Пятница, 19.04.2024, 10:41 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Март » 26 » БАКЬАГЬЕЧ1ИСА Ч1АНК1А ГЬАВУРАЛДАСА – 150 СОН.
10:00
БАКЬАГЬЕЧ1ИСА Ч1АНК1А ГЬАВУРАЛДАСА – 150 СОН.

Маг1арулал цоцазда рич1ч1изелъун болмац1алда к1алъалел рук1аниги, щибаб мухъалъул, х1атта цого бак1алда г1емер цоцаздаса рик1к1ад гьеч1ого ругел росабазулцин рук1уна г1иц1го жидедаго хасиятал г1адатал,  рук1а-рахъиналъул къаг1идаби, бицунеб мац1алъул свери, хасият. Цо-цо росаби машгьурал руго  умумулъанго бач1араб махщел-гьунаралдалъун. Бакьагьеч1и росдае хасиятаб буго бечедаб, пасих1аб, г1ужда щолеб ч1ор г1адаб, бег1ераб к1алзул гьунар. Гьезие гьеб умумулъанго ирсалъе щвараб буго. Бакьагьеч1иса рахъарал поэтазул, хъвадарухъабазул гуребги, творчествоялдехун рокьи, чвахун бач1унеб пасих1аб мац1 хасиятаб буго г1емерисел г1адатиял г1адамазеги. Абула гьенир рук1анин  г1адамал абизе бокьараб жо коч1ол мухъаздалъун абулел ва дандисез гьезие жавабги гьединго коч1одалъун  кьолел.

Гьал къоязда Россиялъул г1елмабазул академиялъул Дагъистаналъул г1елмияб  централъул Мац1алъул ва адабияталъул институталда (ИЯЛИ) т1обит1ана авар адабияталъул классик, философ, 19 г1асруялъул машгьурав шаг1ир  Бакьагьеч1иса Ч1анк1а (Тажудин) гьавуралдаса 150 сон баялда хурхун г1елмияб  конференция. Поэт рак1алде щвезавизе данделъун рук1ана г1елмиял х1алт1ухъаби, хъвадарухъаби, поэтал, росуцоял ва цогидалги гьесул творчество бокьулел.

Шаг1ир рак1алде щвезавулеб конференция нухда бачана ИЯЛИялъул директор, филологиял г1елмабазул доктор, профессор Мух1амад Мух1амадовас. Ч1анк1ал творчествоялъе къимат кьолаго, М. Мух1амадовас абуна шаг1ирасул пагьму-гьунар т1убан лъазабун гьеч1ин, гьелдасан жеги чанги диссертация хъвазе бегьулин.

Къокъабго г1умру нахъа таниги, Ч1анк1ал ирс лъазабиялъе гъваридго гьелде гъорлъе раккун г1емераб х1алт1и гьабуна Мух1идиновал – ДГИялъул доцент, журналист Шамилица ва Тахо-Годил ц1аралда бугеб педагогикаялъул институталъул к1удияй г1елмияй х1алт1ухъан Бахуца.

«Доб заманаялъ маг1ишат – яшав гьабиялда цадахъго, г1адамаз гьит1инго т1алаб гьабулаан исламияб г1елму лъазабизе. Гьеб мурадалда мутаг1илзаби росулъа росулъе хьвадулаан г1араб г1елму лъалел г1алимзаби ц1ехон. Гьедин г1араб г1елму лъазабиялъе  бугеб бажари-махщел ги бихьун, Ч1анк1ал муг1алим Исх1акъил Мух1амадица гьесда  «Тажудин» абун хисана ц1ар. Ч1анк1аца г1елму лъазабиялда цадахъго, лъазарулаан к1уч1дулги, жинцагоги гьарулаан.  Гьесда лъик1 лъалаан астрономия, математика г1елмаби, гьесул махщел бук1ана г1араб мац1алда куч1дул гьаризеги. Ч1анк1ада лъалеб бук1ана европаялъулаб культураги. Ч1анк1аца маг1арул мац1алде буссинабуна Шекспирил коч1ол куплет. Киве кканиги Ч1анк1аца г1умру гьабуна  исламалъул къануназда рекъон. Ч1анк1аги Хъах1абросулъа Мах1мудги рук1ана кутакал гьудулзаби. Абула х1ежалде иналде цебе гьел г1емераб мехалъ цадахъ хабар-к1алалда рук1анилан ва Ч1анк1аца жиндирго куч1дул Махмудихъе кьунилан, амма гьеб мух1канаб баян гуро. Ч1анк1айищ Мах1мудищ лъик1авилан абураб пикру доб  заманаялъ лъицаниги  гьабулароан. Гьезул цояв цоясдаса лъик1ав вугин абизе  бегьуларо. Гьел лъиданиги дандеккун бажаруларо» - ян бицана Ш. Мух1идиновас жиндирго цевевахъиналда.

2006-2007 соназ къват1ибе бач1араб Ч1анк1ал т1охьода Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул  председатель Мух1амад Ах1мадовас хъвалеб буго: «Ц1адаса Х1амзатица  гьадин хъванин – Ч1анк1а вук1ана, Мах1мудго г1адин, доб заманаялъ халкъалда жанив машгьурав коч1охъан…  Ч1анк1ал бук1унароан, адабияталда жаниб кинаб темаялда т1асан кеч1 гьабуниги, гьуинлъи гъорлъ гьеч1еб цониги раг1и»,- абун. Гьединго, гьес бицана ДРялъул Бет1ер Р. Г1абдулат1иповас «Республикаялъул даражаялда Ч1анк1а гьавураб къо к1одо гьабиялъул х1акъалъулъ» Указ  хъваниланги.

Жиндирго цееяхъиналда Баху Мух1идиновалъ бицана Ч1анк1а къват1иб ракьалда вукъун вугониги, гьесул рукъ, гьес х1алт1изабулеб бук1араб т1агел-алат адабалда, гьев къват1иве ун т1ад вуссинев вугевг1адин ц1унун  бугоан бекьеч1дерицаян.

Ч1анк1ал г1умру-яшавалъе, г1амал-хасияталъе, творчествоялъе къимат кьуна ИЯЛИялъул г1елмиял х1алт1ухъаби Ах1мад Муртазаг1алиевас, Пат1имат Г1алибековалъ, Шанисат  Х1ажиловалъ, ДГУялъул Дагъистаналъул халкъазул адабиятазул кафедраялъул доцент Маржанат Х1ажиах1мадовалъ, Бакьагьеч1и  гьоркьохъеб школалъул директор Пат1имат Х1амзатовалъ.

Цойгидазда релълъинч1ел, г1енеккаразе интересал к1алъаял рук1ана Авартеатралъул бет1ерав режиссер Х1айбула Г1абдулгъапуровасул ва районалъул  централияб больницаялъул махщел камилав тохтур, цойги къалам бег1ерав  бакьагьеч1исев – Гъайирбег  Г1алиевасулги.

Шаг1ир рак1алде щвезавулеб г1елмияб конференция г1уц1ун бук1ана, г1иц1го к1алъаяздасан гуребги, г1ат1идаб къаг1идаялда. Ч1анк1а ва гьесул шиг1раби рокьулезе гуребги, гьесул адабият дагьго гурони лъаларезеги пайда  кьоледухъ бахъун бугоан гьесул г1умру бич1ч1изе кумек гьабулеб документалияб фильм. Фильмалда бихьизабуна Бакьагьеч1и ц1унун бугеб  Тажудинил рукъ-музей, гьесул бук1араб т1аг1ел-алат, гьесул нахъе хут1арал церегосел т1ахьал, лъелго х1ежалде унеб нухал рихьизарураб карта. Гьединго фильмалда Ч1анк1ал ирсилаз Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул директор П. Х1амзатовалъ,  учительзабаз ва цогидазги бицана Ч1анк1а жанив вижараб Бакьагьеч1и росдал, живго Ч1анк1ал х1акъалъулъги.

Шаг1ир к1одо гьавизе ИЯЛИялде  рач1ана г1елмиял х1алт1ухъаби гурелги культураялъул вакилзаби. Ч1анк1ал куч1дузул берцинлъи бихьизабуна Даку Асадулаевасул фондалъул директор, машгьурав палугьан, коч1охъан Асх1абг1али Х1асановас ва халкъияй  артистка Г1айшат Тажудиновалъ ах1арал  шаг1ирасул куч1дуз. Ч1анк1ал творчествоялдасан лъик1аб церерахъин бихьизабуна Бакьагьеч1и ва Г1арада гьоркьохъел школазул ц1алдохъабазги.

Рак1алде ккола, Ч1анк1а гьавуралдаса 150 сон т1убай г1ат1идаб х1алалда районалдаги гьабилилан.

П. Гунашева.

Просмотров: 1733 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz