Четверг, 25.04.2024, 13:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Апрель » 3 » БАКЬАГЬЕЧ1ИСАН ХЪВАЛЕБ БУГО. РОСДАЛГО Ч1УХ1И.
21:27
БАКЬАГЬЕЧ1ИСАН ХЪВАЛЕБ БУГО. РОСДАЛГО Ч1УХ1И.

Бат1и-бат1иял рук1уна ракьалда г1адамалги, зодир ц1вабиги, кверазда килщалги. Бат1и-бат1иял рук1уна г1умру  гьабиялъул къаг1идабиги.

Цоязул гьеб бук1уна рихха-хочараб, бат1алъи гьеч1еб, цогиДАзул – маг1наяб, г1акъилаб, жавабчилъи бич1ч1араб ва х1алуцараб. Нилъ рохизе ккараб жо, жидеда т1адаб ишцин  т1аса-масаго  т1убазабулеб, гьелдехун ургъел гьеч1еб балагьи гьабулеб гьаб заманалда, къанаг1ат ругониги, ратула жидеде божилъи гьабураб гуребги  жамг1иябги х1алт1и гьабулел, бат1и-бат1иял къаг1идаби ургъун, халкъалъе, рижараб росдае пайда бугеллъун рук1ин жидер  г1умруялъул аслияб мурадлъун лъугьарал г1адамал.

Гьединазул цояйлъун рик1к1ине бегьула Бакьагьеч1и школалъул ц1ияй тарай директор Пат1имат Х1амзатова. Лъик1ав чиясул х1акъалъулъ кидаго ратула абизе лъик1ал раг1аби.

Инсан вич1ч1изе ккола  бицунеб раг1ухъ балагьун гурев, гьабулеб х1алт1ухъ балагьунги Х1амзатова Пат1имат школалъул директорлъун яч1аралдаса г1езег1ан  хиса-басиял ккана школалъул  гьумералда, Ч1анк1ал музеялда, гьалбадерил рукъ, (кунацкая) къач1ай г1адал х1алт1абазда. Абизе бегьула Пат1имат йигин гьит1иназдаги-к1удияздаги раг1и данде ккезабун, х1ал рекъезабун х1алт1и нухда бачине лъалей лъик1ай, г1уц1арухъанлъунилан. Жий директор йигин абун лъидехунниги ч1ух1и  бихьизабуларей, жиндасан бажарулеб, к1олебщинаб г1адамасе  ва росдае гьабулей  инсан.

Щиб х1алт1и бугониги гьей нахъе къан ч1оларо. Гьединай Пат1имат йик1иналъ батила, ниж культураялъул х1алт1ухъабаздаги киналго учительзабазул коллективгун цадахъ муг1рузул соналде ва руччабазул къоялде, Расул Х1амзатовас хъвараб «Маг1арулай» пьеса лъезе к1вараб.

Пат1иматица т1аде босана бищунго аслияб  Вера Васильевналъул  роль. Гьеб Пат1иматица  х1ана доба Москваялдаса яч1арай г1урус ясалъ г1адин. Кутакалда г1адамал разияб цере-рахъин бук1ана культураялъул рокъоб. Занк1ун ц1ураб зал, релъи-хъуй, ч1валеб хъатил гьаракь, аваданлъи ихтилат-кеп.

Дун шаг1ир гуро, амма дие ц1акъ бокьула лъик1ал г1адамазул х1акъалъулъ хъвазе ва абизе.

Абилин коч1одалъунги ц1ияй директоралъул х1акъалъулъ:

Пат1имат – ц1ар берцин, ц1одораб калам,

Киридухъ хъвайги дур угьараб х1ухьел,

Иман рек1елъ бугей, къадру ц1ик1к1арай

Г1адамазул мурад-х1ажат т1убалей.

Мун х1алт1ул цеехъан, росдалго ч1ух1и,

Дуе тавпикъ кьейги, кьурул милъирщо.

Бекьеч1дерил росу бицадулъ хъвазе,

Иман щулалъайги, къадру борхайги.

Мактабгун муг1алим – г1акъилаб раг1и,

Дуе сабру кьейги  кьерилалъ ч1езе.

Г1умру халалъайги, г1акълу ц1ик1к1айги,

Ц1одорал г1олилал нухда рат1изе.

Балагьарал кутакалда разилъана росуцоял – артистазул церерахъиназдаса.

Бокьун буго «Росдал зах1матчи» газета гьоркьоб ккун, рак1-рак1алъул баркала загьир гьабизе  учительзабазул коллективалъе ва хасгьабун Пат1иматил жигарчилъиялъе, х1аракаталъе, киг1ан жидер г1емер х1алт1и бук1аниги, сундухъго балагьич1ого, гьабураб кумекалъухъ.

Ахиралда сценаялде вахун вач1ана росдал бет1ер Г1алиев Артурги жиндирго к1алъаялда гьес абуна гьадинал махщел чаг1и Бакьагьеч1и росулъ ратилин жинда рак1алде ккун бук1инч1ин, баркалаялъе ва реццалъе мустах1икъал х1аракат чаг1и рук1ун ругин нилъер аниян.

Муслимова Саг1адат, Бакьагьеч1и культураялъул рукъалъул директор.

Просмотров: 569 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz