6 февралалда г1агараб Бакьагьеч1и школалда г1уц1адго т1обит1ана росуцояв, врач, художник, хъвадарухъан, лъик1ав инсан Г1алиев Гъайирбегилгун дандч1ваялъул вечер.
Тадбир х1адурана 4 ва 9 классазул нухмалъулел Г1алиева Зумрудил ва Мух1амадова Муслиматил х1аракаталдалъун. Махщалида вечер бачана 9 классалъул ц1алдохъаби Г1алиева Пат1иматица ва Будагилова Марямица. Ц1алдохъабаз пасих1го ва камилго ц1алана росуцоясул куч1дул, бихьизабуна врачасул махщелалъул гьит1инабго церерахъин ва гьесул х1акъалъулъ видеоролик.
Лъайгун махщел камилав, даража т1адег1анав, г1адамазе х1ажатав тохтур вук1аниги гьесул хъвадарухъанлъиялъул махщел нилъее кват1ун гурони загьирлъич1о. Амма абизе ккола гьес нилъер авар абадияталда цо ц1ай бугеб бак1 кквезе бугин. Живго г1ураб росададеги, росдал г1адамаздеги буго Гъайирбегил к1удияб рокьи. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьес хъвараб «Дир росу» абураб кеч1алъги. Гъайирбегил харбазги куч1дузги нилъ ах1улел руго хьвада-ч1вадиялъул, г1амал-хасияталъул рац1алъиялде. Гьесда рихараб буго х1елх1елчилъи, к1игьумерчилъи, гьереси бицин. Амма бищун хъубаблъун гьесда бихьула квермекълъи, чияр буголъиялде квер бегьи. Чи к1одо гьавулеб, гьев борхалъиялде вахинавулеб хасиятлъун Гъайирбегица рик1к1уна сахаватлъи, квер биччай, г1адамасе кумек гьаби. Гъайирбегил к1вах1 гьеч1еб, зах1маталъул х1асилалда бак1арана ва басмаялде бахъана бекьеч1дерил Ч1анк1адаса байбихьун жакъасел хъвадарухъабазде щвезег1ан асарал. «Бакьагьеч1и росу адабияталъул ицц», «Бекьеч1дерил бег1ераб калам», «Бекьеч1дерил маг1ихъаби» т1ахьазда Гъайирбегида к1вана росдае къиматаб рух1ияб хазина нахъе тезе, нилъеда лъазеги, раг1изеги рес кьуна бекьеч1дерил 70 хъвадарухъанасул асаразе ва гьезде ва гьезде щвана роржен.
Вечералда 9 классалъул ц1алдохъан Къадиева Асият жиндир кеч1алда гьадин рик1к1ана Г1алиев Гъайирбегит1е
Г1аламго бахилав хъвадарухъан мун,
Суратал рахъулев художникги мун.
Гьайбатал харбазул, куч1дузул устар,
Г1адамал ч1ух1ула дур х1алт1удаса.
Бекьеч1дерил к1алзул гьунар бихьизе
Маг1аби дуца данде гьаруна.
Калам берцинал, раг1и гьуинал,
Росдал г1адамазул хат1 бак1арана.
Вечералда Г1айирбегие къимат кьун к1алъазе рахъана врач Хайрулаева ва Къурамух1амадова Г1айшат, к1алъазе рахъарал киназго Гъайирбегил зах1маталъе х1акъикъияб къиматги кьун гьесие гьарана сахлъи ва творческиял бергьенлъаби.
Г1емерлъаги Гъайирбег г1адал нижее мисаллъун рук1ина ва гьездаса ч1ух1ун хьвадизе.
Г1алиева Пат1имат, Бакьагьеч1и росу, 9 класс.
|