1-2 маялда Хунзахъ Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана нилъер ракьцояв, Россиялъул Бах1арчи, Харахьиса Х1айдархан Х1ажиев рак1алде щвезавиялъул мурадалда районалъул росабазул командабазда гьоркьосеб волейболалъул турнир.
Исанасеб турниралда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги 13 командаялъ. Цебеккунго бахъараб можораялда рекъон гьел рикьун рук1ана к1иго группаялде. Щибаб группаялдасан полуфиналалде борч1изе рес бук1ана к1и-к1и командаялъул. Х1аязухъ балагьун бихьулеб командаби лъик1 х1адурун рук1ин. Щибаб командаялъ х1аракат бахъулеб бук1ана жидерго къуватал рахъаздаса пайдаги босун дандиязда т1ад бергьенлъи босизе. Гьедин к1иго къоялъ халат бахъарал х1аязул х1асилалда финалалде рач1ана Хунзахъ ва Т1ануси росабазул командаби. Районалда бищунго къуваталлъун рик1к1унел к1иябго росдал волейболистазул финалияб х1аялъухъ балагьизе раг1араз занк1ун ц1ун бук1ана зал. Байбихьудасаго х1алуцана гьезул къеркьей, к1иязго х1ай бачунеб бук1ана тириго, махщалида ва г1уц1адго. Гьединаб х1аялда 2-1 х1исабгун зах1матаб бергьенлъиги босун, исана февралалда районалъул бет1ерасул призалъе г1оло т1обит1араб финалалда къуралъухъ рец1ел босана т1анусдерица хундеридаса. Лъабабилеб бак1 щвана Гьамущи росдал командаялъе. Турнир къалаго к1алъазе рахъарал районалъул спортивияб отделалъул нухмалъулев Х1айдарбегов Г1абдулкъадирица. Муг1рузулаб Дагъистан волейболалъул федерациялъул президент Ах1мадов Мух1амадица ва цогидазги баркана командабазда гьезие щварал бак1ал ва баркала кьуна турнир г1уц1изе квербакъаралщиназе.
Чемпионлъун бахъараб ва хадусел бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, рекъон кколел даражаялъул медалалгун дипломал ва г1арцулал сайгъатал. Гьединго хасал сайгъатал кьун к1одо гьаруна турниралъул бищун лъик1ал игрокалги: Хат1ипов Мух1амад (Т1ануси); Х1асанов Мух1амад (Хунзахъ); Гъайирбегов Гьит1ин (Хунзахъ); Г1абдулхаликъов Мурад (Гьамущи); Мух1амадов Х1ажидибир (Г1обода).
И. Мух1амадов
|