Армиялда хъулухъ гьаби-гьеб ккола щивав чиясул гражданлъиялъулаб налъи. Нилъер г1олохъабаз ц1унизе ккола нилъерго пачалихъ ва гъираялда гьеб ц1унизеги ине ккола. Жакъа районцояз Ват1аналда цебе т1адаб борч т1убазабиялъул бицун нижеца гара-ч1вари гьабулеб буго заманаялъ военкоматалда ППГ ВСалъул отделениялъул начальникасул ишал т1уралев Г1абдурах1манов Мух1амадх1ажиясулгун.
Байбихьун буго т1адаб рагъулаб хъулухъ т1убазе г1олохъаби рит1иялъул хасалихълъиялъулаб компания. Бокьилаан лъазе кин гьеб нилъер районалда унеб бугебали.
-Армиялде рит1улел г1олохъабазул къадар соналдаса соналде дагь гьабулеб буго цох1о нилъер районалда гуребги, республикаялдагоги. Цебе Дагъистаналдасан 6 азаргоялде г1агарун чи вит1улев вук1арав ватани армиялде, исана 1400 чи гурого вит1улев гьеч1о, гьездасан нилъер районалдаса г1иц1го 20яв.
-Армиялде рит1улел г1олохъабазул къадар ц1акъго дагьаб буго. Кин нужеца гьенире ине г1олохъаби т1аса рищулел?
-Т1оцебесеб иргаялда босани, г1олохъабазул бук1ине ккола лъик1аб сахлъиги т1адег1анаб лъайги. Хадусеб иргаялда, г1олохъаби рит1улелъул, т1аса рищула военкоматалъ направлениеги кьун ДОСААФалъул автошколазда ц1алун шоферасул махщел щварал. Г1аммаб лъай кьеялъул школазда 11 класс лъуг1ич1ел г1олохъаби, гьединго хъизан-лъимал ругелги армиялде рит1улел гьеч1о, гьединго г1умрудул ригь 27 соналдаса т1аде арал г1олохъабиги рагъулаб хъулухъ т1убазе рачунаро.
-Г1олохъабазе армиялде ине бокьулеб бугищ?
-Т1адег1анаб лъай бугел г1олохъаби рахчарулел руго. 11 классги лъуг1ун ине бокьарал киналгоязе ресалги рекъолел гьеч1о.
-Цебе армиялда «дедовщина» бугилан абулаан. Гьанже киндай бугеб? Армиялда рук1ине кколел шарт1ал ч1езарун ругодай г1олохъабазе?
-Нижехъе рач1арал баяназда рекъон гьанжесеб армиялда кинабго лъик1 бугеблъун бихьизабулеб буго. Квана-гьекъеялъул, рега-рахъиналъул киналго шарт1ал ч1езарун руго. Гьеб рахъалъ нижехъе цониги г1арз бач1инч1о.
-Дуда кин рак1алде кколеб, щай г1олохъабазул т1адеялдаса т1аде армиялдаса рак1 буссинабулеб бугеб?
-Цебе нилъер школазда кьолаан байбихьиялъулаб рагъулаб х1адурлъиялъул дарсал, рук1ана кьвагьдолезул тирал, малъулаан автомат, г1олохъабазе кьолаан бах1арчилъиялъул, бихьинчилъиялъул дарсал. Гьезул чорхолъ бижизабулеб бук1ана Ват1аналде рокьи, ккани, гьелъие г1оло рух1 кьезеги х1адурал рук1ана гьел. Гьанже гьединал дарсал гьеч1о. Байбихьулаб рагъулаб х1адурлъиялъул дарсазул бак1алда кьолел руго т1убанго бат1иял дарсал. Патриотал кирго дагьлъулел руго.
Цо-цо умумузул разилъунгут1и бук1уна армиялде унел васазухъа медосмотр гьабулел ругилан г1емераб г1арац унилан. Гьединго армиялде рит1изе кканиги г1арац къвариг1унилан. Дуца гьелда хурхун щиб абилеб?
-Нижехъеги рач1уна гьединал г1арзал. Армиялде унел г1олохъаби рит1улел руго Мах1ачхъалаялде ВИЧ инфекция, PVW бугищали бихьизе, наркологический диспансералде, флюорография гьабизе. Гьел анализал гьаруралъухъ босулеб буго г1езег1ан г1арацги. Умумуз абулеб буго Мах1ачхъалаялде щвезег1ан рит1ич1ого, щайила нилъерго Хунзахъ централияб больницаялда гьел анализал гьаризе бегьуларел. Гьеб мехалда призывниказул, г1адада г1одобе балеб г1арац х1ажатаб мехалъ х1алт1изабизе гьезухъ жидехъго хут1илаанин. Нилъер военкоматалдасан армиялде рит1изе бокьарал г1олохъабазухъа г1арац босараб лъугьа-бахъин дида цониги данд ч1вач1о.
-Армиялде унев г1олохъанчи кинав вук1ине кколев?
-Гьев вук1ине ккола Ват1ан бокьулевлъун. Бокьарав х1алихьатие жаваб кьезе к1олевлъун, лъай бугевлъун, к1вах1-свак лъаларевлъун.
-Военкоматалъул бук1унарищ армиялде ине заман щварал г1олохъабазулгун гьабулеб х1алт1и?
-Бук1уна. Зама-заманалдасан ниж дандч1вала районалъул школазда ч1ах1иял классазул ц1алдохъабигун ва гьезие кинабго х1акъикъат баян гьабула. Гьединал дандч1ваязулги к1удияб к1вар бук1уна рагъулабгин-патриотлъиялъулаб тарбия щвеялъе.
-Баркала гара-ч1вариялъухъ Мух1амадх1ажи.
-Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.
|