Среда, 24.04.2024, 20:22 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Сентябрь » 2 » АРАЛЪУЛ Х1АСИЛАЛГУН БУК1ИНЕСЕЛЪУЛ УРГЪАЛИДА.
17:13
АРАЛЪУЛ Х1АСИЛАЛГУН БУК1ИНЕСЕЛЪУЛ УРГЪАЛИДА.

Г1адатлъун лъугьахъе, 24 августалда районалъул Культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана щибаб соналъул август моц1алда т1обит1улеб педагогазул августалъул конференция. Гьелъул аслияб мурадлъун бук1ана араб ц1алул соналъул х1асилал гьари, бач1унеб соналда цере ч1арал масъалаби лъазари, хадубккунги лъай кьей цебет1езабиялъул даража борхизаби, гьелъие ц1и-ц1иял нухал рати.

Конференциялда г1ахьаллъи гьабуна ДРялъул транспорталъул, энергетикаялъул ва бухьеналъул министрасул заместитель Юсуп Малламух1амадовас, районалъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовас, районалъул школазул, ясли-ахазул директорзабазгун заведующияз, педагогаз.

Г1ахьаллъаразда ц1ияб ц1алул сонги баркун данделъи рагьана районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник З. Х1. Г1умаровас ва бицана районалда лъай кьеялъул бугеб ах1вал-х1алалъул.

Жакъа нижеца газеталдасан кьолел руго гьесул докладалдасан къокъал баянал.

 

Районалъул лъай кьеялъул системаялда гьоркьобе уна 37 школалда цебесеб, 41 г1аммаб ва 3 т1адеги лъай босиялъул учреждение. Гьениб лъай босулеб буго 5 азаргоялдаса ц1ик1к1ун лъимералъ. Гьезие лъай ва тарбия кьолеб буго азаргог1ан педагогас.

Школалда лъималазул ц1алуда хадургъей дурусаб бук1уна, гьезие школалда цебесеб лъайги лъик1аб щун бугони. Гьединлъидал умумуз жигар бахъула кинаб рес батунги, лъимал ясли-ахазде рит1изе. Амма районалда, киналго х1ажалъиялде ккарал лъималаздасан 76 проценталъул гурого ясли-ахазде ине рес рекъолеб гьеч1о. Райцентралда ва гьелда г1агарал росабалъ ясли-ахазда лъималазе бак1ал г1оларого руго. Гьединлъидал гьениб лъимал ясли-ахазде росиялъе муниципалияб даражаялда электронияб иргаги ч1езабун руго. Гьелъ рес кьолеб буго рек1к1 гьоркьоб гьеч1ого, рит1ухъаб къаг1идаялда лъимал ясли-ахазде къабул гьаризе.

Т1убараб ц1алул соналъго г1емераб х1алт1и гьабуна ясли-ахазда лъималазе ц1ик1к1ун бак1ал рук1инариялъе г1оло. Гьедин, г1исинал ругониги, т1адеги рагьана К1ахъ, Ч1ондокь, Моч1охъ ясли-ахал, ругезул хиса-басиял гьарун, т1адеги 60 лъимералъе бак1 гьабизе к1вана.

Школалда цересел учреждениязда рахъи кьолеб лъай бук1инабиялъе г1оло, гьаб соналда ясли-ахаздаги гьабулеб буго Федералияб пачалихъияб лъай кьеялъулаб стандарт. Гьединлъидал жакъа къоялда жаниб к1вар бугеблъун ккола стандартазда рекъон лъай кьеялъул х1алт1ул план, лъай кьеялъулал программаби, нормативияб база, х1алт1ухъабазе тарифалъулалгин-квалификациялъулал характеристикаби, инструкциял х1адури.

Араб соналда ккараб к1вар бугеб хиса-басилъун ккола байбихьул школалги т1уранго лъай кьеялъул ц1иял стандартазде рач1ин. Байбихьул классазул учительзабазул 95 проценталъ лъуг1изаруна ц1иял стандартазда рекъон ц1али бачинелъул лъай борхизабиялъул курсал. Школалда лъаялъул даража борциналъе аслияллъун ккола ц1алдохъабазул ЕГЭялъул ва ОГЭялъул ккарал х1асилал. Араб соналда ккарал х1асилаздасан бихьулеб буго нилъер педагогал лъик1 х1алт1ун рук1ин. Хасго лъик1ал х1асилал рихьизаруна г1урус мац1алъул ЕГЭялда-Бакьагьеч1и, Хунзахъ школа-интернаталъ, Харахьи, Хунзахъ №1, Лъаг1илухъ, Г1ахьалч1и гьоркьохъел школазда.

Математикаялъул ЕГЭ лъик1 кьуна-Х1ариколо, Буц1ра, Ц1иябуц1ра, Лъаг1илухъ, Гьоц1алъ, Г1ахьалч1и, Харахьи, Хунзахъ №1, Бакьагьеч1и гьоркьохъел школазда. Араб ц1алул соналда 23 школа лъуг1ун унел ц1алдохъабазе щвана «Ц1алулъ рихьизарурал лъик1ал х1асилазе г1оло» медалал ва хасал аттестатал. Гьаб ц1алул соналда г1аммаб гьоркьохъеб лъай кьеялъул документ щвана ц1алдохъабазул 93,7 проценталъе. ЕГЭ кьолев вук1арав 143 ц1алдохъанасдасан 9-ясда кьезе к1веч1о. 4-ясул рес буго сентябрь моц1алъ ц1идасанги гьеб кьезе.

9-лел классаздаги ОГЭ кьуна лъик1ал х1асилалги рихьизарун. Г1урус мац1алъе ккана 100 процент, математикаялъе 99 процент.

Лъай кьеялда модернизация гьабиялъул суалалги т1уразарулаго, к1удияб к1вар кьолеб буго пагьму-гьунар бугел ц1алдохъаби, педколлективал рат1а гьариялде. Гьелъие г1оло т1орит1ана интелектуалиял, творческиял конкурсал, предметазулал олимпиадаби, г1елмиял конференциял-«Бук1инеселде гали», «Лъаг1алил ц1алдохъан» ва гь.ц.

Творческияб къаг1идаялъ х1алт1улел учительзаби ва тарбиячаг1и загьир гьаризелъун щибаб соналда т1орит1ула «Лъаг1алил учитель», «Лъаг1алил воспитатель», «Унго-унгояв классалъул нухмалъулев», «Бищунго лъик1ав рахьдал мац1алъул учитель» ва цогидалги конкурсал. Гьединал конкурсаздаги нилъер районалъул ц1алдохъабазгин учительзабаз бихьулеб бут1а лъола. Гьедин, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул рахьдал мац1алъул учительница Шаг1банова Фирузаца республикаялъул «Бищунго лъик1ав рахьдал мац1алъул учитель» конкурсалда босана 1-себ бак1. «Лъаг1алил воспитатель-2017» конкурсалда муниципалияб этапалда финалалде йорч1ана Ц1ада росдал ясли-ахалъул воспитательница Г1алиева Г1азра. «Унго-унгояв классалъул нухмалъулев» конкурсалда районалда бергьенлъи босарал ч1ах1иял классал рачуней Насрулаева Людмила (Лъаг1илухъ СОШ) ва байбихьул классазул учительница Х1асанова Пат1имат (Т1агьада СОШ) рахъана республикаялъул этапалдаги призераллъун.

Г1урус мац1алъул ва литератураялъул олимпиадаялда районалда бергьенлъиги босун республикаялда г1ахьаллъарай П. Абакарова (Г1обода), математикаялъул олимпиадаялда бергьарав Г1абдурах1манов Ах1мад (Гьоц1алъ) ва Х1абибова Пат1имат (Г1обода) г1ахьаллъана республикаялъул конкурсаздаги.

Рохизе ккараблъун ккола, нилъер районалъул ц1алдохъабаз 40 республикаялъулаб конкурсалда г1ахьаллъиги гьабун, лъик1ал х1асилалги росун, бат1и-бат1ияб даражаялъул грамотабигун т1ад руссун рук1ин.

Риидалил каникулазул заманалда районалдаса 450 ц1алдохъанас х1ухьбахъи гьабуна республикаялъул бат1и-бат1иял лагеразда. Ц1алул соналда жаниб районалдаса 25 отличникасе рес щвана халкъазда гьоркьосел «Артек» ва «Орленок» лагеразда х1ухьбахъи гьабизе.

Республикаялда т1орит1улел спортивиял тадбираздаги районалъул спортсменаз кидаго цересел бак1ал росула. К1иго соналъ т1ат1алаго нилъер учительзабаз республикаялъулаб спартакиадаялда 1-себ бак1 ккуна.

Районалъул школазда ругел автобусаз 100 ялдасаги ц1ик1к1арал ц1алдохъаби раччула жиде-жидер школазде.

2016-17 соназда хинаб квен кьолеб бук1ана 1167 байбихьул классазул ц1алдохъанасе, 100 ялдасаги ц1ик1к1ун ч1ах1иял классазул ц1алдохъабазеги.

Лъай кьеялда рихьизарурал лъик1ал х1асилазе г1оло районалъул бет1ерасул х1урматалъул грамотабаздалъун к1одо гьаруна Мах1мудова Раисат-Хунзахъ №1 школа, Саг1идова Парханисай-Г1орут1а, Патах1ова Салих1ат-Г1арани, Г1алилмух1амадова Сидрат-Хунзахъ №2, П. Исмаг1илова-Буц1ра, П. Къурамух1амадова-Г1ахьалч1и, Ибрагьимов-Ц1иябуц1ра, М. Нух1ов-Буц1ра, А. Нажуева-Г1обода, П. Г1алиева-Ц1ада.

Искусствалъул школалъул преподавателал: А. Х1ажиева, Н. Мусалаева, М. Дарбишев.

Лъималазул творчествалъул рукъалъул х1алт1ухъаби: Н. Х1асанов, М. Раджабов.

Докладалъул ахиралда З. Г1умаровас баркала кьуна районалъул киналго лъай кьеялъул х1алт1ухъабазе, бихьулеб къоялде рач1инч1ого лъик1ал ремонтал гьарурал коллективазе ва хасго т1адег1анаб культурагин камилаб лъай бугев инсан куцалелъул бихьулеб бут1а лъурал педагогазе.

Ц1ияб ц1алул соналда лъик1 х1алт1изе гъирагун, къасдалгун лъуг1ана педагогазул конференция.

Саг1ат лъик1аб батаги, хадубккунги бергьенлъабиги, церет1еялги, нужее.

Н. Г1алиева.

Просмотров: 640 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz