Вторник, 16.04.2024, 07:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 6 » АВАРАЗУЛ КАЛАМ ГЬЕЛЪУЛ КАМИЛЛЪИ….
13:15
АВАРАЗУЛ КАЛАМ ГЬЕЛЪУЛ КАМИЛЛЪИ….

Миллат-маг1арулай, мац1 дир маг1арул,

Дир маг1арулазе ч1ух1илъун кьураб.

Шамилил, Х1амзатил, гьесул Расулил,

Гьез ирсалъе тараб дир маг1арул мац1.

 

Нилъер мац1 чидаца буго бицунеб,

Нилъер мац1 чидае буго берцинлъун,

Нилъее нилъер мац1 гьеч1о къвариг1ун,

Нилъее мац1алъул щай гьеч1еб къимат?

Заира Г1алиева

Авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъиялъул к1иабилеб республикаялъул форум т1обит1ана 22 апрелалда Мах1ачхъалаялда.

Гьениб цебераг1иялъулаб к1алъай гьабуна республикаялъул лъай кьеялъул министр Ш. Шаховасе. Цере лъурал суалазул цояб бук1ана авар мац1алъул саг1тал дагьлъизе гьаризе ругилан абураб. Гьелъие министрас гьадинаб жаваб кьуна: «Ахирисеб щуго соналъ дагьлъизе гьарич1ила гьел саг1тал, гьаризе рак1алдаги гьеч1ила, гьеб бугила гьадингосеб хабар»-ан. Цойги суал бук1ана, рахьдал мац1ал к1очон толел ругила, лъалеб гьеч1ила шагьаразда ругел лъималазда рахьдал мац1алъ к1алъазе. Гьеб кинабго бараб бугила абуна гьес, х1акимзабаздаги, муг1алимзабаздаги, эбел-инсудаги. Кьолел рук1ана гьадинал суалалги. Журнал ц1еялъул суал бук1ана бач1ун, щиб мац1алъ гьеб ц1езе кколебила абун. Гьеб бук1ана г1емерал учительзабазул, гьединго диргоги унтараб суал, щай гурелъул авар мац1алда руго цо-цо темаби г1урус мац1алде руссинаризе бажаруларел. Масала босани «Берзул глаголал», «Г1инзул глаголал» ва гь. ц. Ялъуни г1урус мац1алъ хъвараб х1адурараб программа кьезе ккела нижехъе. Ш. Шаховас гьеб суалалъе кьуна гьадинаб жаваб. Жиндир т1оцевесев заместителасул бук1анила гьединаб пикру бач1ун, гьебги хисизе гьабулеб бугила, авар мац1алда ц1езе бугила журнал.

Баху Шамиловнаялъ ах1ун рук1ун руго киналго маг1арул районазулги шагьаразулги бут1рул, амма цонигияв вач1ун ватич1о. Гьелдалъун бихьулеб бугила нилъедехун бугеб бербалагьи. Цебет1ей нилъер бук1унарила, гьадаб нилъер гьабулеб х1алт1и барал чаг1азулгун хабар гьабич1ого, гьеб бук1ана форумалъул аслияб суал. «Бокьун бук1ана гьезда гьикъизе: Щай нужее рокьуларел рахьдал мац1ал? Щай мугъ рехунч1ун ругел гьал авар мац1алъул муг1алимзабаздехун? Щай нужей бокьулеб математикаги, г1урус мац1ги, физикаги, бат1иял улкабазул мац1алги. Гьел лъазаризе квербакъила, амма рахьдал мац1ал рокьиларо». Гьеб суалалъе жаваб бук1ана жакъа нилъее бищун къвариг1араб жо тадбиралъул рак1 унтараб жо: «Жакъа нилъ данде гьарун руго нилъерго миллаталдеги мац1алдеги бугеб рокьиялъ. Дагъистан буго кьер-кьерал т1угьдуздасан г1уц1араб, т1огьол квац1и г1адаб муг1рузул улка. Жиб-жиб т1егь-жиб-жиб миллат, нилъедаги гьединаб батараб, нилъецаги гьадинго, цо т1егь-цо миллат гьоркьоса камизе биччач1ого наслабазухъе кьезе кколеб. Гьаб улка нилъеца ц1униялда нилъер умумузул щаклъиго бук1ун батиларо, гуребани анц1-анц1 соназ рагъилароан дол нилъер гьаб ракь ц1унун. Умумул рагъана ракьги, мац1ги, ц1арги ц1унун. Бегьиладай нилъеца гьанже гьеб г1одобе рехизе? К1веладай нилъеда умумузда цебе жаваб кьезе?

Коч1одалъун хъвараб докладгун цее яхъана Россиялъул рахьдал мац1алъул бищунго лъик1ав муг1алим, лъай кьеялъул отличник, нилъер ракьцояй Сарат Мух1амадовна.

Бокьула маг1арул пасих1аб мац1,

Дирго хирияб т1алъи,

Хундерил гьайбатаб ракь.

Бокьула инсул росу,

Росдал иццал ссанаби.

Т1огьолъан жиб баккараб

Сверухъ бугеб т1абиг1ат.

Бокьун буго дир рокьи

Киназего бикьизе

Живживасул рек1елъан

Гьеб рокьул кан кунч1изе.

Дир халкъалъул ях1-намус,

Бах1арчияб хасият,

Хиси гьеч1еб г1адатлъи,

Г1орхъи гьеч1еб г1аданлъи.

Дир халкъалъул гьайбатлъи

Гьезул гьунар, лебаллъи.

Жиндилъан ях1 бец1ц1улеб

Гьеб мац1алъул гьуинлъи.

Гьаб рокьул квац1и босун,

Дун классалде яч1уна,

Хириял т1анч1азе т1угьдуллъун гьеб бикьула

Ниж дарсазда рахуна

Рорхатал муг1руздеги

Муг1руздаса рещт1уна

Щобал-к1к1алабахъеги

Маг1арул гьава ц1ц1ула,

Ц1орораб лъим гьекъола.

Бакъудехун руссарал

Т1угьдузул мах1 сунт1ула.

Сарат Мух1амадовна х1алт1илей йиго Кизилюрт шагьаралъул 7 школалда, авар мац1алъул муг1алимлъун. Саратица бицана лъималазда цадахъ гьабураб «Президентасухъе кагъат» акциялъул. Гьелъ цо чанго кагъат ц1алана лъималаз хъвараб, цого к1алдисан г1адин, рук1ана лъимал к1алъалел, рахьдал мац1алъул рахъккун. Жидедаго мац1 бич1ч1уларел ва гьеб бицине лъаларел лъималгицин к1алъана гьелъул рахъккун. Гьезул рак1азулъ рахьдал мац1алде рокьи бук1ин бихьана дида. Гьанже къвариг1ун буго гьединаб рокьи гьезул улбузул рек1елъеги бач1ине. Нагагь гьеб бач1инабизе к1веч1ониги, лъимал руго нилъер бук1инесеб, гьезул рек1елъги чорхолъги бессизабизе ккола нилъеца нилъерго мац1алдеги, миллаталдеги, Ват1аналдеги рокьи. Гьеб нилъеда бараб буго, биччанте гьезул цо-цояз диктантал 2-3 къиматазда хъвазе, амма аслияб жо буго гьезул рек1елъ рахьдал мац1алде рокьи куцай. Цодагьабниги кверч1вай бугони, х1алт1иги бигьалъула, гьаб гьайбатаб, т1абиг1ат ч1аголъулеб, кьиндал кьижун рук1арал жанаваралгицин рорч1улеб г1ужалъ, к1удияб къуват бугин багъарулеб, киналго макьидаса рорч1изаризе, маг1арул мац1 хвасар гьабизе нияталда, кумек гьабизе к1веч1ониги, квал-квалниги гьабуге гьеб къуваталъе!

Бахул ах1иялъухъе

Ах1уд рахъун рач1арал,

Миллаталде къо ккедал

Цо къуват кьун рахъарал.

Къвак1арал маг1арулал,

Г1мерлъаги нуж г1адал.

Мац1азул институталъул доктор Мух1амад Ибрагьимовичас абуна мац1ал ц1унизе ккеялъул рахъалъан: «Чачаназги, татаразги, лезгиязги къимат гьабулеб бугила жидерго мац1азул. Маг1арулазги къвариг1ун бугила рахьдал мац1алъул къимат гьабизе». Масала лезгиязул районазул бут1руз лезгин мац1алъул муг1алимзабазе кьолеб бугила жидерго рахъалъан моц1и-моц1ие харжалде т1аде к1иаза-азар гъурущ. Гьединаб х1урмат гьабулеб бугила рахьдал мац1алъул муг1алимзабазул.

Бокьун буго к1удияб баркала кьезе Баху Шамиловналъе форум гьабуралъухъ. Рахьдал мац1 ц1униялъе г1оло гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ.

Гьабсаг1аталда дунялалда буго 600 азарго бат1ияб мац1. Гьезда гьоркьоса цо мац1 ракьалдаса т1аг1унеб буго щибаб анкьалъ. Гьаб г1асруялъул бащалъиялде дунялалда т1ад анлънусго гурони мац1 хут1изе гьеч1илан хъван бук1ана газетазда. Жакъа бугеб ах1вал-х1алалъухъ балагьун 20 соналдасан рахьдал мац1алда к1алъалев цониги чи вук1инехъин гьеч1о. щибха гьабилеб? Кин к1велеб нилъерго рахьдал мац1 ц1унизе. Нилъер улбуздаги лъалеб гьеч1о лъималазда рахьдал мац1 малъизе кколеблъи.

Бицунищ щивас рокъоб нилъерго бац1адаб рахьдал мац1? Ч1ух1улищ нилъерго мац1алдаса нилъер лъимал? Гьаниб бицун лъуг1иларо нилъер мац1 ц1униялъул суал. Ахиралдаги. Дир х1исабалда школазда авар мац1алде к1удияб к1вар кьезе мех щун буго. Ассоциациялъул форумалда 9абилеб ва 11 классазул ц1алдохъабазе экзаменал лъеялъул суалалда дунги разияй йиго. Гьеб буго чара гьеч1ого малъизе кколеб дарс. Нилъер руго чанги пагьмуял, бажари бугел муг1алимзаби. Методикиял ва ц1алул т1ахьал гьеч1ониги, к1вараб х1алалъ х1алт1ула гьел. Х1урматиял улбул! Дагъистаналда бугеб Ассамблеялъ киналго умумул ах1улел руго миллатал г1емераб республикаялда эбелалъул рахьгун цадахъ щолеб нилъер мац1 лъазабиялде к1вар буссинабизе. Биччанте нилъер лъималазе ва наслабазе бищунго хирияб ва къиматаблъун гьеб лъугьине.

Дагъистан ч1ух1араб к1удияб миллат,

К1удиял ишаца раг1изабураб.

Рач1а, маг1арулал, цолъизин т1олго,

Нилъер мац1 ц1унун къват1ир рахъине.

Рач1а, маг1арулал, цог1адин гъункун,

Мац1алъул даража борхизабизе!

Шаг1банова Фируза, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул рахьдал мац1алъул муг1алим, рахьдал мац1алъул цолъиялъул председатель.

 

Просмотров: 731 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz