Суббота, 20.04.2024, 11:44 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 19 » БАЧ1ИНАЛЪУЛ БАЙРАМ.
17:10
БАЧ1ИНАЛЪУЛ БАЙРАМ.

Гьамущи гьоркьохъеб школалда г1емерго тIорит1ула лъималазе пайдаял бат1и-бат1иял конкурсал, экскурсиял ва гь. ц.тадбирал.

Ц1алдохъабазги ц1акъ х1аракат бахъула гьединал мероприятиязда жигараб г1ахьаллъи гьабизе. Лъималазе хас гьабун бокьулеб байрамлъун ккола бач1иналъул байрамги. Киназего хирияб байрам т1обит1улеб къоялъ школалъул азбар ц1акъ берцин гьабун бук1ана бат1и-бат1иял ниг1матаздалъун къач1арал бечедал столазги хасалихълъиялъул костюмал рет1арал лъималазги.

Байрамалъул программаялда рук1ана бат1и-бат1иял конкурсал: бищун лъик1аб стол, овощ-к1одоч, кеч1 рик1к1ин, ах1и, хаслихълъиялъул газета ва гь. ц.

Ц1алдохъабаз овощазул гьарун рук1ана г1ужрукъал, чебурашкаби, чайникал, хьагал, каретаби ва гь. ц. Лъималазул пикру х1алт1иялъе г1орхъи бук1инч1о. Киналниги классал байрамалде лъик1 х1адурлъун рук1ана. Школалде рач1ун рук1ана умумулги . Бихьулеб бук1ана байрамалъул гьезиеги интерес бук1ин.

Конкурсалъе къимат кьезе г1уц1ун бук1ана хасаб жюри.

Т1оцебесеб бак1 щвана ч1ах1иял классазда гьоркьоб 10 классалъе, гьоркьохъел классазда гьоркьоб- 6 классалъе.

Амма г1исинал классазда гьоркьоб къец ц1акъго х1алуцараб бук1ана. Гьел цоцаздаса къеч1ого щибаб конкурсалда цере рахъана.

«Овощ - к1одоч» конкурсалда бищун к1удияб хъабахъ батана 9 классалъул ц1алдохъан Мух1амадов Мух1амадил (17,5 кг.), бищун к1удияб капуста бук1ана 6 кл. ц1алдохъан Мух1амадова Аминатил ва 7 кл. ц1алдохъан Зубаирова Аминатил (6 кг.). Кеч1 ах1изе бищунго гьунар жидер бук1ин бихьизабуна 6 кл. ц1алдохъан Г1абдулмуслимов Нурмух1амадица ва 8 классалъул ц1алдохъаби Камилова Санаца ва Мах1мудова Хадижатица.

Бищун бечедаб стол бук1ана 2, 6, 10 классазул ц1алдохъабазул. Хаслихълъиялъул газеталъе цере рач1ана 3, 5, 10 классал. Ц1акъго рек1ее асар гьабуна 9 кл. ц1алдохъан Джахбарова Пат1иматица рик1к1араб кеч1алъ. Костюмалъул конкурсалда бергьана Расулова (10кл.), Мах1ат1ова Г1айшат (4 кл.), Мух1амадсайгидов Х1ажимурад (2 кл.)

Ахиралда жюриялъул членазги х1адурун бук1ана конкурс- сюрприз. Гьеб конкурсалда бищун хадур гъураллъун ккана Махатова Г1айшат (4 кл), Гъазимух1амадова Чакар (8 кл.), Ибрагьимова Г1айшат (10 кл.).

Аслияб жо, лъимал гьеб къоялъ ц1акъ рохун рук1ана.

Хириял ц1алдохъаби ва классалъул нухмалъулел, гьарула нужее хадур гьарулел конкурсазулъги ч1ах1иял бергьенлъаби.

 

Мух1амадова Пат1имат Гъазимух1амадовна, класстун къват1ибехун гьабулеб х1алт1ул г1уц1арухъан.

 

Просмотров: 470 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz