Четверг, 28.03.2024, 15:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Сентябрь » 23 » БАКЬАГЬЕЧ1ИСА ДАЦИЛ 70 СОН Т1УБАЯЛДЕ.
13:25
БАКЬАГЬЕЧ1ИСА ДАЦИЛ 70 СОН Т1УБАЯЛДЕ.

Маг1арулазул машгьурав поэт, журналист ва лъик1ав инсан Х1осенил ‎Мух1амад Дагъистаниязда лъала «Бакьагьеч1иса Даци» абураб ц1аралда ‎гъоркь. ‎2018 соналъул 7 ноябралда гьев гьавуралдаса т1убала 70 сон.
‎ Т1оцеве школалде ана, эмен Хъазамбиев Х1осеница учительлъи гьабулеб ‎бук1араб Унсоколо районалъул Хъах1абросулъ. Хадув ц1алана, инсуца ‎учительлъиялъул х1алт1и хис-хисизе ккеялда бан Рихьуни, Бакьагьеч1и, ‎Гъадари, Г1ахьалч1и росабазул школазда. 1971 соналъ, Дагъистаналъул ‎пачалихъияб университеталъул химиялъул факультет лъуг1ун хадуб, хъулухъ ‎гьабуна Советияб Армиялда. 1973 соналъ к1удияв лейтенантасул чиналда ‎Армиялдаса т1адги вуссун, х1алт1ана Г1оч1ло гьоркьохъеб школалъул ‎завучлъун. 1977 соналъ нахъойги ах1ана Армиялде. 1979 соналъ лъуг1ана ‎Бакуялъул т1адег1анаб рагъулаб училище ва гьелдаса хадуб пенсиялде ‎инег1ан х1алт1ана Дагъистаналъул бат1и-бат1иял рагъулал комиссариатазда. ‎Советияб армиялъе хъулухъалда арал соназ гьес бихьизабураб жигаралъе ва ‎рак1бац1ц1алъиялъе г1оло гьесие щвана г1емерал медалал, вахана ‎подполковникасул чиналде. ‎
‎ Школалъ гьев х1адурана зах1матаб, армиялъул хъулухъалъе, армиялъул ‎хъулухъалъ гьев х1адурана школалда тарбия кьеялъул ишалъе. ‎Гьединлъидалин гьев кив х1алт1аниги вук1ана бажари бугев специалист, ‎лъималазеги солдатазеги, ай г1олилазе хирияв насих1атчи, г1акълучи. Дида ‎ккола рек1елъ поэзия, шиг1рияб асар бугев чияс къисматалъ кинаб къаниги, ‎т1ад къараб х1алт1иги лъик1, жаниб шиг1рияб асар лъун гьабулилан. ‎Мух1амадил рек1елъги кидаго бук1ана Бет1ергьанас лъураб шиг1рияб гьунар. ‎
‎ Ункъабилеб классалдаса нахъего машгъуллъулаан гьев шиг1ру-кеч1алде. ‎Амма жинцаго хъваралдехун бугеб ц1акъго ц1ик1к1араб т1алабчилъиялъ гьев ‎т1амуна гьеб балъго гьабизе. Гьесда рихараб бук1ана, рак1алда гьеч1еб, ‎партиялъе рец гьабизе т1амулеб, эркенго пикру загьир гьабизе рес кьолареб ‎цензураги. Гьединлъидал гьес жиндир куч1дузухъ г1енеккулезул свери къокъ ‎гьабуна гьудул гьалмагъзабазда. Гьесул рит1ухълъи хирияб, сатирикияб ‎рек1ел асар халкъалъе загьирлъана хиса-свериялъулин ц1ар лъураб ‎ заманаялъ. Гьесул куч1дул халкъияллъун лъугьана, ‎коч1охъабаз ах1изе байбихьана жеги печаталда рахъилелдего. ‎
‎ Т1оцебесеб кеч1 Гумбет районалъул «Бакълъулазул нур» газеталда ‎бахъаниги, хадуб гьесул куч1дузе бак1 кьеч1еб маг1арул газета ‎Дагъистаналда хут1ич1о. Гьесул щибаб кеч1алъ маг1арулал роххизаруна ва ‎пикру гьабизе т1амуна. Щивасда сверухъ бугеб ах1вал – х1ал, щивасул ‎рек1ел асар, махсароялъул къаг1идаялда пасих1го коч1олъ рекъезабун кодобе ‎кьедал, щивав маг1аруласул рек1елъ поэтасде рокьи бижана ва гьесул щибаб ‎асаралъухъ гъираялда ралагьун рук1унаан. ‎
‎ Гьесул щибаб асар маг1арулаз цоцазе ц1алулаан, кепалъе рицунаан ва ‎рак1-рак1алъ къабул гьарулаан. Маг1арулал гьес ах1ана, х1апу-чапуралде ‎сверараб, реформабазул заманалдаги ях1-намус ц1унун хьвадиялде. ‎
Нилъерго ях1 ц1унун ц1одорго хьваде,‎
Ц1огьод хьвадулезул хьулал къот1изе.‎
Къадругин даража борхалъуда ккве,‎
Хиял макруязул мугъал рекизе.‎
Зодоб багьа бухьун босараб ч1орто
Рет1ине щвеч1они ч1алг1аде хола,‎
Ч1ег1ерлъи хъвач1ого ц1унараб намус,‎
Нусго сон аниги учузлъуларо.‎
‎ Гьедин хъвалеб буго Мух1амадица, Гьединав вук1ана живгоги. Лъик1ав ‎педагог, гьунар бугев поэт, журналист, гьудулзаби г1емерав, г1адамазе ‎кумекалъе вахъун ч1арав инсан. Мух1амадица гъваридго иш лъан ‎хъварал макъалаби хисизарич1ого рахъулаан маг1арул газетаз ва журналаз.‎
‎ Мух1амадие ц1акъ рокьулаан г1адамал. Поэт Г1абдулмажид ‎Хачаловасде хъвараб коч1олъ руго гьадинал мохъал:‎
Вахъа, Г1абдулмажид, маг1арул намус,‎
Нич-ях1 лъуг1аразда г1адалъ жо реч1ч1е,‎
Щула ч1а, Хачалов, чи вокьиялде
Данде ярагъ жеги ургъич1ин цималъ.‎
‎ Жинцаго коч1олъ велъулаго бихьизабуниги, сверун бугеб, ях1- намус ‎ц1унаразе зах1матаб ах1вал х1алалъ квешаб асар гьабич1ого теч1о поэтасул ‎т1еренаб, кинабго жанисан биччалеб рак1алъе. ‎
‎ Г1емерал соназ зах1матго унтана Мух1амад. Къадаралдеги щвана г1умруялъул 61 сон гурони гьеч1ев чи. ‎Мух1амадицаги Расул Х1амзатовасул мисалалда, жиндирго медалалги, ‎Ват1аналъе гьабураб хъулухъги, «Дагъистан – базаристан» абураб т1ехьги, ‎цоги г1емерал куч1дулги, жиндие хириял г1адамазул х1акъалъулъ хъварал ‎очеркал – макъалабиги, лъик1аб чилъиялъул, г1аданлъиялъул мисалги ‎Дагъистаналъул муг1руздаги ран, дагъистаниязе, маг1арулазе тана. Мух1амадида бихьич1о, жив къадаралде щун хадуб хъизаналъ ва г1ага-божараз, гьесул поэзия бокьулез кумекги гьабун‎, къват1ибе бач1араб "Мой х1укумат" абураб т1ехь. Рак1алде ккола, гьесул 70 сонилаб юбилей т1обит1иялъеги гьезго къвал къалилан. ИншааЛлагь.

СУРАНА ГЬАНЖЕ

Вабабай, Черномирдин,

Чороклъана дур «Наш Дом»,

Чубайсги т1аде лаг1ун

Г1орогана Русия.

Х1алихьалъана чукъби,

Х1акимзабазул хъант1и,

Хъублъиялде сверана,

Русиялъул сси хвана,

Халкъалъул рак1 сверана,

Бак1аб гьирикьеги ккун

Гьанже дур х1ал дагьлъана.

Х1алт1аралъухъ мухь кьезе

Рес батизе к1веч1ев мун,

Нечоларевг1аги кин

Ккун гьеб бак1гун вук1ине?

Улкаги кепкихъ бичун

Чед балагьи – халт1ийищ?

Х1алт1ухъанги вакъун тун

Ват1ан бикъи - пишайищ?

Гьеб дур «контораялъул»

Кепкил багьа гьеч1олъи,

Гьанжег1аги бич1ч1изе

Замана щвана, бет1ер.

Жидерго чвантил гуреб

Ургъел гьеч1ел дур т1анч1аз,

Т1алъиги х1алайе ккун

Х1улун лъуна г1адамал.

Г1адлу гьабизейилан

Гьенив тун вук1ана мун,

К1олеб гьеч1ин дуда гьеб

Гьанжег1аги нахъе а!

Хъублъиялъулъ къан бугеб

Къапилагун цадахь мун,

Берцинго нахъе ани

Улкаялъе лъик1 буго.

Унтараб Х1укуматги,

Турараб маг1ишатги,

Г1адлу гьеч1еб улкаги,

вабабай, Черномирдин.


ЧАЛАКИЛ ГIОДИ

Чалакги Ибрагьимги
Рагъилел ругин рагIун,
Эл ратIа гьаризеян
РачIун руго гIадамал.
ГIодов Ибрагьимги лъун,
Эсда тIад гIодовги чIун,
ГIодулев ватун вуго
ГIадамазда ав Чалак.
Вергьунев мунги вугин,
Ибрагьимги къун вугин,
Мун гIодизе кканани
ГIилла щибан гьикъидал:
«Дун тIаде вахъанани
Вухулин ас-ан» абун,
Агьиялда гIодана
Дагьавги цIакъ ав Чалак!

ГIезегIан мех сверана
Совет хIукумат биххун,
Коммунистал къураблъи
Якъинлъана цебего.
Амма тIалъиги босун
ТIад ругел демократал,
Коммунистаз толарин
Руго жеги гIодилел.
ГIадлу лъугIун, хIулараб
ХIукуматги жибго тун,
Компартиялде данде
ДагIба гьабулел руго.

Гьаб лъугьа-бахъиналъул
БакьагьечIиб бицуна
Унго-унголъун ккараб
Кепаб ишалъул гIадин.
Гамил рулги щула ккун
Курсалда унел гьечIо,
АхIун биччан гамагун
Марксизм какулел руго.
Машина бачунелъул
Нухде ралагьун гьечIо,
Нахъехун бералги лъун
Рахънире инел руго.
ТIад рекIарал гIадамал
ЛагIдезарулел руго,
Рахъниб кьабун, гохIилъ щун
Щущалеб гьоко буго.
Гьелъул ургьел гьабизе
РегIарав чи цо гьечIо,
Чалак гIадин хIал бачIун,
ХIинкъун гIодилел руго!
ТIаде ккарал гIодулеб,
ГIодор ругел ахIдолеб,
«Аваданаб» замана
БачIун буго нилъеде.

Чалакида гIадинан
ГIадамал тIад релъулеб,
ГIадалаб тайпаялъул
Тарихалда руго нилъ.

 

Просмотров: 390 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz