Пятница, 19.04.2024, 02:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 3 » АВАР МАЦ1АЛЪУЛ ФЕСТИВАЛЬ.
22:05
АВАР МАЦ1АЛЪУЛ ФЕСТИВАЛЬ.

Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун, февралалъул 19 къоялъ ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Аваразул театралда тIобитIана рахьдал мацIалъул фестиваль.

Санайилаб гьеб тадбир тIобитIиялъе аслияб квербакъи гьабула МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ ва Авартеатралъ. Фестивалалда тIобитIана ункъабилеб авар мацIалда къватIибе бачIунеб басмаялъул цебебоси ва гьединго лъагIалица гьабураб хIалтIул хIасилал рихьизаруна МагIарул миллиябгун мадания автономиялъ, авар мацIалъул мугIалимзабазул ва авар мацIалда биччалеб басмаялъул ассоциацияз. БукIана фестивалалда гьединго миллияб ратIлил ва миллияб кечI-бакъаналъул байрамги.

Щибаб соналъ гIадин авар театралъул жанахI цIун букIана батIи-батIиял мухъаздаса ва шагьараздаса рачIарал магIарулазул ва гьединго цогидал миллатазул вакилзабазул.

«Меседил кверазе квалквазе рес кье» - гьединаб цIаралда гъоркь бугеб бокIон гIуцIун букIана авартеатралда араб гIасруялъул 90-абилел соназ къараб бекьечIдерил халичаби рессулеб фабрикаялъул йикIарай нухмалъулей ПатIимат МухIидиновалъ. Фестивалалда гьелъ бихьизабуна жиндир кверзул махщалил хIасилал: давагьаби, туртал, какикь тIамулел жал, квасквас лъурал юргъанал ва гIемер батIиял кверзул хIалтIаби. Гьеб кинабго кколеб буго жийго ПатIиматица ва цебе фабрикаялда хIалтIулел рукIарал руччабазул хIалтIи. ПатIимат божулей йиго, цIидасан нус-нус гIадамазе хIалтIиги кьун, бекьечIдерил фабрика нахъеги хIалтIизе букIиналда.

Тадбиралъул кидагосел гIахIалчагIи-ГьоцIалъа Шарапудин ва ПатIимат ХIажиевазул хъизамалъ щибаб соналъ хIикмалъизе гьарула Рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун тIобитIулеб тадбиралъул гIахьалчагIи ва тIаде рачIарал: устарзабаз магIарулазе хасиятал гIарцул рачалаби, гурдида рукъулел бекIал, ханжар-рачел рачIана фестивалалде, баргъичал, кIилкIал, курхьаби, хунжрул ва гIемер батIияб къайи малъичIого. ГьоцIалъ росулъ жакъа килщазда рикIкIине чагIи хутIун руго, умумулъанго бачIараб гIарцул хIалтIи гьабулел. Араб гIасруялъул ахиралда росулъ художествиял тIагIалаби гьарулел комбинат къайдал, къине лъугьана махщелги.

Фестивалалда тIобитIараб авар мацIалда бахъулеб басмаялъул цебебосиялда гIахьаллъи гьабуна республикаялъулал ва мухъазулал авар мацIалда къватIире рачIунел газет-журналазул редакцияз, басмаханаяз ва Дагъистаналъул гIелмияб централда цебе бугеб МацIазулгун литератураялъул институталъ. Авар мацIалда къватIибе бачIунеб мультимедия бихьизабуна ГIабдула Бечедовас.

СагIат 11 тIубаралдаса къаденахъелъагIан Авар мацIалъул мугIалимзабаз гьаруна лъагIалил хIалтIул хIасилал: кIиазаридаса цIикIкIун мугIалим вуго жакъа Баху МухIидиновалъ нухмалъи гьабулеб Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялда гъорлъ. Шагьаразул ва мухъазул школлъималаз бихьизабуна жидерго пагьму-гьунар кечI рикIкIиналъе, ахIиялъе, кьурди-хъаталъе ва театралияб махщалие. Балагьаразе ц1акъго рек1ее г1уна нилъер райрналъул Гьоц1алъ ва Бакьагьеч1и школазул коллективазул церерахъинал.ХIалтIул хIасилазда рекъон, къогоялдаса цIикIкIун авар мацIалъул мугIалимзаби мустахIикълъана шапакъатазе, гьединго сайигъатал ва баркалаялъул кагътал кьуна цIалдохъабазеги.

Авар мацIалъул фестивалалде рачIана цогидал миллатазул интеллигенциялъул вакилзабиги, гьез гьединго баркана ракIараразда рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун тIобитIулеб тадбир ва жиде-жидер мацIазда цIалана кучIдул.

Официалияб бутIаялдаса хадуб, Болъихъ, ГIахьвахъ, ЧIарада, ЦIумада, Гумбет ва Хунзахъ мухъаз бихьизабуна кьурди-хъат, бертадул гIадатал ва ахIана халкъиялги жакъаселги кучIдул.

Концерталъул программаялда хадуб, бакъанида МагIарул миллиябгун маданияб автономилъ хIасилал гьаруна араб соналъ гьабураб хIалтIул ва магIарул мацI цIуниялъе, тIибитIизабиялъе, тарих, гIадатал ва культура лъазабиялъе ва цIуниялъе гьабураб хIалтIухъ шапакъатал кьуна мустахIикълъаразе.

МагIарул миллиябгун Маданияб автономиялъул рахъалъ шапакъатал ва сайигъатал кьуна лъабго батIияб номинациялда рекъон:

«МагIарулазул тарих, архитектура, лингвистика, жамгIият» номинациялда автономиялъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизовас рикьана шапакъатал. Рехсезе бокьун буго шапакъатазе мустах1икълъарал нилъер районцоязул ц1арал:

«Тарих»номинациялда

Айтберов Тимур МухIамадович, гьавуна 1947 соналъ. ДГУ-ялъул доцент. Тарихалъулгун, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул кIудияв гIелмияв хIалтIухъан. Басмаялде бахъана Бакъбаккул Кавказалъул халкъазул тарихалъул хIакъалъулъ гьесул I2 тIехь. Лъала магIарул, гIурус, немцазул гIараб ва персиялъул мацIал. Эркенаб гугариялъул рахъалъ спорталъул мастер.

«Мац1» номинациялда

МухIидинова Баху Шамиловна-авар мацIалъул учительзабазул Ассоциациялъул нухмалъулей, ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикияб институталъул гIелмияй хIалтIухъан, педагогикиял гIелмабазул кандидат, «Миллат» казияталъул эбелай мухбир, рагIи бегIерай, гIакълу камилай, киназего кумекалъе ятулей Хунзахъ районалъул БакьагьечIиса яс.

«ЛъагIалил студент» номинациялда

ПатIимат Камилова (ДГПУ) - Гьей ккола БакьагьечIи росулъа. 2014 соналъ цIализе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб университеталъул филологиялъул факультеталде. Гьений цIалулеб заманалда жаниб гьелъ жийго йихьизаюна цIалудехун кIудияб рокьи бугей студенткалъун. Гьелъ, киналго мугIалимзабазул кIудияб адаб бижана гьелдехун. ПатIиматица жигараб гIахьаллъи гьабула факультеталъул жамгIияб хIалтIулъ. Рахьдал мацI цIуниялъе ва бечед гьабиялъул мурадалда гьелъ кIудияб хIаракатчилъи бихьизабулеб буго. Гьелъул хIасиллъун рикIкIине бегьула батIи-батIиял конференциязда гьелъ гьарурал докладалги гIелмиял публикациялги.

Фестивалалъул ахиралда бихьизабуна Авартеатралъул артистаз хIадурараб «МахIмуд ва Муи» спектаклальги.

 

 

Просмотров: 818 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz