1араб дандеруссиналде гьел к1одо гьаризе рач1ун рук1ана районалъул нухмалъулел жавабиял х1алт1ухъаби, СМИязул вакилзаби. Афганистаналда бук1араб рагъда нилъер ракьцояз, бихьизабураб бах1арчилъиялъухъги, къох1ехьеялъухъги рак1-рак1алъулаб баркалаги кьун, гьезда байрамги баркун, гьезие хъизан-рукъалда талих1-рохелги, сахлъиги, кинабго лъик1абщинабги гьарун к1алъазе рахъана районалъул бет1ер Х1. Дарбишев, районалъул военком Б. Шапиев, райсобраниялъул председатель Х. Хваджаев, районалъул бет1ерасул заместитель Х1. Г1аммаев, ветераназул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиев. Гьединго, тадбиралда щибаб соналъ г1ахьаллъулев вук1арав исана вач1ине бажарич1ев Хунзахъ администрациялъул бет1ер Х. Т1алх1атовасул гьариялдалъун гьесул рахъалдасан афганистаналъулазда байрам баркана Г1. Г1алих1ажиевас. Рагъулал гьудул-гьалмагъзабазда г1ахьалаб байрам баркун жидедаго бихьараб рак1алде щвезабуна лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул профкомалъул председатель Мах1мудов мух1амадица.

Байрамалъул «г1айибиязе» кеч1-бакъанги, кеп-ихтилатги, бечедаб кванил столги г1уц1ун бук1ана культураялъул х1алт1ухъабаз. Байрамалъулаб тадбир берцинал раг1абаздалъун нухда бачана культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Г1. Тажудиновалъ, куч1дул ах1ун аваданлъи гьабуна Парихан Мусаевалъ, Хадижат Г1абдулкъадировалъ, Чаран ва Г1алиасх1аб Султ1анбеговаз.

Байрамалъул х1урматалда г1уц1араб тадбиралда афганистаналъулазе баркалаги кьолаго г1арцулал конвертал кьуна районалъул бет1ер Х1. Дарбишевасги ветераназул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиевасги. Г1абдулат1ипица бицана гьединго конвертал гьезие Хунзахъ администрациялъул бет1ер Х. Т1алх1атовасги х1адурун ругилан.

Гьедин, лъик1абго кеп-ихтилатги гьабун, рази-ракиго, жал рак1алде щун байрам г1уц1аразе, хасго культураялъул ясазе к1удияб баркалаги кьун рокъо-рокъоре ана афганалъулал. Гьединал бах1арзал цо къоялъ гуреб чанги нухалъ рак1алде щвезаризеги, к1одо гьаризеги мустах1икъал руго.


П. Гунашева.    

Просмотров: 923 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz