Среда, 24.04.2024, 07:06 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Август » 24 » АВТОРАСУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ КЪОКЪАБ БАЯН
21:27
АВТОРАСУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ КЪОКЪАБ БАЯН

Дагъистаналъул мустах1икъав тохтур, г1олилазул насих1атчи, жамг1ияв х1аракатчи, районалъул газеталъул жигарав, штаталда гьеч1ев мухбир Т1алх1ат Ахъбердиевас августалъ к1одо гьабизе буго г1умрудул гьайбатаб юбилей-80 сон т1убай. Газеталъул гьудуласе сахаб, халатаб г1умруги, творческиял бергьенлъабиги гьарулаго, гъоркьехун кьолеб буго бак1 гьесул х1акъалъулъ материалалъе.

Ахъбердиев Т1алх1ат Иманшапиг1ович гьавуна 1938 соналъул 24 августалда Хунзахъ росулъ рагъулав хъулухъчиясул хъизамалда. Гьес лъабго моц1 бараб мехалъ, гьесул эмен Иманшапиг1ица хъизан бачуна жиндица рагъулаб хъулухъ гьабулеб бук1араб бак1алде. Рагъда цересел соназда гьес хъулухъ гьабулеб бук1ана Украинаялъул Львов областалъул Каменец- Струмиловка шагьаралда рек1аразул аскаралда.

1941 соналъул 22 июналда К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьараб мехалда, Т1алх1ат ургьиб лъимергун йигей эбелгун цадахъ Дагъистаналде т1адвуссуна, нухда г1емераб зах1малъиги г1акъубаги бихьун ахирги Хунзахъе щола.

Анкьго сон барав Т1алх1ат 1945 соналъ ц1ализе ана Хунзахъ росдал анкьгосонилаб школалде ва гьеб лъуг1ун хадуб, 1952-1955 соназда ц1алана Г1арани гьоркьохъеб школалда. Т1алх1атил гьит1инго бук1араб анищ т1убана 1958 соналъ Мах1ачхъалаялда Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялъул фельдшерзабазул отделениеги лъуг1изабун. Училищеялда ц1алулев вук1араб мехалъ, 1957 соналъул риидалил каникулазул заманалда студентазул отрядалда цадахъ г1ахьаллъана Казахстаналъул Кустанай областалда г1урукъарал ракьаздаса (целина) бач1ин бак1ариялъулъ. Гьениб бихьизабураб х1аракатчилъиялъухъ гьесие щола «Участнику уборки урожая на целине» абураб каранда балеб г1аламат. Училищеги лъуг1изабун г1олохъанав фельдшер 3 соналъ х1алт1ана Хунзахъ районалъул сахлъи ц1униялъул цолъиялъул фельдшерлъун. Бет1ерав тохтурас Т1алх1ат вит1ула медицинаялъул х1алт1ухъаби гьеч1ел, бищунго зах1матал участкабазде - Ч1ондокь, Т1ануси, Г1оч1ло росабазул фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул пунктазде. Гьелдаса хадув т1амуна Хунзахъ росдал участкаялъулаб больницаялъул заведующийлъун. Рак1бац1ц1адаб хъулухъалъе г1оло Т1алх1атие кьуна къиматаб сайгъат, СССРалъул Баг1араб Хъанчалъул Х1урматалъул грамота, гьесул х1алт1ул х1акъалъулъ хъван бук1ана районалъул газеталда.

Доб заманалда Хунзахъ райлечобъединениялъул бет1ерав тохтурлъун х1алт1улев вук1арав Дибирчуев Сахуца кьураб лъик1аб характеристикагун Т1алх1ат Ахъбердиев 1961 соналъ ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде. Студентлъун вугел соназда гьес жигараб г1ахьаллъи гьабулаан институталъул жамг1ияб г1умруялъулъ, деканаталъ гьесда т1адкъан бук1ана цадахъ ц1алулезул группаялъе старосталъиги.

1967 соналъ лъик1ал къиматаздалъун институт лъуг1изабурав Ахъбердиев Т1алх1ат х1алт1изе вит1ула Гъизилюрт районалъул больницаялде гьоркьобе унеб бук1араб Гъулхъутаналъул участкаялъулаб больницаялъул бет1ерав тохтурлъун, гьес жаваб кьезе кколаан сверухъ ругел хъутабазул медицинаялъул пунктазул х1алт1улги. Гьенив х1алт1улев вугеб мехалъ 1968 соналда 5 моц1алъ ц1алана тохтур-терапевтасул лъай борхизабиялъул курсазда.

Участкаялъулаб больницаялъул штатал къокъ гьаридал, 1969 соналда Т1алх1ат х1алт1изе вит1ана гочинабун г1и-боц1и хьихьулел хъутабазда ругезе хъулухъ гьабулеб хьвадулеб амбулаториялъул заведующийлъун. Гьелдаса хадув х1алт1изе вачана Гъизилюрталъул ЦРБялъул терапиялъулаб отделениялъул тохтур-ординаторлъун, х1алт1ана гьеб рехсараб отделени­ялъул нухмалъулевлъун.

1970 соналдаса нахъе х1алт1улев вуго Гъизилюрталъул ЦРБялъул, гьанже ЦГБялъул поликлиникаялъул участкаялъулав терапевтлъун.

Бат1и-бат1иял соназ ц1алана лъай борхизабиялъул курсазда: 2 нухалъ Ростовалда, Москваялда, Тбилисиялда ва чанго нухалъ Мах1ачхъалаялда.

Рак1бац1ц1адаб хъулухъалъе г1оло 1981 соналъ Ахъбердиев Т1алх1атие кьуна «СССРалъул сахлъи ц1униялъул отличник» абураб ц1ар, Германиялъулаб фашизмалда т1ад К1удияб Бергьенлъи босаралдаса 50 сон т1убаялъул х1урматалда рагъул ветераназе рак1бац1ц1адго гьабураб хъулухъалъе г1оло 1995 соналда гьесие кьуна «Дагъистан Республикаялъул мустах1икъав тохтур» абураб ц1арги. Мустах1икълъана «Коммунистияб зах1маталъул ударник», «Отличный дружинник» абурал г1аламатазе. 2008 соналдаса нахъе гьев ккола т1адег1анаб категориялъул тохтур. Гьесул каранда рана «Зах1маталъул ветеран», Бергьенлъиялъ 55, 60, 65, 70 сон т1убаялъул х1урматалда х1укуматалъ тасдикъ гьарурал медалал ва «Имам Шамил гьавуралдаса 200 сон т1убаялъул» юбилеялъулаб меседил медальги. Гьунар бугев тохтур ва к1вах1-свак гьеч1ев х1алт1ухъан мустах1икълъарал Х1урматалъул грамотабазул ва дипломазул къадар къогоялде бахуна.

2012 соналда TI. Ахъбердиевасе кьуна «Дагъистаналъул г1олилазул насих1атчи» абураб цоги х1урматияб ц1ар. 2015 соналъул июлалда гьесие щвана «За любовь, верность семье» абураб грамота ва медаль.

Цевего пенсиялде аниги, жакъаги х1алт1улев вуго. Г1ахьаллъула жамг1иял тадбиразулъ. Гьев вищун вуго Гъизилюрт шагьаралъул Ветераназул советалъул президиумалъул членлъун.

Т1алх1ат вуго Аллагьасдасан пагьму-гьунар гьарзаго насиблъарав шаг1ир ва журналист. Гьесул г1емерал куч1дул, очеркал ва макъалаби рахъана «Росдал зах1матчи», «Х1акъикъат», «Чапар», «Гъуниб», «Кизилюртовские вести», «Молодежь Дагестана», «Махачка­линские известия», «Пенсионер Дагестана» ва цогидалги газетазда, «Маг1арулай», «Гьудуллъи» журналазда. 2000 соналъ восана Россиялъул Журналистазул союзалъул членлъун. Гьелщинал басмабазул баркалалялъул кагътазегун шапакъатазеги мустах1икълъана Т1алх1ат Иманшапиг1ович. Гьесул асар камураб газет-журнал гьеч1ин Дагъистаналдагоян абуни мекъи кколаро. Хадубккунги гьединав жигаравлъун, халкъалъе пайдаявлъун вук1ине нижер божарав мухбирасе сахлъиги гьарун, лъуг1изе толеб буго гьаб макъала. Юбилейгун, х1урматияв!

Просмотров: 479 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz